Мухӏамад-къади Дибиров гьавуна 1875 соналда Гъуниб округа-лъул Къарахъ мухъалъул Гьочоб росулъ (гьанжесеб Чӏарада район) гӏалимчиясул хъизаналда. Гьесул эмен Дибирхӏажи вукӏана эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло имам Шамилил бетӏерлъиялда унеб букӏараб рагъул гӏахьалчи, гӏолохъанго хӏеж борхарав гӏалимчи ва росдал дибир. 1877 соналда букӏараб багъа-бачариялда, къокъаб шаригӏаталъул заманалда, пачаясул хӏукуматалде данде дагъистанияз гьабураб восстаниялъул гӏахьалчи хӏисабалда Дибирхӏажияс щуго сон бана Сибиралде витӏун.
Мухӏамад тӏоцеве цӏалана инсуда цеве. Гьитӏинаб къоялдасаго пагьму-гьунар бергьарав, гӏакълу-тадбир бугев чи вукӏана гьев. Инсудаса щваралде тӏаде къаралазулгун гӏандалазул росабалъ рукӏарал машгьурал гӏалимзабазда цеве цӏалун Мухӏамадие гъваридаб лъай щола.
Анцӏила анлъго сон барав чи, Шурагьиб имтихӏанги кьун, магӏарухъе тӏад вуссуна ва цо соналъ Гӏурухъ-Сотӏа росулъ дибирлъи гьабула. Хадубккунги жиндирго лъай камил гьабизе Дибиров Мухӏамад Да-гъистаналъул тахшагьаралде Темир-Хан-Шураялде уна. Гӏалимзабазухъе хьвадун, живго жиндаго чӏун цӏалун, камил гьабуна жиндирго гӏараб мацӏ лъай, лъазаруна астрономия, физика, логика, риторика, философия, математика гӏадал гӏелмаби. Шурагьиб гьесул лъай-хъвай ккола Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевасулгун, Гъоркьагъазданущиса Абусупян Акаевасулгун. Цо соналъ Гъоркьагъазданущиб дибирлъиги, мадрасаялда мугӏалимлъиги гьабун, гьев витӏула Яхсай росдал мадрасаялде дарсал кьезе. Мухӏамадица гьединго лъикӏ лъазаруна гӏурус мацӏ, география, экономикаялъул, даран-базаралъул кьучӏал.
1902 соналда Мухӏамад-къади Дибиров тӏад вуссун вачӏана Шурагьиве. Гьениб рагьараб цо классалъул училищеялда Дибировас цӏалдохъабазда малъулаан дина-лъул ахӏкамалги лъарагӏ мацӏги. Гьединго гьес лъазаруна Да-гъистаналъул халкъазул цогидал мацӏалги. Гьев вищула Темир-Хан-Шураялъул къадилъун. Гьелдаса хадуб Мухӏамадил цӏаралде тӏаде къади жубана ва гьесде Мухӏамад-къадиян абизе лъугьана.
Гьебго заманалда Мухӏамад-къадица гьоркьоб къотӏизе течӏо халкъалъе лъай кьеялъул хӏаракатчилъиги.
1915 соналда басмаялде ра-хъана гьесул «Насихӏаталъул» ва «Этикаялъул» тӏахьал. 1922 соналда Мухӏамад-къадица магӏарул мацӏалде буссинабуна Л. Толстоясул «Кавказалъул асир» къиса («Кавказский пленник»), 1927 соналда бахъана авар мацӏалда «Букварь». Россиялда Февралалъул инкъилаб бергьун хадуб – Мухӏамад-къади лъугьана Кавказалъул даражая-лъул политиклъунги пачалихъияв хӏаракатчилъунги.
1917 соналъул 9 марталда Темир-Хан-Шураялда губернаторасул минаялда цебе гӏадамаз митинг гьабуна ва гьенибго бищана Дагъистан областалъул исполком. Гьеб идара лъугьана нухмалъиялъул гӏуцӏилъунги. Дибиров вищана исполкомалъул членлъунги, Гъуниб округалъул комиссарлъунги. Гьелде щвезегӏанги Кавказалъул бусурбабазда лъикӏ лъалаан Мухӏамад-къади. Гьев гӏахьаллъана Тифлисалда ва Бакуялда тӏоритӏарал Кавказалъул бусурбабазул съездазда.
