Исламалда рекъон, чӏужугӏадан ккола росасул, гьесул магӏишата-лъул, ай рокъоб бугебщиналъул жавабияй гӏадан. Лъикӏаб ахираталъе ва гӏадамазда гьоркьоб къадру-къиматалъе мустахӏикълъизе ккани, рос-рукъги данде бачун, лъималазе тарбияги кьун йигебги гӏолеб буго гьелъие.

Дунялалъул яги ахираталъул ургъел гьечӏел хӏалихьатал росазулгун къадар хъварал руччабаз щибха гьабилеб? Гьеб гӏузру кидаго букӏана гӏадамазда гьоркьоб.

Гьелъул хӏакъалъулъ «Мажму-гӏатуль фаваид» тӏехьалда Чӏикӏаса шайих Сагӏид афандияс (къ.с.) хъвалеб буго: «…Пиргӏавние хъулухъ гьабун, гьесие мутӏигӏлъун, гьесул лъади Асиятие щвараб даража хал гьабизе лъикӏ буго руччабазе, росасде данде къацандиялдаса. Гьекъолев-мехтулев вукӏиналдалъун гьевгун дагӏбадиялъ гьелъие гьабизе бегьулеб «хайир» – рукъ биххиги, лъимал бесдаллъиги буго. Гьесие гьабулеб хъулухъги чӏужуялъ, гьесул гьекъолдиялдаса йохун я разилъун гьабиларо. Гьадинаб нияталда гьабила, гьелъ Аллагьасдехун ахӏила: «Я Бетӏергьан, Дуда вихьулаха гьавги, гьасул хьвадиги, гьасдаса разилъун гуроха, Бетӏергьан, дица гьасие хъулухъ гьабулеб бугеб, Дур амруялда нахъйилълъун, дида тӏад росасе бугеб хӏакъ тӏубазе кколеб букӏиналдалъун буго», — абун. Пиргӏание Асиятицаги хъулухъ гьединин гьабулеб букӏараб. Гьединаб ният-къасдалда росасе гьей мутӏигӏлъиялъул баракаталъ гьев битӏараб нухде вуссинеги бегьила.

Тӏад ханго гьечӏев хӏаким гӏадин, бокьухъе хьвадизе росги бегьуларо. Гьесги цӏунизе ккела жиндирго гӏорхъи. Жиндие рес буголъиялдаса пайдаги босун, руччаби инжит гьаризе бегьуларо. Шаргӏалда рекъон рос-лъадиялъе цоцада тӏад бугеб хӏакъ бицани, гӏемераб жо хъвазе ккела, гьеб хӏакъ цоцае тӏубазеги хасго гьанже заманалда кӏоларо. Кӏолеб, гьабизе ресги бугеб, жегиги тӏадабилан абизегицин бегьулеб жо буго цоцада тӏаса лъугьун, тавбу гьаби. Гьадин гурого, гьекъолев, мехтулев вугин абун, росасдаса ятӏалъеян чӏужуялде абулев чи вукӏунаро. Бегьулебги гьечӏони, хӏехьезеги кӏвечӏони, жийго ятӏалъеян абеха гьелда, дагӏба гӏадамасул гьечӏелъул».

Жидедаса мисал босизе мустахӏикъал гӏемерал руччаби руго исламалда. Бицен буго, цо нухалда Мухӏамад аварагас (с.т.гӏ.в.) салуда ункъо мухъги бахъун асхӏабзабазда гьикъанила гьазул магӏна щибали лъалищилан. Лъаларилан жаваб кьун буго гьез. Гьеб мехалда Аварагас (с.т.гӏ.в.) рехсон руго исламалъул бищунго тӏадегӏанал руччабазул ункъоял: Хадижат, Фатӏимат, Асият ва Мариям.

