Дунялалъул рагӏалда бугебги, хъатиниб лъураб гӏадин, бихьизабизе рес бугеб заман гьаб бугелъул, бокьарав чиясда кӏола, Интернеталъул кумекалдалъун, цогидал улкабазда ругезулгун бухьен гьабизеги гьез гӏумру гьабулеб къагӏида бихьизеги.
Масала, араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаго Казбек районалдаса Германиялде гочарав Рамазаница, скайпалдасан рихьизарулел рукӏана немцазул росабиги гьезул гӏадамазул бугеб гӏумруги. Гьединабго бечедаб ва лъикӏаб гӏумру Европаялъул цогидал улкабазул росабалъги батулеблъи хӏакъаб буго. Азиялъул рахъ босани, масала, Япониялъул хӏукуматалъ, гӏадамал росабалъ чӏезариялъул мурадалда, гьезие хӏажаталщинал шартӏал чӏезарулел руго. Гьезул аслияб мурадги рагӏула жидерго гӏадатал, культура, тарих, памятникал ва цогидабги цӏуни.
Испаниялда гӏумру гьабун вугев Ахӏмад Сурхатиловас бицухъе, гьеб улкаялъул пенсионерал кколел руго бищун бечедал ва ресалда ругел гӏадамал, росабалъ ругезул букӏунила цӏакъ берцинаб ва рахӏатаб гӏумру.
Щибха бугеб Россиялъул, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналъулги росабалъ? Тӏокӏаб жоялъул бицинчӏониги, ахираб 20 соналда жаниб цохӏо Дагъистаналъул мугӏрузул районазда 45-ялдасаги цӏикӏкӏун росу чӏунтун буго. Гӏилла – гӏадамал, магӏишат гьабизе бигьаяб бакӏ балагьун, гӏатӏиракьазде гочин. Гьелдалъун, росабаздаго цадахъ, чӏунтулеб буго мацӏги, тӏагӏунел руго гӏадаталги, билун, лъугӏун унеб буго тарихги. Гьеб нилъер талихӏкъин букӏин жеги кколедухъ бичӏчӏулебги гьечӏо. Бичӏчӏулеб гьечӏо росулъа гочунев щивав чиясда цадахъ, чабхилъе лъим гӏадин, тӏагӏунеб букӏин росдал гӏумруги, гӏадаталги, яхӏ-намусги, рукӏа-рахъинги, хьвада-чӏвадиги, хиса-баси кколеб букӏин тӏабигӏаталъулги. Хурзалги, ахалги, харибакӏалги гьечӏелъур чӏолел гьечӏо рухӏчӏаголъабигицин, хасго хӏанчӏи.
Жакъа харабазецин бокьулеб гьечӏо росабалъ чӏезе. Лъиеха бокьилеб гӏура-гӏурал лъималги, лъикӏаб гӏумру балагьун, талихӏалда хадур къватӏире ине ккараб мехалда, жалго гьенир рукӏине. Моцӏрое бачӏунеб пенсиялъул 11 азарго гъурщихъ цӏулищ, тӏурччийищ босилеб яги дарабазухъищ гьеб кьелеб?
Умумузда гӏадин къобихьун, магӏишат гьабизе гӏолилазеги бокьулеб гьечӏо. Гьабейилан гьезда абизеги бегьиларо. Гьездаги бихьулеб бугелъулха дунял хисун букӏин. Шартӏал гьечӏеб бакӏалда гӏумру гьабулев чи вукӏунаро жакъа. Пачалихъалъги росабалъ шартӏал чӏезариялъе, гӏолилазе хӏалтӏи букӏинабиялъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏи гӏей гьечӏеб буго.
Югалъулаб Дагъистаналда рехун тарал, чӏунтарал росабазул къадар нусгоялдасаги тӏаде унин хъвалеб буго республикаялъул экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъул сайталда. Ахираб лъабго соналда жаниб мугӏрузул росабалъа гӏатӏиракьазде гочун руго 30 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи. Жакъа чӏвадназде сверарал росабийин абуни лъугьун руго туристазе багъилал бакӏаллъун. Амма гьенире рачӏунезул къадарги гӏемер букӏунаро тарихиял памятниказде сверарал гьел бакӏазде сах-саламатал нухал гьечӏолъиялъ. Гьеб киналъулго хӏасилалда чӏвадназде сверарал росабиги лъугьун руго нилъер умумузул гӏумру-яшавалъул бицунел гӏицӏал нугӏзаллъун.