Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул востоковедениялъул факультеталда гӏараб мацӏалъул кафедраялда кӏудияв преподавательлъун хӏалтӏулев вуго Болъихъ районалъул Гӏанди росулъа Азарцун Мухӏамадов.
Анлъабилеб классалда цӏалулев вугеб мехалдаса нахъе байбихьана Къуръан цӏализе ва гӏараб гӏелму лъазабизе. Гӏагараб росулъ ва Болъихъ мадрасабазда цӏалун лъай камил гьабуна гьоркьохъеб школа лъугӏун хадубги жеги щуго соналъ. Лъикӏал гӏалимзабазда цеве цӏалун рухӏияб рахъалъ гӏураб лъай щварав Азарцун 1998 соналда цӏализе лъугьана Дагъуниверситеталъул востоковедениялъул факультеталъул лингвистикияб отделениялде. Тӏокӏлъиялда гьеб лъугӏизабурав А. Мухӏамадов гьенивго хӏалтӏизе тана. Щибаб соналда гӏадин практикаялъ студенталги рачун Азарцун уна Египеталде, гьанжегӏагар гьениве иналде цересел къояз дандчӏварав гьесулгун ккараб гара-чӏвари кьолеб буго нижеца жакъасеб номералда.
— Университет лъугӏизабун, гӏелмияб цӏарги гьечӏев чи тун вугоха мун кӏудияв преподавательлъун…
— Анцӏила цо соналъ гьунар бугел гӏалимзабазда цевеги цӏалун, щуго соналъ университеталдаги цӏалун, абухъего, рухӏияб рахъалъги, светияб рахъалъги дир лъайги бихьун, вачана дун хӏалтӏуде факультеталъул ва университеталъул нухмалъулез. Гьелда тӏадеги, университеталда цӏалулагоги гьелда цевеги дун хӏалтӏулев вукӏана Къуръан лъазабиялда тӏад. Гьанже нилъгун гьечӏел машгьурал востоковедал Мухӏамад-Нури Гӏусмановас ва Амри Шихсагӏидовас дун восана университеталда рагьун букӏараб Къуръан лъазабиялъул халкъазда гьоркьосеб централда хӏалтӏизе. Гьанже гьеб сверизабуна Востокалъул культура ва тарих лъазабиялъул централде. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, машгьурав тарихчи Расул Мухӏамадовасул вас Арсен Мухӏамадов. Гьеб централдаги дун хӏалтӏулев вуго Къуръан лъазабиялда тӏад, гьединлъидал гӏелмиял цӏарал — кандидатлъиялда, докторлъиялда тӏад хӏалтӏизе дир заман гьечӏо. Гӏелмияб цӏар щвезе бокьун букӏарабани, кандидатлъи дида цебего цӏунизе кӏолаан. Цӏаралъе гӏоло гьелда тӏад хӏалтӏун заман хвезабизе дир рес гьечӏо, щай абуни Къуръаналда тӏад хӏалтӏи дие киналго цӏараздаса тӏадегӏанабги хириябги буго. Басмаялде кьун буго ва гьаб гӏагараб заманалда къватӏибе бачӏине буго нижеца хӏадур гьабураб Къуръаналъул захӏматал ва гӏемермагӏнаялъулал рагӏабазе баян кьураб гӏараб-гӏурус словарь.
— Цебекун гьединаб словарь бахъун букӏинчӏищ?
— Араб гӏасруялъул бакьулълъиялда биччан букӏана Х. К. Барановас хӏадур гьабураб гӏараб-гӏурус словарь. Руго цогидал востоковедаз риччаралги. Амма Х. К. Барановасул словарь гьезда гьоркьоб бищун лъикӏаб буго. Нижеца хӏадурараб словаралда руго Барановасул словаралда гьечӏелги, гьес мухӏканлъи гьабичӏелги, мухӏканаб магӏна кьечӏелги рагӏаби. Гьеб словарь гьабулаго, нижеца пайда босана машгьурал гӏалимзаби Джалалайнил, Аль-Байдавил, Аль-Мунтахабил, Ибн Касирил Къуръаналъул гьарурал тафсираздаса. Гьезул щивасул цӏарги хъван буго. Словарь буго лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гьумер бугеб. Къуръаналъул мацӏ, гӏараб мацӏ буго дунялалдаго бищун бечедаздасан цояб. Жеги чанги гӏалимзаби хӏалтӏана гӏараб — гӏурус словарь гьабиялда тӏад (гӏурус мацӏалъ абуни — количество переходит в качество).
Къуръаналда гьечӏо щибниги данде кколареб жо, гӏицӏго лъазаризе ккола хӏарпал, рагӏаби, предложениял. Лъазе ккола магӏна, лъалеб бичӏчӏулеб гьечӏони, лъалесда цӏехезе ккола. Гьебги бичӏчӏичӏого, лъавукъаб магӏна Къуръаналъул рагӏабазул гьабизе бегьуларо.
— Дур редакциялда гъоркь араб соналда къватӏибе бачӏана М.-Н. Гӏусмановас гӏурус мацӏалде таржама гьабураб Къуръан. Цебеги гьесго таржама гьабун кӏиго нухалдаги къватӏибе бачӏун букӏана Къуръан. Гьеб цо, кӏиабилеб, ругогури Крачковскиясул, Прохоровалъул, Кулиевасул ва цогидазулги Къуръаналъул таржамаби. Цого такрарлъи кколарищ гьел?