Бакуялда кӏалъазе вахъарав Мухӏамад-къадица Къуръаналъул аяталги цӏалун, киналго бусурбаби вацалги яцалги рукӏин ракӏалде щвезабураб лъикӏаб кӏалъай гьабуна. Гӏадамазе цӏикӏкӏараб асар гьабураб гьеб вагӏза бахъана Бакуялъул газеталдаги.
1917 соналъул 2 августалда Шурагьиб тӏобитӏана шаригӏаталъул судазул рахъалъ гӏалимзабазул съезд. Гьелъул председательлъун вищана Мухӏамад-къади. Съездалъ хӏукму гьабуна гражданиялги уголовниялги делаби шаргӏалдалъун тӏуразаризе. Дибировасул хӏаракаталдалъун Шурагьиб рагьана Дагъистаналдаго тӏоцебесеб педагогикияб техникум, хӏалтӏана гьелъул директорасул заместительлъун.
1917 соналъул сентябралда Дибировасги Сайпудин Куваршаловасги гӏуцӏана Дагъистан областалъул Милли-комитет. Гьеб политикияб партиялъ учредительнияб Собраниялде рищизе кандидаталлъун рихьизарун рукӏана: Мухӏамад-къади Дибиров, Хӏайдар Бамматов, Зубаир Темирханов, Ибрагьимбег Хӏайдаров, Сайпудин Куваршалов, Хӏоцоса Нажмудин, Гъарабудагъкенталдаса Жамалудин-къади.
Социалистазул кандидатал кколаан: Махӏач Дахадаев, Жалалудин Къоркъмасов, Мухӏамадмирза Хизроев, Гӏалибег Тахо-Годи, Гӏабдулмажид Зулпукъаров.
1918 соналъул март моцӏалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб рагъ ккана. Бусурбабазе квербакъиялъе ва маслихӏаталъе Бакуялде ритӏарал гӏалимзабаздаги рагъухъабаздаги гъорлъ вукӏана Дибировги.
Дагъистаналда большевиказ кверщел гьабизе бокьичӏого, гьезда данде чӏезе Турциялъул кумек гьарун 1918 соналъул марталда Стамбулалде ана М.-Къ. Дибиров, Хӏ. Бамматов, Т. Чермоев ва З. Темирханов. Гьезул хӏаракатчилъиялъул хӏасилалда, турказул квербакъиялдалъун, 1918 соналъул октябралда Северияб Кавказалда гӏуцӏана Мугӏрузулаб Республика. Гьелъул парламенталъул членлъун вищана М.-Къ. Дибиров. 1919 соналда Деникинил хъазахъаз биххизабуна гьеб республика.
Гьесул цӏалдохъанлъун вукӏана хадувккун машгьурав политикияв хӏаракатчилъун вахъарав, лъебергогӏан соналъ Дагъистаналъул нухмалъиялда вукӏарав Гӏабдурахӏман Данияловги.
1920-1929 соназда Дибиров хӏалтӏана Буйнакскиялъул педагогикияб техникумалда.
Гьанибго абизе ккола 1926 соналда Самурскиясул, Къоркъмасовасул, Тахо-Годил къокъаялъ Дагъистаналъул халкъалъул гӏаммаб мацӏлъун тюрк мацӏ гьабизе кколин абураб ахӏиялъул рахъ кколевлъунги щаялиго М.-Къ. Дибировги вукӏанин. Амма, талихӏалъ, халкъалъ гьеб пикру къабул гьабичӏо.
1924 соналда Мухӏамад-къадица Буйнакскиялда гӏуцӏана «Дини-Комитет». Гьеб цолъи къеркьана мадрасаби къаялде, вакъфуялъул ракьал пачалихъалъе рахъиялде, колхозал гьариялде, кулакал ралагьиялде дандеги.
Мухӏамад-къадица жиндирго пикру загьир гьабулел макъалабигун, лъай кьеялда, бугеб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьурал макъалабигун цеве вахъунаан «Джаридату Дагъистан», «Мусават», «Аваристан» газетаздасанги.
Мухӏамад-къади жанив тӏамуна 1929 соналда ва 1930 соналъул авалалда чӏвана.
Ритӏухъ гьавуна 1956 соналда.