18-20 марталда Махӏачхъалаялда, №28 гимназиялда тӏобитӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурс. Гьенив гӏахьаллъана республикаялъул шагьаразул ва школазул рахьдал мацӏазул 35 учитель. Гьезда гьоркьоса – авар мацӏалъул анкьго учительги. Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб къояз кьуна учительзабаз дарсал. Дие рес ккана анкьайго учителалъул дарсиде ине. Гьел киналгоги мустахӏикъал руго рецц-бакъалъе.
Тӏоцебе дарс 9 классалда кьуна Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Саида Хӏусеновалъ. Гье-лъул дарсил байбихьиялъго пана гьаруна жюриялъул членал, Дагъистаналъул Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Хӏайбула Вакилов, республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидинова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацӏалъул учитель Патӏимат Зургьалова ва Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул авар мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаева.
Саидаца цӏалдохъаби рачана Сингапуралде «гьоболлъухъ». Гьелъ дарс кьуна, гьеб пачали-хъалъул лъай кьеялъул къагӏидаги хӏалтӏизабун. Дарсил темаги букӏана Хизгил Авшалумовасул «Дир мадугьал – дир тушман» абураб. Тӏоцере рихьулел ругел цӏалдохъабазул ракӏазулъе «биун тӏуна» учителалъ тема.
Саида Хӏусеновалъул кӏалдисан рагӏана дида тӏоцебе «Мадугьал лъикӏасул ражи-хоногицин росасе арабила, мадугьал квешасул лъикӏай ясгицин рокъой хутӏарайила» абураб кициги. Гьелъул дарсалъ лъимал куцалел рукӏана мадугьалзабазул къимат гьабизе. Амма бищунго цӏакъ киназего кӏудияб асар гьабуна Саидал хӏеренаб каламалъги гьурмада бессараб гьединабго гьуинаб гьимиялъги.
Кӏиабилеб дарс кьуна Хасавюрт райналъул Къарланюрталдаса Зарема Мухӏамадовалъ.
Гьелъ цӏалдохъабазе бицана Гӏарип Расуловасул «Хазина» абураб хабаралъул хӏакъалъулъ. Дарсил ахиралда лъималазда бичӏчӏана инсанасул гӏумруялъулъ унго-унгояб хазиналъун щиб жо кколебали.
Кӏиабилеб къоялъ тӏоцебесеб дарс кьуна Махӏачхъала шагьаралъул кадетазул корпусалъул учитель Лайла Нурхӏажиевалъ. Гьелъул дарсил тема букӏана «Рикӏкӏен». Дарс кьуна анцӏабилеб классалда.
Лъималазе гьелъ бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъги. Гьелъ рес кьолеб букӏана лъималазе рикӏкӏенал хӏалтӏизаризе. Бицана Лайлаца жиндирго проекталъул хӏакъалъулъги. Гьелъ цӏалдохъабазе рикьана фронталдаса рачӏунел рукӏарал лъаббокӏонал конвертал. Щибалда жанир рукӏана Совет Союзалъул бахӏарзал-дагъистаниязул суратал. Цӏалдохъабаз рокъоб хъвазе кколаан гьел бахӏарзазул хӏакъалъулъ хӏалтӏи.
Кӏиабилеб дарс кьуна Гъизилюрт районалъул Цӏияб Чӏикӏаб росдал школалъул учитель Мадина Хайрулаевалъ. Поэт-фронтовик Гӏабдулмажид Хачаловасул «Лъукъараб кечӏгун» цадахъ гьелъ цӏидасанги дарсил гӏахьалчагӏи рачана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гъугъаялъухъ гӏенеккизе. Шагӏирасул кечӏги гӏодана, гӏенеккаразул магӏуги бецӏцӏана. Гьединго Мадинаца бицана рагъдаса руссинчӏел росуцоязул хӏакъалъулъ ва лъималаздаги гьарана жидерго росуцоязул хӏакъалъулъ лъазабейилан.
Лъабабилеб дарс кьуна Шамил районалъул Хӏебда росдал школалъул учитель Патӏина Гӏалиевалъ. «Такрарлъи гьечӏев шагӏир» абураб темаялда кьураб дарс гьелъ сайгъат гьабуна Хӏамзатил Расулие.
Ункъабилеб дарс кьуна Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалъул школалъул учитель Патӏимат Гӏабдулхӏамидовалъ.
Гьелъул дарсил темаги букӏана «Рикӏкӏен». Гьеб темаялда анцӏабилеб классалда дарс кьуна лъабго учителас. Щиялъул букӏана жиндирго къагӏида, жиндирго хаслъи.
Патӏиматицаги хӏайран гьаруна цӏалдохъаби. Гьелгун гьей гаргадана, кидаго гьезие дарс кьолей йикӏарай гӏадин. Учителалъ гӏемерго хӏалтӏизаруна рикӏкӏенал гъорлъ ругел авар кицаби ва бицанкӏаби, цӏалдохъабиги тӏамуна творческиял хӏалтӏаби гьаризеги.
Щуабилеб дарс кьуна Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадовалъ. Гьелъул темаги букӏана «Рикӏкӏен».
Гӏажаибал хӏаял хӏазеги тӏамуна гьелъ цӏалдохъаби, масала, «Зенеро».
Нусго гъурущалдаса нусго гьудул лъикӏ — абураб кициялда сверухъ кьураб дарсалъ хӏикмалъизаруна гьелъул киналго гӏахьалчагӏи. Маргьабазул багьадур Чӏилбикӏги вачӏун вукӏана «гьоболлъухъ». Рукъги гьечӏого хутӏарав гьесие рукъ базе кумек гьабуна цӏалдохъабаз. Гьелъул магӏна тӏадехун рехсараб кициялъулъ букӏана.
Гьединго дарсида лъималаз ричӏана хӏикмалъабазул сандукӏги…
Цинги гьаруна щибаб номинациялда кьурал дарсазул хӏасилал.
«Авар мацӏалъул учитель» номинациялда тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Загьра Ахӏмадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Саида Хӏусеновалъе ва лъабабилеб бакӏалде рачӏана Мадина Хайрулаева ва Лайла Нурхӏажиева.
Мацӏазул номинациязда тӏоцересел бакӏал щварал учительзабаз лъабабилеб къоялъ кьуна классалъул сагӏтал. Финалалде ворчӏана щуго учитель. Кьураб темаялда рекъон, гьез бицине кколаан лъай кьеялъул проекталъул хӏакъалъулъ.
Гьаруна хӏасилал. Ва исанаги бергьенлъи магӏарулалъ босана. Гьей ккола Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадова.
«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула Загьрада кӏудияб бергьенлъи. Гьей гӏахьаллъизе йиго исана ноябралда Москваялда тӏобитӏизе бугеб конкурсалдаги.