КороВОвирусалъул
Контора кибдай бугеб?
Кинаб хӏукмуялдалъун
Хӏалтӏулебдай гьеб бугеб?
Хӏалица дунялалда
Унти тӏибитӏизаби
Тӏаде босун гьабулез
Мурад киндай бахчулеб?
Гьединал гӏаламатал
Гӏемер гурищ рихьарал?
Гӏадамазда гьерсилал
Вирусал чанги лъарал…
Къогогӏан соналъ цере
Сибиралъул язваялъ
Ракьалда чи теларин
Таманалго хӏинкъарал.
Хӏалица гьеб тӏагӏиндал
«Тӏибитӏана» хӏанчӏил грипп,
«Чӏвазе дагьалъ хутӏана» –
Халикъасдай цӏунана?
Цӏидаса хадусала
Болъонилги бачӏана,
Болгьон, гьебгӏаги киса
Кодобе щун букӏараб?
Щибаб нухалъ ургъулел
Вакциналги рукӏана…
Эзул базарги гьабун,
Бечелъаралги ккана.
Гьанжесалалъ тӏадеги
Катнал маскаби ричун,
Аптеказ кеп босана…
Расги гьечӏеб унтиги
Ургъарал вирусалги
Бизнесалъул макруги
Божулел гӏадамалги
Гьединаб буго «гӏадлу»,
Гӏад – хочӏалъе бицани,
Бахьикъосал, къапун чӏа,
Чӏаго – сахго хутӏизе…