Кида бижараб оцбаялъул байрам? Кин гьеб жеги цӏунун хутӏараб? Гьел суалазе жаваб балагьизе нилъ лъугьинаро. Лъалеб жо буго ислам тӏибитӏилалдего гьеб гӏадат букӏараблъи, баянаб буго мугӏрул халкъалъе бокьулеб байрам букӏинги. Гӏасраби свераниги, хурзал рекьулел гьечӏониги, байрам цӏунун хутӏун буго.
Цебеселъул бицинчӏого, жакъасеб сундаха данде кквелеб?
Дир заманалъул лъималазда ракӏчӏун лъалаан лъагӏалида жаниб ункъо нухалъ цӏияб ретӏел щолеблъи. Гьезул цояб — оцбанкъо, хутӏарал — кӏалбиччанкъо, маялъул байрамал, тӏоцебесеб сентябрь.
Байрамал гӏагарлъулел къояз, гъансил тӏала рагьун хъирщараб ххамги къвалакь ккун, рекерулаан гурде букъизе, росулъго бищун лъикӏай устаралъухъе. Гьелъ цониги лъимер мурад тӏубачӏого нахъчӏваялъул яги лъихъаниги мухь босиялъул хабар букӏунароан.
Чӏахӏиял школлъималаз гӏисинал куцан гӏуцӏараб концертги камулароан оцбанкъоялъ росдал майданалда. Гьеб концерт хӏадуриги букӏана кутакалда балъго гьабулеб иш. Лалал тӏамулел, тӏощел бакӏарулел росдал гьоцӏабазул авалалда рукӏунаан церерахъиналъе куцалел. Аслияб хӏалтӏи гьабулаан тӏощалидаса эркенлъарал пажазда жаниб. Генералияб репетициялъе, бищунго гӏадамазул бердаса хьвараб бакӏалда бугеб, гьоцӏиреги рахъунаан.
Оцбанкъо хӏакъикъаталдаги букӏана чӏахӏиязегун гӏисиназе рохел кьолеб росдалго байрам. Берцинго къачӏарал, тӏад цӏулакьо бекьарал гьуинал чадил горал режулеб махӏ къватӏахъго букӏунаан тӏибитӏун.
Гӏурдаллъи цӏилъилалде ракьулъе мугь хьан росдал хӏурматиял харабаз иргадал кьолеб пурцил гӏоркь, хур цӏун бачӏаги, баракатгун рахӏмат цӏикӏкӏагиян дибирас гьабулеб дугӏа. Гьелда хадурго гъун хараби, лъимал рекерулел къецал, гӏолилазул тирилъигун къуват борцунел хӏаял. Бергьенлъи босаразул горбода ралел дол гьуинал горалги рукӏинарищха. Ясаз ахӏулеб кочӏохъе миллияб кьурдул свери, разиял гьурмал, махсара-хочӏ, рохалилаб ахӏвал-хӏал.
Жамагӏаталъе бикьизе щибаб рокъоса бачӏараб садакъаялъул гьарзалъи. Реччебалда буцараб гӏатӏал панкъал — тӏад нахги цӏамги бахарал гьезул тату гӏумруялъ кӏоченаро! Хӏухьлахунел могьол хьагал, нисугун нах жубан буцараб тӏех, гӏанкун цӏоросаролъил чӏер, чамасдакӏгӏан гьуинаб бакъвараб гени, нагагьазул рокъоб цӏунун хутӏараб хасалил гӏеч, цӏулакьо, дагьаб бугониги кампет-печеня. Камулароан цо-цо бакӏалъулал чемпионазе гъурщал рикьулел чагӏиги.
Оцбанкъо — гьеб букӏинчӏо умумуз гӏицӏго рекӏелгъеялъе ургъараб аваданаб байрам. Хаселги нухда регӏун, ихдалил хӏалтӏабазде каву рагьулеб бугин рагӏизабулеб къо букӏана гьеб. Цӏилъулеб тӏабигӏаталда цадахъго гьеб байрамалъ чӏаголъизарулаан кьиндал гъасда хинлъун бакӏлъарал чурхдул, цӏикӏкӏинабулаан магӏишат-яшавалде гъира.
Кинха тӏобитӏулеб бугеб гьеб мугӏрул росабалъ? Бугищ гьениб цӏунун жиде-жидее хасиятаб къагӏида?
Ихдалил хӏалтӏабазе
байбихьийищ, байрамищ?
Оцбаялъул байрамалде хӏадурлъулел ратила цо-цо росабалъ. Гӏемерисел бакӏазда гьеб байрам тӏубанго кӏочонги тана.
