Рарал соназул тарих гургинлъулеб къо буго гьаб анкьалда Тубхӏатил. Чан сон гьелъ барабали бицинаро, щайгурелъул дунгоцин божуларого йиго кӏарчамай, чӏурканай, чӏороло гӏадай Тубхӏат гьел соназул борхалъиялде яхун ятилин. Амма хӏакъаб жо — жиндирго гьунаралъул тӏокӏлъи, хаслъи гьелъ, лъагӏалил щибаб хӏокӏ нахъе толаго, миллатцоязе рагьараблъи. Цогидазда релълъинчӏей, гьазухъего, дозухъего хъвадаризе лъугьинчӏей, жиндир хатӏ билизе течӏей — гьединайлъун лъала дида Тубхӏат Зургьалова.

Горда лъураб тӏогьоде

Тӏинкӏун ана дир магӏу,-

Гӏолохъанлъиялдаго

Гӏодана дилъ дир рокьи.

Сонги дун елъанхъана

Дунгӏан талихӏай гьечӏин,

Нолъги макьу букӏана

Йорчӏизе бокьулареб… — гьал рагӏабаз рагьана дие тӏоцебе Тубхӏатил цӏар. Гьелъул ва дир гьалмагъ, цӏакъ хехго нижедаса ятӏалъарай Тӏидиса Варашилазул Хадижатица ахӏулаан гьеб кечӏ. Гьелъие хасаб бакъанги хъван букӏана Хадижатил росулъа гӏолохъанчи Ахбердило Ахбердиловас.

Рагӏун гурони, рихьун шагӏирзаби лъай — гьеб къанагӏатаб иш букӏана доб заманалда. Рагӏи дандбан мухъ хъвалевщинав чи шагӏир вугин цевеги вахъунароан, шигӏраби рагӏун машгьурлъаразул кӏудияб къиматги букӏунаан. Гьединлъидал къиматалда къабул гьаюлаан гьидерицаги бецӏдерил яс.

Хадур ниж щвана чӏегӏербарай Тубхӏатихъе. Гьелъ цӏаларал кучӏдуз гӏодизаюна эбелалъул ками хехго лъан рекӏел тӏегь бечӏарай дунги. Дицаго хъваралдайин ккана доб мехалъ гьелъ цӏаларал кучӏдулги.

— Ячӏа, Патӏимат, дихъе цоги нухалъ, цадахъ гӏодила нилъерго улбузулги бицун, — ан абуна, къо-лъикӏ гьабулаго, гьелъ.

Аваданлъиялъ, рокьуца гурелги, магӏуялъги гӏагар гьарулелъулха ракӏал.

…Эбел гьечӏел ясал, сордо рещтӏиндал,

Дунги гъорлъе яче, чара холелъул.

Хъизан гьечӏел яцал, цохӏо хутӏидал,

Дунги ракӏалде щва, магӏу тӏолелъул…

Улбул камуралщиназе гӏахьалаб рекӏел хӏал. Бесдаллъиялъ хӏал ккараб ракӏ магӏие чучулаан, Тубхӏатил кучӏдулги цӏалун.

…Эбел, духъ бараб чӏегӏер

Бахъизе тӏамуна дун:

Тӏадегӏанав Аллагьас

Гьеб къабул гьабуларин…

…Бахъана чӏегӏераб кӏаз,

Бахчана магӏил партал.

Амма къоял анагӏан

Цӏикӏкӏун камуна эбел…

(«Бахъана чӏегӏераб кӏаз»)

* * *

…Танкан дир ботӏроде рещтӏараб хасел,

Халатал сардазул магӏил нугӏищ мун?

Гӏолохъанаб расулъ тӏирщараб херлъи,

Долъул хвел бихьидал, баккарабищ мун?

Чохьол эбелалъул молоде къулун

Магӏу гьабулей дир рагӏабийищ мун?

Цинги, гьеб бихьиназ хъамун унелъул,

«Унге», — йин ахӏдолеб дир гьаракьищ мун?

(«Дир гӏолохъанаб херлъи»)

Дагъистаналъего загьирал гьунаразул гъамас гӏадаб бакӏ буго Бацӏада росуян хъван букӏана дица церегӏанго соназ художник Наби Анкаевасул бицунеб макъалаялда. Гьеб гъансиний Тубхӏатги халлъичӏого кьураб къимат гъоб букӏинищха.

Дицаго ретӏарал тӏугьдуз берцинлъун,

Бецӏдерил магъилъан уней йиго дун.

Гӏагараб ракьалде рокьиялъ йорхун,

Хурул кочӏол мухълъун лъугьун йиго дун.

Дирго захӏматалъул тӏоцебесеб гӏетӏ

Гьеб гъветӏалъул рагӏдукь дица бацӏцӏана.

Дора цере ругел рохьазул къиса

Ссанда дий эбелалъ бицун букӏана.