Пиргӏавнил чӏужу Асият

Некӏсияб Египеталъул хан Пиргӏавнил чӏужу Музахимил Асият йикӏана цӏакъ Аллагьасдаса хӏинкъарай, динияй гӏадан. Дунялалда бищунго къосарав чиясул чӏужулъун йикӏаниги, росасдаса балъго жиндирго динги гьабун йикӏана Асият. Гьелъ хьихьизе вачана лъарал рагӏалда ватарав Мусаги. Къосарав Пиргӏавница кигӏан гӏакъуба кьуниги, гьей Аллагьасул диналдаса юссинчӏо. Дунялалдаго алжан бихьизабурай гӏаданлъунги ккола гьей.

Гӏиса аварагасул эбел Мариям

Къуръаналда 33 нухалда рехсон буго ва 19-абилеб сураялда лъун буго Имранил яс Мариямил цӏар. Гӏадамаз кигӏан захӏматал бугьтанал лъуниги, гьелъ кинабго хӏехьана Аллагьасе гӏоло. Гьелъул сабуралъухъги, яцӏцӏалъиялъухъги, Аллагьасдаса хӏинкъиялъухъги Гӏиса аварагасул эбел Мариям цогидал руччабаздаса кӏодо гьаюна Бетӏергьанас.

Хадижат

Аллагь разилъаяй Хадижат йикӏана Макка шагьаралда бищун къадру-къимат бугей, берцинай, яцӏцӏадай, бечедай, цӏакъ бажари бугей, лъикӏаб тухумалъул гӏадан.

Мухӏамадие (с.т.гӏ.в.) Авараглъи кьун хадуб гьей сундаго барахщичӏого, Аварагасе кумекалъе яхъун чӏана. Гьелъ боцӏиги, къиматги, къадруги, гӏагарлъиги, бечелъиги, гӏакълуги, бажариги – кинабго исламалъе хӏалтӏизабуна. Цӏакъго къварилъи-захӏмалъи цӏикӏкӏараб мехалъги Хириясе (с.т.гӏ.в.) гьей ракӏ чучулей гьудуллъунги, гӏакълу дандбалей вазирлъунги, захӏмалъи тӏаса босулей кумекчӏужулъунги йикӏана.

Исламалъе гьелъул букӏараб кӏудияб кумекги бихьун, гьей хвараб соналда Аллагьасул Расулас пашманаб сонилан цӏар тана. Хадижатица гьесие Ибрагьим хутӏизегӏан киналго лъималги гьаруна. Гьей хун хадуб Аварагас (с.т.гӏ.в.) исламалъе гьелъ гьабураб иш киданиги кӏочене течӏо. Хадижатил рукӏарал гьудулзаби-руччабазеги Аварагас сайгъатал ритӏулаан.

Хӏадисалда буго: «Жабрагӏил малаик вачӏанила Хирияв Аварагасухъе ва абунила: «Я, Аллагьасул Расул, гьай Хадижат ячӏуней йиго кодоб цӏарагӏгун, дандежоги босун, квана-гьекъезе жогун. Гьей дуда аскӏое щвараб мехалъ, дуца гьелда Бетӏергьан Аллагьасдасанги дир рахъалдасанги салам бице, гьелъие алжаналда жинда жаниб ахӏтӏей-хъуйги гьечӏеб, захӏмалъиги гьечӏеб меседил муцӏцӏидал рукъ бан бугиланги абе», — абун.

Аварагас Хадижатида Жабра-гӏилас абураб бициндал, гьелъ абуна: «Аллагь вацӏцӏадав вуго, Гьесда саламги буго, Жабрагӏилида саламги лъеги», — ян абун. Хирияв Аварагас (с.т.гӏ.в.) цоги нухалъ гьелда абуна: «Мун алжаналъул руччабазул кӏудияй йикӏине йиго», — иланги. Гьелъ гьикъана: «Гӏисал эбел Мариям, Пиргӏавнил Асият щалха кколел?» — абун. Хирияс жаваб кьуна: «Асият – жиндир заманалъул руччабазул кӏудияй ккола, Мариям – жиндирго заманалъул руччабазул кӏудияй ккола, мун – дурго заманалъул руччабазул кӏудияй ккола», — абун.

