Цо-цо багьана батун,

Хварал харбалги риччан,

Хасавюрт базаралда

Босулеб буго ханжу.

Макарон, песокалъул

Паэтонал хӏадурун,

Хӏурда росун киналго

Тӏерхьана Чачаналъе.

Нахул шушбиги раччун,

Вилълъине кӏолеяв чи,

Кӏвараб хӏалалъ гьаказда

Гьункьиялда рачӏунел.

Кӏиго къоялда жаниб,

Терек базар абуни,

Тукаби чӏороголъун

Чӏабар баккун бугоан.

Вай тамаша — гӏаламат

Гӏажал — унти баккидал

Гӏилла кинаб букӏунеб

Кваназе хӏадурулел?

Гӏадамас жиндир ботӏролъ

Лъезе ккеларищ пикру,

Къадар тӏаде щванани,

Щибдай дир хӏадур бугеб?

Квешал унтабаздасан

Киналго цӏунейилан,

Квералги ккун гьардезе

Вагӏза щай гьабулареб?

Аллагьас гӏакълу кьеги,

Гӏумру бигьа гьабизе,

Иман тӏинкӏизабеги

Тӏадагьал бутӏрузулъе.