26 марталда ДРялъул Жамгӏияб палатаялъ жамгӏиял гӏуцӏабазулгун къотӏи гьабуна РФялъул Конституция хисизабиялда бан тӏобитӏизесеб референдумалда хадуб халкколел чагӏи цадахъ рекъон рищизе.

Палатаялъул нухмалъулев Гӏабдулхӏалим Мачаевас абуна хадув жив гьебго суалалъ политикиял партиязул вакилзабигунги дандчӏвазе вугилан.

Гьеб референдум 22 апрелалда тӏобитӏизе кколаан. Амма коронавирусалъе гӏоло карантин лъазабиялда бан, гьеб тадбир нахъбахъун буго. Жеги къоги чӏезабун гьечӏо. Гьечӏониги, нилъер республикаялда референдумалде хӏадурлъи гьоркьоб къотӏизе толеб гьечӏо.

Жамгӏияб палатаялъул гьеб данделъиялда видеобухьеналдалъун гӏахьаллъана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ Москваялъул бюроялъул нухмалъулев Александр Бродги.

Гьес бицана церетӏурал улкабазул Конституциялги гӏезегӏан хисизарунилан. Масала, СШАялъул конституция хисизабунила 27, Франциялъул – 18, Германиялъул – 218, Италиялъул – 14 нухалъ.

Гьел хиса-басиял гьариялъе гӏиллалъунги тӏадеялдаса тӏаде улкаялда гӏумру хисулеб букӏин кколин бицана данделъиялда.

Бродил ракӏчӏун буго Конституциялде тӏадежураял гьариялдалъун нилъее киназего, пайда гурони, зарал ккунгутӏиялда. Къватӏисел пачалихъаздаги церетӏеялде рачанила гьез.

Гьезул цо-цо улкабазда Конституция хисиялъул хӏужаби дагь рукӏиналъе гӏиллаби баян гьаруна ДГУялъул кафедраялъул доцент Татьяна Беджановалъ. Гьел къабул гьарулеб къагӏида кутакалда захӏматаб бугин абуна гьелъ. Масала, СШАялда гьел хиса-басиязул рахъкквезе кколила 50 штатазда гьоркьоса 38 штаталъ. Гурони, нахъчӏвалел руго. Австралиялдаги гьеб рахъалъ кинабниги 46 референдум тӏобитӏун буго. Гӏицӏго анлъго референдумалда гурони халкъалъ разилъи кьун гьечӏо.

Гьеб данделъиялда жамгӏиял хӏаракатчагӏаз щаклъи загьир гьабулеб букӏана, нилъер гьаниб референдум тӏобитӏани, гьелъул хӏасилал хӏакъикъиял рукӏинадайилан. Республикаялъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаевас рехсана рищиязда нилъер гьаниб букӏунеб хӏилла. Гьединго гьереси гьариладай гьал цоял хӏасилалгийин абуна гьес.

Цоги жамгӏияв хӏаракатчиясги тӏаде жубана хӏилла гьаби гуребги, цӏакъго дагьал чагӏиги рачӏунила рищиязде. Киндила кӏвезе бугеб нужеда гьенире гӏадамал ракӏаризе. Гьеб суал кьуна гьес ДРялъул рищиязул комиссиялъул нухмалъулев Мухӏамад Дибировасе. Гьесги Мачаевасги жаваб кьуна гьаркьал рикъулилан гаргалел рокъор чӏечӏого, гьеб къоялъ рачӏун участокалдегун, щивас жидедаго тӏадаб налъи тӏубазабуни, иш лъикӏаб рахънибе кколилан.

Талихӏ кьегийин, гьел рищиязул территориалиял участкабазда учительзаби тогейин, руцӏцӏухӏунги чӏун, гьаз-доз кьурал буюрухъал тӏуразарулел рукӏунин гьелилан тӏаде жубана имам Шамилил цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас.

Гьесда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан референдум жеги бащдаб лъагӏалица нахъ бахъизеги. Гьелъие кӏиго гӏиллаги рехсана гьес – рагӏа-ракьанде щун жеги гьел хиса-басиял гьоркьор лъун гьечӏолъи, гьединго коронавирус гӏодоцинегӏан чӏезе ккей.

Тӏадежоялъе, жеги референдумго тӏобитӏилалде ричулел ругин РФялъул Конституциялъулъ гьарурал хиса-басиялин тӏадги хъварал тӏахьал, гьелъ гӏадамазул ракӏги белъизабулин кӏалъана Хархачаев.

Амма гьединал тӏахьалги харбалги бокьарав чияс риччазе бегьулин жаваб кьуна Гӏабдулхӏалим Мачаевас.

Живго Мачаевасе асар гьабулеб бугоан Конституциялъул 68-абилеб статьяялъ. Гьелъ регионазе рес кьолеб буго пачалихъияб мацӏлъун жиде-жидерго бакӏалъул мацӏги рикӏкӏине (кинабгӏаги документациялъулъ гьеб хӏалтӏизабизе).

Амма чанго батӏияб мацӏалда кӏалъалел гӏадамал ругеб нилъер республикаялъул хӏисаб гьабуни, кинаб халкъалъул мацӏдай гьаниб тӏаса бищила? Бищизего бажариладай?