Фатӏимат

Фатӏимат Аварагасе (с.т.гӏ.в.) цӏакъ йокьулаан ва кӏодоги гьаюлаан. Хирияс гьей кьуна Аллагь разилъаяв Гӏали асхӏабасе. Гьелъ Гӏалие щуго лъимерги гьабуна: Хӏасанги, Хӏусенги, Мухӏсинги (гьев гьитӏинго хвана), Уммукулсумги, Зайнабги.

Фатӏимат йикӏана Аллагьасе гӏибадат гьабулей, дунялалъул захӏмалъи-къварилъи хӏехьолей, хирияв Аварагасул кӏодолъи лъикӏ лъалей, камилай гӏадан. Аллагь разилъаяй Гӏаишатица абуна Фатӏиматидаса калам битӏарай гӏадан жинда йихьичӏилан.

Хирияв Аварагас абулаан: «Фатӏимат – дир чорхол цо кесек йиго, гьелъул ццим бахъинабурав чи, дирги ццим бахъинабурав чи ккола», — ян. (Бухари ). Хирияв Аварагасе капурзабаз гьабулеб къварилъи гӏемер бихьулеб букӏана гьелда. Гьелъ жинцагоги капурзабазул къварилъи гӏемераб хӏехьана. Кагӏбаялда аскӏов суждаялда вукӏаго Аллагьасул Расуласул габуралде тӏаде Гӏукъбат абурав къосарав чияс хъураб вараниялъул чорокаб ургьимес рехана. Цинги, Фатӏиматица инсул габуралдаса гьеб чороклъи чурана.

Аллагьасул Расулас Фатӏиматида цо жо бицана ва гьей гӏодана. Хадубго цоги жоги бицана – гьей йохана. Гӏаишат гӏажаиблъана, цого бакӏалда гӏодиги релъиги кин букӏунеб жоян. Хирияв Авараг чӏаго вукӏаго гьелъ гьеб лъидаго бицинчӏо. Гьев хун хадуб Гӏаишатида бицана гьелъ, тӏоцебе Аварагас жинда живго хвезехъин вукӏин бицанила, жийги гӏоданила. Жинда хадуй жиндир агьлуялъул тӏоцее мун хвезе йигилан ва алжаналъул руччабазул кӏудияй мун йикӏине йигиланги абунила. Жийги йоханила.

Хирияв Авараг хун хадуб анлъго моцӏидасан хвана Фатӏимат. Холеб къоялъ гьелъул гӏумруялъул 28 сон букӏана. Хириясул наслуги, гьелдаса гурого, нахъе хутӏичӏо.

Лъаладай гӏодизе гьанже беразда?

Гьитӏинаб мехалда, ракӏалда буго

Бабаго-бабаян гӏодулев дунго,

Эбелги херлъана, дунги цӏикӏкӏана,

Лъаладай гӏодизе гьанже беразда?

Лъазеги бегьула, багьана ккани,

Керен бухӏараб къо къавулъе щвани,

Къисматалъ дидаса эбел яхъани,

Инарилан ккарай уней йихьани.

Чӏаго мун йикӏаго гӏодизе анищ

Гӏумрудул нух тарай,

къвакӏарай эбел.

Эбелалъе кьола кинабгӏаги рецц,

Гӏалам бижарасда гьарулеб мехалъ.

Кӏикъого соналъул ригь бачӏинегӏан,

Бичӏчӏулеб батичӏо тараб лъимерлъи.

Лъилго ургъел ккечӏеб

дунял лъазегӏан,

Гӏадан херлъиялъул гьабичӏо хӏисаб.

Хӏалкӏолев Бетӏергьан,

тӏаса лъугьа Мун,

Мун кӏочараб сагӏат сверун батани,

Яги эбелалъул ургъел гьабичӏеб,

Гьодораб цо лахӏзат хутӏун батани.

Хӏамзат Жамалов,

Харахьи росу