Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас.
Унсоколо районалъул Цӏатӏанихъ росулъа бачӏараб кагътида цӏехолеб буго: «Дун ккола 1999 соналъул август-сентябрь моцӏазда Болъихъ ккарал рагъазул гӏахьалчи, руго шапакъаталги. Дун ккола захӏматалъул ветеранги. Лъазе бокьилаан, дица токалъухъ гӏарац кьезе кколищали?»
— Федералияб законалда рекъон, хӏукуматалъул кинаб букӏаниги бигьалъи щвеялъе, тӏоцебесеб иргаялда, дур букӏине ккола рагъул гӏахьалчиясул статус. Жеги къабул гьабун гьечӏо 1999 соналъул август-сентябрь моцӏазда ккарал рагъазул гӏахьалчагӏазе пуланал бигьалъаби рукӏине кколин абураб федералияб закон. Гьединлъидал, закон къабул гьабизегӏан, сабруялда рукӏине ккела.
Захӏматалъул ветеранасе гьабулеб социалияб бигьалъи хӏисабалда, 2020 соналда тӏадбуссинабула коммуналиял хъулухъазухъ, ай лъехъ, газалъухъ, токалъухъ ва кьишни нахъе баччаралъухъ кьураб гӏарцул 50 процент.
«Лъазе бокьилаан больницаялда вегарав чи тохтурас дараби росизе тӏамулев вугони, ФОМС щай къваригӏун бугебали?»
— Медицинаялъулаб полисалда рекъон, больницаялда вегарав чи чӏового сах гьавизе ккола, гьеб мурадалда ФОМСалъ больницаялъе гӏураб гӏарацги биччала. Къокъго абуни, бетӏерав тохтурас жаваб кьезе ккола унтарал сах гьариялъе къваригӏунел дараби больницаялда чӏезариялъул. Тохтурас дараби росизе тӏамулев ватани, ахӏе ФОМСалъул «горячая линиялъул» гьаб номералде: 8-800-2222-905.
«Дун кида ва кив дандчӏвазе бегьулев депутатгун?»
— Депутатал рукӏуна батӏи-батӏияб даражаялъул: Пачалихъияб Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул, шагьаралъул, районалъул ва росдал собраниязул. Дур къваригӏелалъул кӏваралъухъ балагьун, тӏаса вищизе ккола дандчӏвазе бокьарав депутат. Масала, Пачалихъияб Думаялъул депутатгун дандчӏвазе бегьула Махӏачхъалаялъул аслияб майданалъул хьибилалда бугеб ДРялъул профсоюзазул минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда бугеб кабинеталда. Гьениб жанахӏалъул къеда чӏван буго гӏадамал тӏаде къабул гьариялъул график, гьелда бихьизабун буго дандчӏвалеб заманги.
«Сакъатлъи чӏезабулелъул ришватал росуниланги абун, цо-цоял жанир лъун рукӏана. Лъазе бокьилаан гьезул къисмат».
Дагъистаналда тӏатинавуна гьересиял справкабазда рекъон сакъатлъи чӏезабурав анлъазарго чи. Гьеб такъсир тӏатинабуна медицинаялъулгун социалияб экспертизаялъул хӏасилалда. Гьелдалъун республикаялъул боджеталъеги тӏокӏлъана 1,7 млрд гъурущ.
Гьеб ахӏи-хӏуралдалъун Дагъистаналда къана МСЭБялъул лъабго филиал. Гьез чӏезарурал «инвалидазул» делабазул хӏисаб-суалалъул хӏасилалда МСЭБялъул 27 хӏалтӏухъан хӏалтӏудаса рехана, анлъгояв пенсиялде витӏана. Закон цӏунулезул тӏалабалда рекъон, судалъ чӏезабуна МСЭБялъ 270 чиясе гьересияб документ кьун букӏин. Дагъистаналъул МСЭБялда сверухъ букӏараб ахӏи-хӏур, тӏоцебесеб иргаялда, хурхараб букӏана гьелъул нухмалъулев Мухӏамад Махӏачев тамихӏалде цӏаялда. Жакъа гьев туснахъалда вуго. Цӏех-рехаз чӏезабуна, гьересиял документазда рекъон, гьереси-инвалидлъи гьабуразе республикаялъул пенсиялъул фондалдаса 27 млн гъурущ кьун букӏин.
«Цӏияб законалда рекъон, квитанциял цӏунун ругони, 2020 соналдаса байбихьун, аптекабаздаса росарал дарабазухъ кьураб гӏарац хӏукуматалъ тӏадбуссинабулин абулеб буго. Дараби бокьараб аптекаялдаса росизе бегьулищ, гӏарац кин ва лъица тӏадбуссинабулеб?»
