«Хӏакъикъат» газеталъул цебесеб номералда бицун букӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз РФялъул Конституциялда гьарулел хиса-басиязул рахъ ккунин.

Гьезда гьоркьоб буго президентлъиялъул болжалалда хурхараб суалги. Гьелда тӏасан кӏалъалаго, Пачалихъияб Думаялъул депутат

Валентина Терешковалъ загьир

гьабуна, жакъасев ахӏвал-хӏалалда бан, Россиялъе хӏинкъи бугин ракӏалдаго гьечӏеб жо ккеялда, гьединлъидал хӏажат бугин жинде мугъчӏвай гьабизе бегьулеб цӏуна-къайилан. Гьединаб цӏуна-къайлъунги гьелда бихьулеб буго жакъасев президентасул хъулухъ ва гьеб хъулухъалда вугев халкъалъул цевехъанасул къадру-къимат. Гьединав чилъунги Терешковалда вихьулев вуго улкаялъул президент Владимир Путин.

«Рачӏа, ракӏалда бугеб жо рагьун абизе. Къваригӏун буго президентасул болжалалъе Конституциялда бихьизабураб гӏорхъичӏваялдаса инкар гьабизе ялъуни лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ гьеб шартӏ цебе лъолеб батани, гӏадамазеги бокьун батани, гьанже вугев президент цоги нухалдаги гьеб хъулухъалде вищулеб нух батизе», — йилан абуна Терешковалъ.

Гьебго къоялъ, 10 марталда, Пачалихъияб Думаялда кӏалъарав президентасги абуна гьелъие цин Конституциялъул судалъ къимат кьезе кколин.

Конституциялъул судалъ гьеб масъалаялъул рахъ ккуна ва гьеб хӏукму къабул гьабуна РФялъул Федерациялъул Советалъги.

Бесдалалги сакъаталги гӏадамал лъикӏаб бералда рихьана

«Дагестан без сирот» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулей Раисат Гӏусмановалъ абуна жиндие гьел хиса-басиязда гьоркьоб рекӏее гӏунила социалиял масъалаби тӏураялъул бицунеб лъабго пункт.

«Конституциялъул 67-абилеб статьяялда буго цо пункт — тӏалаб гьабизе чи гьечӏого хутӏарал лъималазул тӏалаб-агъаз гьабизе гьанже пачалихъалъ жиндаго тӏаде босулеб бугилан абураб. Гьединго, цӏияб жо-лъун ккола хъизамал, улбул ва жалго лъимал цӏунизеги тӏаде босулеб бугин абураб бакӏ. Гьенибго абулеб буго ригьин гьабиялъул бугеб къиматги пачалихъалъ хӏисабалде босулеб бугин. Гьеб хӏакъикъаталдаги рохизе ккараб хӏужа буго.

Цӏиял хиса-басиязда бицен гьабулеб буго 114-абилеб статьяялъул тӏоцебесеб пункталъулги. Сакъатал гӏадамазе чӏезарулел бигьалъабиги гьезул ихтияралги пачалихъалъ хасаб кӏвар кьеялде гъоркье росулел ругин хъвалеб буго гьениб.

Гӏемерал соназ бесдалазул тӏалаб-агъаз гьабулей гӏадан хӏисабалда, цогидаздаса лъикӏ дида лъала квачакъал гӏадамазул къварилъи-гӏатӏилъи, пачалихъалъул кумек щвелародайилан хьулазда гьел рукӏунеб куц. Гьединлъидал дида ккола гьел хиса-басияз гӏемерав чиясул ракӏ бохизабизе батилин».

Халкъ ругьунлъун буго президентасде, амма…

Жамгӏияв хӏаракатчи Гӏисал- мухӏамад Набиев: «Жакъа Конституциялъ дуе кьун бугеб ихтияр данде кквезе бегьула мунго бетӏергьанаб буголъиялда. Мисалалъе, дур рокъореги рачӏун, спичкадул къали кодоса бахъулеб бугони, дуца гьеб биччазе гьечӏо. Амма ихтияр кодоса бахъулеб бугони, гьеб цӏунизе жеги нилъ ругьунлъун гьечӏо. Дур буголъи — дур бечелъи кколин абураб пикру щулалъун гьечӏо гӏадамазулъ. Гьединлъидал жакъа Конституциялда гьарулел хиса-басиял жиндие рекӏее гӏоларилан къватӏиве вахъунев чи нилъер гьечӏо.

Гьеб хӏисабалде босун букӏин-чӏебани, тӏалъиялъги гьел хиса-басиял гьарулароан. Хиса-басиял гьаризе гьез къасд гьабуна халкъалъул дандечӏей букӏунареблъиги лъан.

Жакъа тӏалъиялде Путинил бакӏалде цоги чи вачӏани, гьесда щибниги хисизабизе кӏвеладай, рукӏа-рахъин лъикӏлъиладай, бигьалъи бачӏинадай абурал пикрабаз рахӏат толеб гьечӏо гӏадамазе», — йилан рикӏкӏунеб буго жамгӏияв хӏаракатчияс.

Россиялъе пайдаяб иш батаниги…

Микагӏил Микагӏилов, блогер ва жамгӏияв хӏаракатчи: «Конституциялде росарал хиса-басиязул магӏна цо-цоязе рекӏее гӏечӏо, гьелдалъун Путинил рейтингалги гӏодоре ккана.

Россиялъе пайдаяб иш гьаб батаниги, гӏадамазе гьелдасан кинаб пайдадай бугоян баянал кьезе кколаан.

Рабадан Мухӏамадов, гӏалимчи, археолог: «Президентасул хъулу-

хъалъул болжал хутӏун, цогидал лъикӏ къабул гьаруна. Дир хӏисабалда, 24 сон гӏунги тӏокӏаб буго цо чи пачалихъалъул бищун тӏадегӏанаб тахида хважаинлъун вукӏине».

Мадугьалгун гьуин вукӏа

Исмагӏил Гъазимухӏамадов, Цӏумада райсобраниялъул депутат: «Гӏамм гьабун босани, гьел киналго хиса-басиязул магӏна буго пачалихъалъул тӏалъиялъ жиндирго хъулухъ щула гьабизе ресал ралагьулел рукӏин.

Кӏиабизе босани, гьелъул цоги мурад буго — халкъазда гьоркьосеб аренаялда, Россиялъ, пачалихъ хӏисабалда жиндирго бакӏ борхатго кквей. «Ле», — ян абурав чиясда, «я», — йилан абизе кӏолеб даражаялда президентги пачалихъги букӏин. Гьединаб даража цӏакъ хӏажат буго жакъа Россиялъе.

Гӏадатияб халкъалъ кин гьел хиса-басиял къабул гьаруралин абуни, гьениб цо ккураб пикру букӏине рес гьечӏо. Рекӏее гӏуралги ратила, гӏечӏелги ратила. Гӏемерисез гьеб къабул гьабун батилин ккола дида».