Гьаб щиб квешаб хабар, коронавирус,
Вирус гъорлъе ккаяз ургъараб хӏилла!
Хӏамузда, гьаказда, «маххул чуязда»,
Цӏунцӏрабаца гӏадин баччулеб нигӏмат.
Ханжу-квараялъул, чакар-цӏамалъул
Нахърател гьабуни, гьанирищ толел?
Картошка, капуста тоннабаз босун,
Ихдалил къояца кин гьеб цӏунилеб?
Макарон, бугӏа, ролъ лъагӏалий гӏураб,
Нацӏ бангӏаги холин хиял кколарищ?
Шампуналгун сапнал — сундуе запас,
Чурун тӏом ччукӏизе тӏадищ босараб?
Запасал гьаризе санагӏат ккечӏел,
Метер квен тӏагӏани, кире тӏурилел?
Мискин-пакъирасе бикьа-къотӏичӏеб,
Махӏшаралда нужер щокъроб къаларищ?
Гӏанхрил гӏамал бугеб, гӏорцӏулареб къавм,
Къиямасеб къоялъ киндай букӏинеб?
Цоцазул гьан квине хӏадуралщиназ,
Хӏисаб кьолеб мехалъ щибдай гьабилеб?
Аллагьас дуй кьурал къоял тӏагӏани,
Къуват букӏинадай хвел нахъе чӏвалеб?
Гӏизраил малаик къаданив щвани,
Щиб багьана батун чӏаго хутӏилев?
Кинабго тӏощалил запас гьабуни,
Гьанирго телилан божийищ лъураб?!
Багьаби тӏаде чӏван щвараб гӏарацищ,
Ришваталъе кьелеб дунял бокьараз?
Нужей гӏумру кьеял, яцалгун вацал,
Чахьал цӏезаризе нуж гӏедегӏуге!
Гӏодор бутӏрул къулун, цере кверал ккун,
Хӏеле ракӏ-ракӏалъго, Бичасде хьулгун.
Какда хадуб гьаре, гьабун дугӏагун,
Гӏакълу кьейин абун бищунго цебе!
Аллагьасе щукру, рецц гьабун чӏезе,
Рекӏей иман гьаре Тӏадегӏанасда!
Вирусалъ къо тӏагӏун хвезе ратани,
Цадахъ босулелъул ургъел гьабичӏищ?
Антивирус бугин гьелъий садакъа,
Гьедин гьеб «корона» кин нахъ чӏвалареб?!
Нилъер хӏал бихьизе тӏаде тӏамураб,
Къо хӏехьечӏонани, ццин бахъинарищ?
Бихьараб хӏехьезе сабруги гьарун,
Гӏодоре руссани, лъикӏ букӏинарищ?
Дицани абила – АлхӏамдулиЛлагь,
Рецц дуе Бетӏергьан, я РахӏимуЛлагь!
Къисматалъ хъваралда, дуца кьуралда,
Дун разияй йиго, хирияв Аллагь!