Бисал, туристал, цӏиял маршрутал ва шартӏал
24 марталда «Дагъистан» РИАялда пресс-конференция кьуна туризмалъулгун халкъияб махщелчилъиялъул рахъалъ министр Расул Ибрагьимовас. «Открытая власть» абун щибаб министерствоялъ журналистазулгун тӏоритӏулел дандчӏваязул цояб ккола гьеб.
Расул Ибрагьимовас бицана жидер идараялъ гъоркьиса гьабураб хӏалтӏулги исана гьабизе хӏисабалде босаралъулги хӏакъалъулъ.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гӏемерал туристал рачӏунел руго гьанже республикаялде, гьел цӏикӏкӏине рес буго коронавирусалъ къватӏисел улкабазде сапарал гьаризе рес щвечӏел туристаздалъунги.
Битӏараб, битӏарабилан, гьес абуралда разилъун бетӏер гьанкӏезабулев данделъи бачунев Мухӏамад Мухӏамадовги вукӏана. Гьелдаго цадахъ министрас тӏаде жубана гьездалъун нилъер гьаниб гьеб унти тӏибитӏиялдасаги цӏуна-къаялъул тадбирал хӏисабалде росун ругин жидер идараялъилан. Киналниги санаторияздагун гьалбадерил рукъзабазда лъазабун бугин, мухӏканаб хал-шал гьабун гурони, цо инсанги къватӏиса вачӏарав гьобол къабул гьавугеян.
Гьесго тӏад цузабун гьикъана Москваялда ва цогидал бакӏазда Туризмалъул министерствоги гӏахьаллъун тӏоритӏарал выставкабазулги. Гьел выставкабазда рагӏа-ракьанде щун рес кканин къватӏиса гьалбадерие нилъер ракьалъул берцинлъиги бечелъиги рагьун бицинеян абуна министрас.
Мугӏрул бисазде гьабулеб «туризм»
Гьесул рагӏабазда рекъон, хасго гьабсагӏаталда гӏемерисел туристазул гъира-шавкъ бижулеб буго чанахъанлъиялъул туризмалде:
«Нилъер гьанир гьелъие гӏемерал ресал руго. Масала, росилин лъебелазул, цӏунтӏадерил мугӏрузда рукӏунел мугӏрузул бисал. Цогидал регионазда гьезде чан гьабизе ихтияр кьолеб лицензия щвезе захӏматго буго. Гьел халкъазда гьоркьосеб «Багӏараб Тӏехьалде» росарал гӏалхул хӏайванал кколелъул».
«Багӏараб Тӏехьалдеги» росарал мугӏрузул бисазде чан гьабизе туристал нилъехъего къабул гьари кинха бичӏчӏизе кколеб? Туризмалъул министр хӏисабалда, дуцаго кинаб къимат гьелъие кьолеб? Мугӏрулги тӏабигӏатги берцин гьабун, эркенго тира-сверулел течӏого, гӏумруялдаса махӏрум щай гьел пакъирал гьарулел?» — гьеб суал кьуна «Хӏакъикъаталъул» мухбирас Расул Ибрагьимовасе.
Гьес гьелъие гьадинаб жавабги кьуна:
«Бичӏчӏизе ккола чан гьабизе гьукъарабги, гьелъие изну кьолебги заман букӏунеблъи. Бисазде чан гьабизе изну кьолеб лицензия щвезе нилъер гьаниб квалквал гьечӏо, республикаялда гьезул къадар гӏемераб букӏиналъ. Гьеб бакӏ битӏун бичӏчӏизе ккола».
Чанахъанлъиялъул цӏар бахъарабго, гьеб чара гьечӏого гӏалхул хӏайванал чӏвазе гӏоло гьабулеб туризм гӏадин бичӏчӏизе кколарилан баян гьабуна «Дагъистан» РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасги:
«Чундузул, бисазул суратал рахъизе бокьарал туристалги гӏемер рукӏуна. Тункӏица гурел, фотокамераялъ гӏужие росиго лъикӏ гурищха гьезиеги».
Цӏиял сапарал ва магӏаруласе туристасул бугеб сабаб
Цебехун бицен гьабураб, Москваялда тӏобитӏараб выставкаялда гьеб министерствоялъ хӏадур гьабун букӏана «Легенды Дагестана» абураб цӏияб проектги.
Гьеб ккола туризмалъул бренд.
«Гьеб маршруталда гъорлъе ине буго республикаялъул 16 муниципалияб гӏуцӏиги лъабго шагьарги. Гьенир гьоркьорго нусгоялдасаги цӏикӏкӏун тарихиял бакӏал, заповедникал ва гьеб гуребги гӏемераб жо буго туристазда бихьизе. Мугӏрузул мухъазда къачӏалел руго туристазул рукъзал. Бокьарав сапарчиясе хӏухьбахъиялъе ва квана-гьекъеялъе санагӏатал шартӏал ругел рукъзал ккола гьел. Гьелъул кӏудияб пайда буго жалго бакӏазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе. Гьеб ккола бизнес, магӏарухъги вукӏун, тӏаде гъурущ гьечӏев чиясе рес буго гьединал туристазул рукъзалги хӏалтӏизарун, жидеего гӏарац гьабизе», — ян бицана министрас.
Туристал рачӏунеб бищунго машгьурал бакӏазда гъорлъ Расул Ибрагьимовас рехсана Дербенталъул Нарын-хъалаги, Сулахъалъул къварилъиги, Сарыкумалъул салул мегӏерги, Гъуниб магӏарда имам Шамил гӏодов чӏараб гамачӏги, хъалаги, гьединго хунздерил Тоботги. Гьеб сияхӏалде жинцаго тӏаде жубачӏого телароанин Шамил районалда ругел некӏсиял сиялгиян бицана министрас.
— Гьел киназдаго лъалел бакӏал гурони, тӏокӏал гьечӏелищ республикаялда тӏоцеве вачӏунев туристасда рихьизе гӏадал берцинал бакӏал?
— Гӏемерал руго нилъер республикаялда гьел, щай рукӏунарел, — ин жаваб кьуна министрас «Хӏакъикъаталъул» суалалъе. — Гьединаб 40-ниги бакӏ рехсараб сияхӏ буго нижер сайталда лъун. Гьеб гуребги, нижеца хӏадур гьабун буго «Даг Туризм» абураб мобильнияб приложениеги. Гьенивеги ваккун, бокьарав чияс тӏаса бищизе бегьула жиндаго берцин бихьараб росу яги мухъ. Районазул нумалъулезулгун дандги бан, гьез ритӏун рачӏарал туристаз сапар бухьине бегьулел бакӏал нижеца сайталде рехула».
Хӏасил-калам, республикаялде рачӏунел туристазул къадарги гьезие хӏадур гьарурал сапаразул сияхӏги соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб, бечелъулеб бугилан абуна Расул Ибрагьимовас: «Анцӏго соналъ цебеги нилъер гьаниб парахатаб ахӏвал-хӏал букӏинчӏолъиялда бан хӏинкъулел рукӏун ратани туристал нилъехъе рачӏине, гьанже гьеб сурат кьучӏдасанго хисанин абизе бегьула».
Гьебни гьедин батила, амма къватӏиса рачӏунел гьалбадеридасаги гьабсагӏаталда нилъее рокъоб парахалъи буго бищунго къваригӏун. Гьединлъидал туристалги, тира-сверизе хӏалакинчӏого, жидерго гъасде руссаян абе. Дида гурхӏарасда тӏад вугевги гурхӏагиян дугӏаги гьабун.