Гьале исанаги рогьунеб буго их. Гьеб рещтӏунеб буго нилъер щивасул рекӏелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чӏвалеб буго магӏаруллъиялъул махӏ. Мугӏрузда гӏадаб берцинаб их кибго букӏунеб батиларо.
Гьелдаго цадахъ чӏвалеб буго лъимерлъиялъул махӏги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тӏугьдул ралагьизе. Дица хӏаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гӏазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цӏакъ божулаан эбелалъ бицунеб букӏараб дерец тӏегьалъул къисаялда. Гьелъул талихӏаб ахирги букӏана: тӏоцебе дерецалда берчӏварав чи гьеб соналъ бищунго талихӏав вукӏунилан бицунаан эбелалъ.
Гьабсагӏаталдаги ракӏалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букӏараб дерец, зама-заманалдасан гьелъул тӏагӏамги басандула кӏалдиб. Гьебги дихъе кьолаго, магӏил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритӏун, Тӏадегӏанасда гьардана гьей жиндир ясалъе гӏемераб талихӏ кье-йиланги абун. Гьеб дерец жеги цӏунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чагӏолъулеб гӏадаб асар гьабула дир рекӏее, ихалъул ругьел щведал. Ракӏалда буго, дерец батараб мехалда, рикӏкӏунел рукӏарал рагӏабиги. Магӏнаги лъалароан, лъачӏониги, рохунги рукӏунаан:
— Ясал цӏилъун, цӏихер бижун,
Дерец гӏинкълъун,
гӏин цӏодорлъун…
Ихалда цадахъ нилъер гӏумруялъул гӏидраялдаги рещтӏуна роцӏарал пикраби. Хасалил саву хисун бачӏунеб мартӏалда релълъарал цо-цо гьезги пашман гьаричӏого хутӏуларо.
Ихдалил цӏилъиялъ рекӏел хӏалги хӏайран гьабун букӏуна. Хасалил хъахӏаб тӏимугъалъулгун къо-мехги лъикӏ гьабулаго, тӏабигӏаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретӏел. Лъикӏаб хӏалалда цӏабуцӏинеги цӏабуцӏун, гьелъ тӏубанго тӏаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тӏабигӏаталъул каранда ихалъ ретӏунеб буго, гӏурччинал маржаналги рекьун, чӏухӏизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гӏаламаталги. Гӏурччинаб гӏидраги гьениб, гӏидраялда расандулел кьагӏазул гъадиги рагӏула гьениб, гьанжего гьанже тӏегьазе хӏалбихьулел кьер-кьерал тӏугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цӏа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихӏалъул махӏалги гьенир, доба кибалиго рикӏкӏада тракторазул гьаркьалги…
Цогиги цебе абулаан их магӏарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачӏу-нилан. Гьелъул магӏна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гӏащикълъун бугин абураб.
Жиб тӏаде щолеб бугилан ахӏдолаго бачӏунеб ихалъ чӏвалеб къолол гьаркьихъеги ахӏулеб кочӏол бакъаналъухъе кьурдизе биччайилан каранда тархелеб ракӏги буго.
Цӏияб их цӏияб талихӏгун ва цӏияб сахаватлъигун рещтӏун батаги. Нилъер киназулго анищалги цӏилъаги, пикрабиги цӏураги, ихдалил сариназул сасги тӏагӏунгеги гӏумруялъул гӏидраялдаса.