(«Росдал магъилъ»)

…Цӏад балелъул, магъилъ лъалкӏ тана дица,

Гьеб гьитӏинаб, гӏицӏаб хӏатӏил букӏана.

Жакъа, кӏодолъидал, гьеб батуларо,

Росдал гӏумруялъулъ дун гьечӏей гӏадин.

(«Дир росу»)

Тӏолайго Тубхӏат гьелъул хасиятгун гӏамал жиндирго шигӏрабалъ йиго: росдахъ чӏалгӏен буссунарей, чӏегӏераб кӏазикь яхчун, магӏуялъ гӏанаби чурарай, кьураб талихӏ бахчизе лъаларей, пашманлъи рагьун бикьулей, божилъи биличӏей, таваккалалъ течӏей. Жиндир ракӏрагьиялъ рекӏелъги йосана гьей гӏадамазда. Магӏарулазул гӏаммал тадбиразе хасаб чӏаголъи кьола гьелъул кӏалъаяз, гъираялда гӏенеккула махсараялъул лъугьа-бахъиназулъ гьелъ лъолеб гӏакъиллъиялъухъ, гӏумруялъул мисалазухъ.

Нуж щалали лъазе,

Лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал,

Эбел-инсул мацӏ.

Миллатго гьечӏеллъун

Хутӏунгутӏизе,

Хвезе тоге, бабал,

Бищун лъикӏаб мацӏ..

(«Дир гьайбатаб алипба»)

Лъимер гӏадин дунгогицин йохана, Тубхӏатил «Дир гьайбатаб алипба» тӏехь тӏоцебе бихьидал. Гьитӏичазе гӏуцӏараб гьелда жаниб лъунщиналъул жакъа бугеб кӏудияб кӏвар! «Магӏарул мацӏалъул дарс цӏале, бабу», — ян къвалалъ жийгогӏанасеб тӏехьги къан ячӏунаан, жеги кӏиго лъагӏел бачӏей нижер Алипай. Тӏехьалда руго гьелъие рокьулел, рокьуларел героял, гьелдаса къецбан гьитӏичаз рокъор рицуна хӏайваназул, хӏанчӏазул, гъветӏ-хералъул цӏарал, анкьил къоял, лъагӏалил мехал. Ясли-ахалде щведал, гӏурусабги лъан, гьанже кӏичӏизабун абула: пил-слон, гъалбацӏ- лев, хъартай-Баба-Яга абун.

Гӏурус мультиказада рагӏулел гурелги, жидерго рахьдал мацӏалда щибаб жоялда цӏар букӏин гьитӏичазда лъалареб, лъазабизе хӏаракат бахъулареб заман буго гьаб. Гьеб заманалда баккараб кутакалда хӏажатаб тӏехьги буго «Дир гьайбатаб алипба».

Лъаларо цогидазул иш, Тубхӏатил гьеб захӏмат кӏудияб ишлъун бихьана дидаго.

Гьеб тӏехьалъ лъимадул гъира балеб бугеб куц цӏидасанги тӏаде руссине, «зинкӏкӏулел, барщулел, гогьдарулел, кьурдулел..» лъималазул дунял рагьизе. Жиндилъго лъимерлъи цӏунарай Тӏубхӏатида кӏун буго гьитӏичазул ракӏазулъе кьо лъезе.

«Баргъич», «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз», «Дир жергъен», «Маржанал», «Дир гьайбатаб алипба»— магӏарулазул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул гьал тӏахьал руго жакъа нилъеда цере. Рохелги пашманлъиги, чӏухӏигун чӏалгӏенги, ватӏан бокьиги — тӏолабго рекӏел хӏал къватӏибе загьир гьабулаго, шагӏиралъ къалмица расарал, цо-цо тӏаде магӏу щущан хъварал тӏахьал руго гьел.

Эбелалде, ватӏаналде, аваразул бахӏарзазде гьарурал Тубхӏатил кучӏдул, цӏиял куркьбалги гъун, ритӏула гьунар бугел кочӏохъабаз нилъер халкъалъухъе.

Сардал рогьун, къоял рукӏкӏун, къулула гьей жинде аман гьарун рачӏаразул мухъал къачӏазе. Тубхӏат лъалезда гьезулъ гьелъул хатӏги халлъула.

Магӏарулал рохараб сухӏматалдаги яги пашманлъаралъурги Тубхӏат нилъеда ятула. Елъулаго, гӏодулей, магӏу бацӏцӏунаго, гьимулей, лъидаго релълъинчӏей, гьечӏого гӏоларей чӏурканай Тубхӏат.

Лъицаго хисуларо гьей нилъее магӏарул шигӏрияб дунялалда. Рекӏел къасдазда рекъон гӏамал гьабизе, гьунар рагьизе баракатаб гӏумру гьарила нилъеца гьелъие.