— Кколаро, къиямасеб къо чӏезегӏан цӏаланиги, таржама гьабуниги, Къуръаналъул гъварилъиялде, аятазул, сурабазул тӏолабго магӏна, гьенир рахчун ругел хӏикматал рагьун лъугӏиларо. Анцӏила ункъоялдаса цӏикӏкӏун гӏасруялъ цӏалулеб, лъазабулеб буго Къуръан. Гьелщинал гӏасрабаз цере Къуръаналда хъварал хӏужаби химиялъул, физикаялъул, биологиялъул, астрономиялъул, медицинаялъул ва цогидалги бутӏабазул гӏалимзабазул цӏех-рехаз гьанже «рагьулел» руго. Заман анагӏан цӏи-цӏиял гӏелазги рагьила, гӏалимзабазе загьирлъила церего Къуръаналда хъварал хӏикматалги хӏужабиги. Цохӏо мисал рехсон тела. Кӏиго аскӏоб бугеб ралъдал лъим жубалеб гьечӏилан Къуръаналда хъвараб жоялда божуларелги рукӏун ратизе бегьула. Гӏицӏго XX гӏасруялда гӏалимчи Кустоца гьарурал цӏех-рехазда чӏезабуна Къуръаналда хъвараб битӏараб букӏин.
— Бечедаб гӏараб мацӏалъул чанго сверелал, диалектал ратила.
— Къоло лъабго хӏукумат буго гӏарабазул. Щибалъул ва щибалда жанирги руго рагӏаби абулел къагӏидаби, диалектал. Амма киназего гӏаммаб классикияб мацӏлъун ккола Къуръаналъул мацӏ. Буго жакъасеб гӏарабазул литературияб мацӏ, СМИязул, прессаялъул мацӏ, гьединго буго кӏалъа-басаялъул, грамматикияб гуреб мацӏги.
— Къуръан буссинабизе бегьуларин абула цо-цо цӏаларал чагӏаз. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?
— Къуръан буссинабун буго дунялалъул гӏемерал мацӏазде. Гӏараб мацӏ лъаларев чиясда таржамалдасан цӏалун, лъазабун гурого кин гьеб лъалеб, бичӏчӏилеб. Диниял гӏалимзабиги гьелда дандечӏун гьечӏилан ккола. Руго цо-цо Къуръан буссинабизе бегьуларин абулелги. Дицаго рикӏкӏуна Къуръаналъул таржама гьабизе бегьулин ва кколин. Лъай-хъваялъул мурадалда таржама цӏализе бегьула, амма къимат кьезе, гӏараб мацӏ лъаларев чияс магӏнаби гьаризе бегьуларо.
— Гӏараб мацӏалъул мугӏалим хӏисабалда, студентазе хъварал методикиял хӏалтӏабиги тӏахьалги ратила дур…
— Руго, 2017 соналда дица къватӏибе биччана тӏадегӏанал цӏалул заведениязул студентазе хъвараб гӏараб мацӏалъул цӏалул тӏехь, 2018 соналда «Литературный арабский язык» ва нижер кафедраялъул заведующий Артур Гӏумаровасгун цадахъ хъвараб «Практическая грамматика арабского языка» абурал тӏахьал. Араб соналда къватӏибе бачӏана «Учебное пособие по чтению священного Корана» абураб тӏехьги.
— Гьанжесел гӏолилазул, студентазул цӏалудехун хашаб бербалагьи бугилан абула…
— Цо рахъалъ гьеб битӏарабги буго. Библиотекабазде ун, тӏадчӏун тӏахьал цӏали цебе гӏадин гьечӏо гьанжесел студентазул. Интернет, мобильниял телефонал, смартфонал гьездехун гьетӏи цӏикӏкӏун буго гӏолилазул. Киналго гьединал ругин абиларо. Нижер факультеталда цӏалулел гӏемерисел студентал руго унго-унголъун лъай босиялда, мацӏал лъазариялда тӏадчӏарал. Гьез гӏахьаллъи гьабула республикаялъул ва Россиялъул даражаялда Востокалъул мацӏазда хурхун тӏоритӏулел конкурсазда ва къецазда.
Мисалалъе, араб соналъул декабрь моцӏалда Москваялда халкъазул гьудуллъиялъул университеталда тӏобитӏараб гӏараб мацӏалъул конкурсалда нижер кафедраялъул магистрант Хӏажи Мухӏамадовас ккуна призалъулаб бакӏ ва гьесие рес щвана лъагӏалица Катаралъул университеталда гӏараб мацӏ жеги мухӏканго лъазабиялъе чӏового цӏализе ине.
— Кинал мацӏал нужер факультеталда малъулел, цӏали лъугӏидал кир хӏалтӏизе бегьулел?
— Востоковедениялъул факультеталда малъула гӏараб, фарси, турк, китай ва ингилис мацӏал. Ингилис мацӏ малъула кӏиабилеб мацӏ гӏадин. Студентазе рес буго бокьараб мацӏ тӏаса бищизе. Мацӏ камил гьабиялъе тӏаса бищараб мацӏ бугеб пачалихъалде кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏалъ практикаялдеги ритӏула студентал. Нижер факультет лъугӏарал хӏалтӏулел руго учительзабилъун, школазда, преподавателаллъун тӏадегӏанал цӏалул заведениязда, пачалихъиял идарабазда, министерствабаздагун ведомствабазда переводчикаллъун, парахалъи цӏуниялъул органазда, Къватӏисел улкабазулгунисел ишазул министерствоялда ва цогидалги идарабазда.