Гъизилюрт районалда гӏумру гьабулей Патӏиматил ясалъул ясал Багъдадалъул туснахъалдаса Дагъистаналде тӏадруссаралдаса лъагӏел сверана. Кӏудияй ясалъул буго 13 сон, гьитӏиналъул – 7 сон.

Ясазул эбел гьебго туснахъалда, Гӏиракъалда йиго. Гьезул хъизан (росги, лъабго ясги, цо васги) Сириялде ун руго 2014 соналда. Цадахъго ун буго гьитӏинай яцалъул хъизанги (лъабавго васги росги). Гьей гьабсагӏаталда Сириялда, Ал-Хол абулеб лагералда йиго. Кӏиязулго росалги чӏаго гьечӏо.

Гьезул къисмат кин ккарабали бицунеб буго Патӏиматилгун букӏараб нижер гара-чӏвариялда.

— Патӏимат, Сириялде арал цо-цоязул гӏагарлъиялъ бицуна мугжул халатал яги ретӏа-къай салафиязул гӏадаб бугинги абун, жидер лъимал закон цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз рахӏаталда толарилан. Мадугьалихъцин закон хвезабураб цониги хӏужа ккани, хъата-масан гьезухъе рачӏунаанин. Гьеб чӏалгӏунги анила гьел доре…

— Валлагь, нижер лъималазул гьединаб жо букӏинчӏо. Дида лъала гьел дуца рехсарал гӏадал хӏужабиги. Амма нижехъе полициялъул хӏалтӏухъаби рачӏунго рукӏинчӏо. Мадугьалихъ КТО тӏобитӏулеб мехалдаги, нижехъе щивго ваккичӏо. Гьеле гьединлъидалин гьикъараб дица лъималаздаги лъица толарого, лъикьа тӏурулел нуж ругелилан, гӏилланиги щибилан.

Нижер кӏудияй яс кутакалда лъикӏай йикӏана школалда цӏализе. Гьелъул учительницаялъ гьанжеги абула, дуца хадуйккунги цӏализе йиччан йикӏарайани, Сириялде инчӏого чӏезецин бегьулаанин гьей. Амма дида лъалей гӏаданалъул цохӏо йигей ясги анаха дое. Щуйилазда университетги лъугӏун буго гьелъул. Дубаялде ине йигилан эбелалъе гьересиги бицун буго.

Росабаз рачун анаха нижер ясал доре.

Рукъалде индал, дица ясазда лъазабун букӏана гъоркье кӏанцӏеян абуниги, росас абураб гьабизе кколин. Гьединлъидал, эбел-эменги жалго тун, нуж гӏорхъи бахун къватӏире щай унелин дун гаргазе лъугьиндал, ясаз дида доб дир малъа-хъвай ракӏалде щвезабуна.

Чӏикӏаса Кӏудиясухъеги хьвадулел, тӏарикъаталъул нухдасанги унел лъимал рукӏана дир. Хасго мунагьал чураяв дир вас вукӏана кутакалда тӏарикъат ккурав чи. Чанго соналдасан цояв дурц лъугьана диналда тӏасан къацандизе, ричӏчӏуларел суалал кьезе. Гьеб мехалда дагӏба-рагӏиги кколаан дир васасдаги гьесдаги гьоркьоб. Сордо бащалъизегӏанги, лъугӏулароан гьезул хабар. Мунагьал чураяв Къурамухӏамад-хӏажи Рамазановасухъецин ун рукӏана гьел, щаклъи ккараб жо цӏехезе.

Гьел данделъун гӏемер заман иналде, нижеца яс нахъецин ячун йикӏана. Дурцас гӏемерал гьукъа-къаял гьаризе лъугьун рукӏун ругоха гьелъие. Цо вас гурони вукӏинчӏо гьеб мехалда гьезул. Цинги цӏаларав чияс абуна юха-кьабулейги гьечӏелъул, яс росасухъе йитӏейила, гурони гьезул васасул бесдалав гьавизехъин вугила нужеца.

Гьедин ана гьел Сириялде…

Дир кӏудияй яс гьабсагӏаталда Багъдадалъул туснахъалда йиго. Гьелъул кӏияйго ясги гьениса рачун рачӏана. Гьезул лъабабилей яс лезгиясда росасда йикӏана. Гьел кӏиялго кир ругелали лъаларо.

15 сон барав гьезул вас, Абу-Кемалалда мадраса цӏунун вукӏарав чи, бомбаги щун, чӏвана. Гьитӏинай ясалъул васги Багузаялда тӏагӏана. Чӏаго вугищ гьев, гьечӏищали лъаларо. Гьей жийго Ал-Холалда лагералде ккаралдаса кӏиго лъагӏел сверана. Гьенив хутӏарав гьелъул кӏиявго васги Дагъистаналде тӏадвуссине рес буго. Патӏимат дагьалъ цее ДНКялъе бидул анализ кьезе ахӏун йикӏана Махӏачхъалаялде.

— Гьел ясал гьанире кинаб хӏалалда рачӏарал?

