Бегулеб буго «Гьудуллъи» журналалъул иргадулаб номер. Гьелъул жилдазул кӏиабилеб гьумералда Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Махӏамадие скульптор Гӏали Мухӏамадовас гьабулеб бюсталъул сурат бихьидал, дир пикрабаз сапар цӏидасанги Лъагӏилухъе бухьана. Цӏидасанги цеве вачӏунев вуго шагӏир ва цӏидасанги рагӏулел руго гьесул, тӏабигӏат цӏилъулелъул, жиндир Савдатихъе раккичӏого рукӏунгейилан абулел рукӏарал рагӏаби…
Ва цӏидасанги дица, дирго ругьелги босун, салам битӏулеб буго гьей хӏикматай чӏужугӏаданалъухъе.
Йорчӏами, Савдат! Гьалеха жакъа-ги бокьун буго дургун гара-чӏвари гьабизе. Щайдай Гӏабасиласе их хирияб букӏараб? Щайгурелъул гьелдасан шагӏирасда чӏвалеб букӏун батила жиндирго къисматалда бищунго гвангъарал лъалкӏал толей йигей чӏужугӏаданалъул тӏагӏам. Маялъ ракьалде ячӏарай дуца цадахъ босун бачӏун букӏун буго шагӏирасул гӏумру лъалъазе рокьиги, рокьул цӏураб гъасда гьелегьараб цӏа бакизе гӏураб хинлъиги, ритӏухълъиги, мугӏрул чӏужугӏаданалда рекъараб мутӏигӏлъиги.
Хӏурматияй Савдат-эбел. Дурго лъимал гьечӏониги, лъималлъун рихьана дуда ниж, шагӏирасул гьудулзаби. Магӏарулазул аби буго «Чӏужу лъикӏав лъикӏ вуго, чӏужу квешав квеш вуго», — йилан абураб. Дуца наслабазеги магӏарул адабияталъе-ги тӏадегӏан гьаруна Гӏабасиласул цӏарги къадруги.
Дудаса рикӏкӏад йикӏиналъ, рес кколеб гьечӏо бокьанщинахъе, ракӏщванщинахъе духъе ячӏине. Ахирисеб нухалда духъе щвана гъоркьиса.
— Вай, бабал тӏанчӏийиланги абун, мун данде ячӏиндал, гьеб лахӏзаталъ чӏаголъи бачӏана рекӏелъе. Амма берзул хӏоринисан тӏинкӏунго тӏинкӏун рачӏунел цӏакъго цӏамхӏалал ва рухӏарал магӏил гараз бицунеб букӏана дур рекӏел тӏинда Гӏабасиласул цӏар хъвараб тах чӏобого бугеблъи. Гьалеха живго шагӏирги – жиндирго Савдат чиякъ теларилан, гьелда аскӏов цохӏо азбаралъувго вугев.
Гьале гьаб нухалдаги чӏвалеб буго дида, Савдат, дур квераз бежараб чадил гьуинаб махӏ. Дир хирияй Савдат-эбел, бокьун буго цоги нухалда хӏухьбахъизе Гӏабасилавгун цадахъ дуца бараб гӏаданлъиялъул сивуниб ва сас тун гӏенеккун чӏезе гӏолилал ясазе дуца кьурал ва кьолел ругел гӏумруялъул дарсазухъ.
Хъизан цӏунизе кӏвей, гьелъул
гъанситоялда чӏаголъиялъул лъал-кӏал тей, росасул цӏар цӏвабзазда аскӏоб лъезе бажари – гьеле даимлъиялде ине ругел дур дарсал. Жакъа къоялъги гьезие ритӏухъайлъун хутӏун йиго мун. Дурго Гӏабасиласе хирияллъун рукӏарал гӏадамал гьанжеги хириял руго дуе. Шагӏирас гьаниб тараб рокьул цӏадухъги кӏусун, магӏуги тӏолеб батила дуца, пашманлъиги рещтӏунеб батила духъе, амма дур къисматалъул цӏва къобахъанагӏан гвангъулеб буго.
Исана дуца балеб буго 85 сон. Гьеб 85-ябго хӏокӏалъулги буго щибалъул жиндирго къисматги къисаги. Биччанте Тӏадегӏанасул квербакъиялдалъун гӏумруялда баракат лъезе ва гьелдаго цадахъ дур намусалъул байрахъги бищунго борхатаб сия-лъул тӏогьиб парпадизе.
Гьале нахъеги шагӏирасул хабада гьесул Савдатгун цадахъ.
Ва нахъеги рагӏулеб буго жиндир Савдат чиякъ тогейилан щурулеб шагӏирасул гьаракь…