Гӏагараб росулъе щвезе сапаралъ яхъиндал, кидаго лъалхъула Хӏебда росулъе щолеб бакӏалда, какал разеги машинаялъубе бензин тӏезеги. Щугогӏан соналъ цее Хӏебде щведал, ракӏ бохизабуна, Авар гӏурул рагӏалда бараб сангар бихьидал. Гьал къоязда редакциялде вачӏана гьеб сангар барав устар Мусрухъа Махӏмуд Гьитӏинов.

«16 млн 700 азарго гъурщил хӏалтӏи гьабуна нижеца гьениб. Амма жеги кьечӏо гьелъухъ гӏарац. Гьелъие гӏиллалъун буго хӏалтӏи гьаби тасдикъ гьабулел кагътазда заказчикас, ай «Дагводсервис» идараялъ, гъулбасунгутӏи. Гьезул вакилас абуна жидеда ДРялъул Минфиналъ лъазабун бугила бюджеталдаса бахъараб объект бан бахъиналъул хӏакъалъулъ документазда гъулбас гьабугеян абун. Гӏажаибаб жо кколеб буго! Дир идараялдаги «Дагводсервисалдаги» гьоркьоб гьабураб къотӏи-къай буго. Цоябниги рахъалъ гьеб биххизабулеб бугин лъазабунги гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда – 2017 соналда жеги тӏаде жубана гьеб къотӏиялъул болжал. Къотӏи биххулеб мехалда, гӏахьаллъизе ккола кӏиябго рахъалъул вакилзаби. Гьелде тӏадеги, къотӏи бихханищ – гьабун бахъараб хӏалтӏухъ гӏарац кьезе ккола гьебсагӏатго. Дун бергьунеб хӏал буго, юридикияб рахъалъ халгьабуни. Амма бергьунев гьечӏо…

Доб заманалда районалъул бетӏерлъун вукӏана Мухӏамад Асиятилов. Гьес рагӏи кьун букӏана гьабураб хӏалтӏухъ харж кьезе, амма данде ккечӏо. Гьелъие гӏиллалъун ккана бюджеталдаса нахъе кьураб объект гьеб букӏин, ай гьелде биччараб гӏарац бюджеталда гьечӏолъи.

Районалъул бетӏерасул рагӏуда божун, дирго гӏарац харж гьабуна дица гьениб – бичана машина, дача. Гьеб гӏарац кьуна хӏалтӏухъабазул цо къокъаялъе. Руго жеги дица харж кьечӏого хутӏарал хӏалтӏухъабиги», — ян бицана гьес.

Махӏмуд вуго кьучӏаб рагӏул инсан. Гьедин, гӏурул рагӏалда сангар балаго, гьесул рагӏуда божун, гьенир хӏалтӏана батӏи-батӏиял районаздаса устарзаби, кьуна хӏалтӏизабизе техника. Къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏана техникаги гӏадамалги. Хӏалтӏулаан гъираялда, щайгурелъул цӏадхӏалаб ва гӏазу биараб заманалда лъим гӏемерлъиялъ гьалаглъараб гӏоралъ рагӏалги кванан, шагьранух къварид гьабулеб букӏана. Сангар бай киназего хӏажатаб иш букӏин бичӏчӏиялъ гъирабазабулаан хӏалтӏухъабаздаги.

«1971 соналдаса нахъе дун вукӏана Хӏебда. Доб заманалда гӏор чвахулаан росулъ жанисан. Дагь-дагьккун, гӏор «хъущтӏизабуна» мегӏералъул ракьандехун. Гьабуна дол соназдаги гьелда цебеги сангар. Амма даимаб жо букӏунарелъул, цебего заман щун букӏана сангар цӏи гьабизе. Нижеца гьеб хӏалтӏи гьабичӏебани, шагьранух къазе кколаан. Гьенисанин абуни, гӏадамал хьвадула Шамил, Лъаратӏа, Бежтӏа ва Цӏунтӏа районазде.

Гьабсагӏаталда гьединаб квешаб хӏалалда буго Хӏебдаса эхедегӏан бугеб гӏурул рагӏал. Лъеца дагь-дагьккун «кваналеб буго» ракь, кколеб буго шагьранухалъе хӏинкъи. Республикаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, гьеб рагӏал цӏигьабиялда бан, документалги хӏадурун, гьелда гъорлъего ккезабизе бугин райцентралда гьабун бугеб хӏалтӏул проектги. Гьеб проект къабул гьабуни, бюджеталда букӏине буго гьелъие биччараб гӏарац. Хьул буго гьедингӏаги дир рукӏарал киналго хӏалтӏухъабазе харжал кьезе рес ккеялде», — ян бицана Махӏмудица.

Гьабураб хӏалтӏул чарагьечӏолъиги гьелъухъ харж кьечӏого хутӏиялъулги хӏакъалъулъ чанцӏулго хъвана ДРялъул бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповасухъеги ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялдеги, Гӏурул рагӏаллъаби цӏуниялъул идарабазул нухмалъиялъухъеги, районалъулгун регионалъул ва федералиял судазул идарабаздеги. Амма хӏасил жеги ккечӏо. Чанцӏулго дандчӏвана Махӏмуд министр Набиюла Гъарачаевгунги. Бицана лъикӏаб хабар ва абуна, материал судалде кьеян, гьеб мехалда жиндие бигьалъулила дуе гӏарац балагьизейилан. «Кинниги, дир ракӏ рекъараб хӏасил судазулги ккечӏо. Амма дида лъала дун ритӏухъав вукӏин: гьабсагӏатги берда цебе буго дица ва дир хӏалтӏухъабаз гьабураб хӏалтӏи, жамагӏаталдаги бихьана гьеб гьабулеб букӏараб къагӏида. Гӏадамаз доб заманалда абулеб букӏана, гӏин кьурун, гӏурул чвахи хисизабунин Махӏмудицаян абун. Бокьараб комиссияги гӏуцӏун хал гьабе – гьабураб хӏалтӏул жаваб кьола дица», — ян абуна М. Гьитӏиновас.

Магӏарухъ нухазул кӏваралъул бицунеб цо хӏужа рехсела. Дир букӏун батила доб заманалда 3-4 сон. Эбел-эмен ун рукӏана хъутаналде, инсул вацасе ригьин гьабизе. Ниж тана кӏодоэбелалда аскӏор. Цо къоялъ радалго гьей ана, нижеде нуцӏаги рахан. Дидаса кӏудияв вацасда лъазабуна гьелъ, кирениги къватӏире унгеян абун. Амма дов, гордухъан къватӏивеги лъугьун, рокъор рукӏаян нижедаги лъазабун, ана. Гьес гьабураб гьабуна нижецаги: бакьулъ ккезавуна дидаса гьитӏинав вацги, дунги яцгӏалги рахъана болъодухъан къотӏноре. Гӏажаибаб, рекӏелъе хӏинкъи ккезабулеб гьаракь рагӏулеб букӏана гӏурул рагӏалдасан. Ниж ана гьенире. Нухго бихьулеб гьечӏоан – гьеб бацизабун бугоан щвараб гӏоралъ. Гӏемер хӏинкъиялъ, ниж гьеб параялъго рокъоре тӏадруссана.

Гьел къоязда магӏарухъе рачӏунел рукӏарал эбел-эмен, нухги гӏоралъ ун, лъелго рачӏине ккана росулъе. Анкьалдасаги цӏикӏкӏун заман бана гьез нухда…