— Гьеб программаялда гьоркьоре уна официалияб къагӏидаялда хӏалтӏулел ва налогал кьолел, ай щибаб моцӏалъ пачалихъалъул бюджеталде НДФЛ рехулел чагӏи. Жидерго гуребги, гьез тӏадбуссинабизе бегьула гьезул бищунго гӏагарал чагӏаз (росас, лъадуца, улбуз ва балугълъиялде рахинчӏел лъималаз) хӏукуматалъул аптекаялдаса дараби росун хвезабураб гӏарацги. Гьеб бигьалъиялъул аслияб тӏалаб ккола официалияб къагӏидаялда хӏалтӏулел рукӏин ва жиндир заманалда налогал кьей.
Тӏадбуссинабулеб гӏарцул къадар бараб букӏуна дараби росулаго кьураб гӏарцуда. Масала, щибаб моцӏалъ дуца налогалъе кьуна 40 азарго гъурущ, лъагӏалие дараби росун ана 39 азарго гъурущ, компенсация хӏисабалда тӏадбуссинабула 5,07 азарго гъурущ, ай дарабазухъ хвезабураб гӏарцул 13 процент.
Гьеб компенсация щвеялъе налогазул инспекциялде кьезе ккола, «Для налоговой, ИНН» абун тӏад бихьизаби бугеб, тохтурас хъвараб рецепт, гьелда цадахъ букӏине ккола дарабазухъ кьураб гӏарцул къадар бихьизабураб чек. Жеги къваригӏуна налог кьеялъе нугӏлъи гьабулеб декларация, хӏалтӏулеб бакӏалдаса харжалъул къадаралъул ва налогазул хӏакъалъулъ справкаби. Аслияб жо, микроскопалда гъоркь лъуниги, бихьулеб хӏалалъ компенсация тӏалаб гьабиялъе документал ракӏариялъе къваригӏуна маххул нерваби.
2020 соналъул тӏоцебесеб июлалдаса нахъе компенсациялъул гӏарац карточкаялде рехула.
«Хъутаналда гӏумру гьабун вугев чиясул ихтияр бугищ 15-20 соналъ жаниб гӏумру гьабун вугеб минаялъул хважаинлъун вахъине, ай рукъалъул «зеленка» гьабизе?»
— РФялъул Жилищнияб кодексалъул тӏалабалда рекъон, рукъалъул цоги хважаин гьечӏони, законалъ изну кьола гьеб минаялда жаниб гӏумру гьабун вугев чи гьелъул хважаинлъун вахъине. Батӏияб суал ккола, хъутаналда хӏалтӏулевинги абун, заманалда жанив чӏезе кьураб рукъ бугони, ай ведомствоялъулаб абулеб рукъалъул «зеленка» гьабизе гьесул ихтияр букӏунаро.
Гьадинаб суалалъе чӏванкъотӏараб жаваб кьун бажаруларо, щайгурелъул мухӏканаб цӏех-рех гьабун гурони, гьелъие хӏукму къотӏизе бегьуларо.
«Дун хӏалтӏулев вуго чамалиго идараялда. Цо идараялда хӏалтӏулев вуго захӏматалъулаб къотӏи-къаялда рекъон. Цӏияб законалда рекъон, пенсиялде унаго, дун хӏалтӏулел киналго идарабаздаса щолел харжазул хӏисаб гьабулищ?»
— Официалияб къагӏидаялда киналго идарабазда хӏалтӏулев ватани ва хӏалтӏикьолез дур цӏаралда пенсиялъул фондалде страховиял взносалги ритӏулел ратани, пенсия чӏезабулаго хӏисабалде росула мун хӏалтӏулел киналго идарабаздаса щолел харжал. Амма лъазе ккола, пенсиялъул фондалде ритӏарал взносазул хӏисаб гьабулаго, лъагӏалие щолеб харжалъул роценалъул гӏорхъичӏвай букӏунеблъи. Гьелъул роцен щибаб соналъ хисула, масала, бищун цӏикӏкӏараб ккола 815000 гъурущ, ай моцӏрое щолеб гӏаммаб харж 67000 гъурущ. Гьелъул магӏна ккола официалияб къагӏидаялда дуе гьелдаса цӏикӏкӏун харж щолеб батани, 815000 гъурущалдаса кьурал взносазул гурони, хӏисаб гьабуларо пенсия чӏезабулаго.