Нилъер заманалда оцбанкъо хутӏун буго аслияб байрам хӏисабалдаян абуни, мекъи ккеларо. Гьебги квеш гьечӏо, жамагӏат данделъулеб буго, хурзал рекьичӏониги, бугониги цо-цо хаслъиги цӏунун буго. Мисалалъе рехсела Шамил районалъул цо-цо росабалъ их чӏеялъул байрам тӏобитӏулеб къагӏида.
Гьал ахирал соназда Гьоориб росдал оцбанкъо республикаялъулго байрамалде сверун бугин абизе бегьила. Гъираялда рещтӏуна гьеб къоялъ гьаадерил ракьалда, басрияб Къахӏиб ва Басрияб Гьоор росабазул архитектураялъ асир гьарурал, рикӏкӏен гӏемерал туристал. Миллияб спорталъул къецал, аваданлъи, сухӏмат. Гьеб рахъалъ гьаадериде вахарав чиго ватиларо магӏарулазул. Тӏолабго байрам нухда бачине тӏаде босула цо хъизамалъ. Исана оцбай тӏобитӏулес тӏадеялъул ирга бугев вихьизавула.
Хучада росулъги кӏудияб чӏаголъиялда тӏобитӏула их чӏеялъул гӏуж. Магӏарухъ яшав гьабун цӏакъго дагьал гӏадамал ругониги, оцбанкъоялъ гӏалам рещтӏараб хӏал букӏуна гьениб лъарагӏлъиялдаса росуцоялги рачӏун. Гьезулгӏан аваданаб, магӏнаяб оцбай магӏаруллъиялдаго хутӏун батиларо. Гьезул хаслъиялъул цебеккун чанцӏул бицунги букӏун батила нижеца. Оцбанкъоялъ хучадисел магӏарухъе рачӏуна балугълъиялъул гӏужде рахарал жидерго васалги рачун. Хӏалбихьула гьезул тирилъиялъул, къуваталъул. Жамагӏаталъе хӏажаталлъун жал рукӏине ругин гьа бала гӏолилаз халкъалда цебе.
Палугьаби, кечӏ-бакъаналъул гьунарчагӏи ахӏун, бечед гьабула хӏотодисез жидерго оцбанкъоялъул байрам. Пуруц нахъа барал оцаздаги гьениб бер чӏваларо, рахъ базе чу камунги хутӏуларо. Амма гьеб рахъниса хасалихъе бачӏин бакӏарулищ — бакӏаруларищали баян кьезе кӏоларо.
Хӏамул рараб пурцил,
унго, сурукълъи
Чанги росабалъа гӏарзал рагӏана оцбанкъо тӏобитӏи хвезе тунилан бегавулзабазде гӏайиб чӏван. Амма рагӏуларо гьезул зигарди рехун тарал мегъазул, байрамкъоялъул рахъ базениги росулъ гӏезаруларел оцазул бицун.
Советияб заманалда бекьарулеб нусгогӏанасеб рукь букӏараб магӏарул росулъ пуруц базе цохӏониги оц гьечӏо гьанже хутӏун. Рекьуе гьел квегъизе, куцазе лъалел гӏадамалцин лъугӏулел руго.
Хӏалтӏизарулев чи гьечӏого, гӏалхуда ругел хӏамул пурцида ран картошка бекьулелги рихьана бакӏал. Оцазул рехьед хьихьун ругьунал умумузул наслабазда гьеб рекъон гьечӏеб куцха!
Кӏудияб улка биххиялда цадахъго мегъал чӏунтизе теялда хӏикмалъула. Пикру гьабе, магӏарулал, щибго пайда босичӏого чӏобого бугебщинаб ракьул!
Жидер мугъалъ баччун умумуз гъогъодаса рацӏцӏад гьарурал дол хурзабахъе сухъмахъалцин ратуларо гьанже, харица рацун руго гьел. Рецичӏого сагаби хутӏулел руго ракъвазе. Рукӏинчӏел гӏадин лъугӏана тӏорщалил цӏурал пажал, бер чӏваларо магъилъ гъобазда. Лал тӏами щибали лъаларо гӏолилазда, лулбузда рекӏун букӏунеб рахӏат бихьуларо гьитӏичазда. Гьедин буго цӏикӏкӏунисел бакӏазда, наккдалъ рукӏкӏен гӏадин хъирщани гурони, ратуларо тӏорщалил хурзалги, харибакӏазда ясалги.
Гӏажаиблъи гьечӏищ, гьеле гьединал росабалъ оцбаялъул байрамалги тӏоритӏула кӏудияб ихтилат-кепалда.
Лъикӏищ гьеб, квешищ? Лъикӏ батила, щиб багьана батунги, жамагӏат данделъи, гӏадамал рохизари.