— Валлагь, гьел кутакалда загӏипго яги рихха-хочун ратилин хӏинкъун йикӏана дун. Амма, машаАллагь, гӏезегӏан лъикӏ, сабурго ругоан. Цониги нухалда гриппалъги унтичӏо. Къойилго Къуръанги цӏалула гьез. Гӏурусалъги нижерго, цӏунтӏадерил, мацӏалдаги кӏалъала гьел. Гӏурус мацӏ щайин нужее, нилъерабго бицейин махсара гьабула дица. Цӏунтӏадерил мацӏ кибниги къваригӏунеб батичӏилан жаваб кьола гьез. Амма кин букӏаниги, рагъ бугелъуса рачӏарал ясал ругелъул, дагьа-макъаб гӏамал хисичӏогоги хутӏилищха гьезул. Хехго ракӏ къварилъун лъугьуна.

— Психологал рачӏунищ гьезухъе?

— Рачӏуна. Батӏи-батӏиял жалазул суратал рахъизе тӏамула гьез ясал, гьезулгун гара-чӏвари гьабула. Сахлъиялъул халгьабизе «Солнечный берег» лагералде, тохтурзабазухъеги ритӏун рукӏана.

Гьединго социалияб хъулухъалъ гӏарацги кьун, рииялъ учительницаги хьвадана нижехъе, кӏудияй ясалда дарсал малъизе. Къуръан цӏализе гурони, батӏияб жо лъалеб букӏинчӏелъулха гьелда. Гьединлъидал гьей жиндасаго гьитӏинал лъималазул классалде ячана цӏализе.

Гьанже подклассалде хьвадулей гьитӏинай ясги йиго.

— Гӏарабалъ жидерго букӏараб гӏумруги ракӏалде щолеб батиларищха гьезда…

— Кваналелщинахъе эбелги ракӏалде щун, байбихьуда цӏакъго къварилъахъдулаан гьел – жал гьанир тӏагӏамаб кванда нахъа ругила, жидер баба абуни доя туснахъалда йигила якъуца холей. Жал берцинаб бусада регун ругила, жидер эбел абуни чӏарбида йигила.

Жиндиего кьураб квен гьелъ гьал ясазе кьолеб букӏун буго, якъун жийгоги чӏун.

Щибаб камераялъур лъабго чӏужугӏаданги гьезул лъималги рукӏунел руго дора. Нижер лъимал гьенир лъабгониги соналъ рукӏана.

Тӏоцебесеб анлъго моцӏалъ календарь гьабун букӏана гьез, эбел тӏаде щвезе хутӏарал къоял рикӏкӏине. Цо заманалда хабар букӏана цо-кӏиго моцӏидасан риччалел рагӏулин туснахъаздаса руччабигиян. Ахир-къадги ясазда бичӏчӏана гьеб гӏададисеб иш букӏин. Кватӏичӏого эбел ячӏунилан, кӏодоэбелалъ жал махсараде кколел рукӏинги лъан, календарал гьари рехун тана ясаз. Аллагьас хъвараб жо ккелинги абун, гьанже гьез дунгицин гӏодое йиччазаюла.

— Сириялдагун Гӏиракъалда жанир тӏамурал нилъер руччабиги лъималги тӏадруссинаричӏониги бегьулин, гьел террористал ругилан рикӏкӏуна цо-цо чагӏаз. Дуца щиб абилеб?

— Дир кӏияйго яс доя йигелъул, кӏваричӏин, риччаге гьел рокъореян дица абилищха? Дир квер къотӏун бугони, дидаго гурони гьеб унтуларелъул.

— Доба бугеб гӏумрудул щиб гьез бицунеб букӏараб?

— Байбихьуда кутакалда бечедаб, гӏодобе биччараб гӏумру букӏун буго — жанир бассейналги ругел, кӏалгӏаби гӏадал минабиги, жиде-жидерго магӏишаталги… Дагь-дагьккун рагъги тӏаде щун, цереса-цере лъутизе ккун руго. Цо заманалда тӏуранго ракъуца холел рукӏанинги бицана гьез. Редискаялъул маж кванаялдецин ккун рукӏанила.

— Сириялдасагун Гӏиракъалдаса нахъе рачине рес бугониги, цо-цо улбуз лъимал, кирениги риччачӏого, жидедаго аскӏор толел ругиланги бицунеб рагӏана.

— Дидаги рагӏана гьеб. Амма тӏалаб гьабизе чи гьечӏого яги гӏагарлъиялъе къабуллъичӏого, дора хутӏарал лъимал ругин бицанаха гьезул хӏакъалъулъ.

Гьитӏинай ясалъул васал тӏадруссинаризе документазул ишалъ Махӏачхъалаялде индал, гьениб цоялъ бицунеб бугоан Ал-Хол лагералда йигей чӏужугӏаданалъ инкар гьабунила лъимал гьанире риччазе, жий гьезухъ чӏалгӏун йикӏине йигинги абун. Хадуб лъималгун цадахъ жийгоги нахъе йиччалин хьул батизеги бегьулаха гьелъул. Лъаларо…