(Сасикьа Гӏабдурахӏимил ракӏалдещвеяздаса)

…Рагъ лъугӏун хадубги цо чанго соналъ, «рагъалъ чӏунтизабураб халкъияб магӏишат рукӏалиде ккезабулеб бугинги» абун, долго займалги, магъалабиги, страховкабиги ракӏарун, халкъалъул кисиниб шагьи-параги хутӏулеб ва гьезул рокъоб къайи-матахӏги данделъулеб букӏинчӏо.

Рагъде арал гӏолохъабазулги гӏемерисел тӏад руссинчӏо. Руссаралги, сакъатлъун, бох-гъеж гьечӏого рачӏана. Цо-цоял асирлъудеги ккун рукӏана. Гьениса рорчӏаралги, «ватӏаналъе хилиплъарал» абун цӏарги лъун, 10-15 соналъ туснахъалда тӏамуна.

Дида гӏакълу-лъай щвараб заманалда, ай 1947-1948 соназда бихьараб жо буго, мискинаб, язихъаб, пашманаб яшавалда ругел дир росуцоял. Гӏемерисел лъимал хӏатӏида гӏицӏго рукӏунаан. Гьезда тӏад ретӏараб ретӏелги цохӏо гурде-тӏажу букӏунаан. Гьеб ретӏелги гъизихараб ва гӏемераб рукъи бараб букӏун, жиндир аслияб кьер щиб бугеб ва щиб ххамил гьабурабали лъалареб букӏунаан. Ретӏел чуричӏого тӏубараб хасел унаан — гьеб тӏаса бахъидал, хисун ретӏине цоги ретӏел гьечӏолъиялъ. Къаси регулеб бусенги жаниб хӏет лъураб квасул ургу букӏунаан. Тӏаде бачунеб жоги квасул гьабураб, «цӏаха» абун жинда абулеб бакӏаб жо букӏунаан. Анцӏго-къого соналъги жиб чуричӏеб, нацӏалъ, чӏетӏалъ жиб цӏураб, лъималазул кӏущалъ туризабураб букӏунаан бусен.

Яшавалъул язихълъиялъ лъималазул черхалда тӏагӏунарел тӏомол унтаби рукӏунаан. Бищунго сах гьабизе захӏматаб букӏана бетӏералде бараб тӏехӏ. Тӏубанго ботӏрол тӏом квешаб махӏ бугеб чанхъ тӏад чӏван букӏунаан. Ахирабги тӏехӏ тӏагӏинабуна, 1955-1956 соназ Буйнакскиялда ва Махӏачхъалаялда больницабазда регизарун. Нацӏ-чӏетӏ жеги чанго соназ тӏагӏун букӏинчӏо, жанир чӏолеб рукъ, тӏад ретӏунеб ретӏел чорокаб букӏиналъ, гьелъул хьон бакъвазабизе захӏмат букӏана. Дида ракӏалда буго, школалда цӏализе унеб мехалъ, «дуст ДДТ» абулеб цӏакъ махӏ квешаб дару балаан цӏалдохъабазул ратӏлил жанисеб рахъалде. Гьелъул квешаб махӏалъ нацӏ тӏагӏунаан, амма кибго тӏибитӏараб хӏутӏ-хъумур букӏиналъ, цо анкь гӏадаб заманалдасан цӏидасанги бачӏун батулаан.

1957 соналда дун Махӏачхъалаял-да цӏалулелъул, общежитиязда ругел цӏалдохъабазул ретӏел ва бусен-къайиялъе, санэпидстанциялде баччун, лъагӏалида жаниб цо чанго нухалъ дезинфекция гьабулаан. Гьенибги добго нацӏ камулеб букӏинчӏо ва гьеб хвезабизе гӏоло, бухӏараб хӏухьлал хьагазухъе балаан ретӏел.

Нижер хъизан жаниб хӏебтӏараб мина букӏана халалъухъе ва гӏеблъухъе анлъ-анлъ метр бугеб цо рукъ. Гьеб рукъалъул лъабго метр гӏеблъи ва лъабго метр халалъи бугеб бакӏ, хьопалъ хьухьун къадалги гьарун, гьелда хӏарщ-ракьги бохьун, батӏа тӏезабун букӏана, ва гьелда цӏар букӏана печьрукъ абун. Гьеб букӏана жаниб гьитӏинаб печьги цӏулал мангиги бугеб, цо хьибилалда 3-4 хъарщи лъураб, цӏарагӏ тӏад лъолеб мегӏелиги бугеб рукъ. Гьитӏинабго гордуги букӏана гьелъул. Нижер хъизамалъул 5-6 чи вукӏана.

Рукъалъул цогидаб бутӏа букӏана гордоги гьечӏеб, берцинго къадазда хӏарщги бохьичӏеб. Хасало тӏупун къазего къан бачӏунареб гьетӏараб нуцӏаги букӏана гьелъул. Къадал цо хьибилалда риидал жаниб цӏа бакулеб «тавухан» абулеб бакӏги букӏана, цӏадул кӏкӏуялъ чӏегӏерлъизарурал рукӏана рукъалъул къадалги чӏалу-рахиги. Гьеб рукъалъул бокӏнида, дунги дир гьитӏинав вац ва кӏудияй яц регулеб, хӏеталде тӏаде рехараб басрияб цӏахаги, тӏутӏун лъугӏулеб бугеб къохьол тӏимугъги букӏана. Тӏубараб хаселалъ гьеб бусен хисизе рес букӏинчӏо, ва нижер кӏващ цӏахаялдаса тӏагӏараб, гьеб бакъвараб заманги букӏинчӏо.

Нижералдаго релълъараб яшав

букӏана росдал гӏемерисел гӏадама-зулги. Цо-цо хъизамазул мина-рукъ дагьабго гӏатӏидабги букӏана, цо-цо нижедаса язихъалги рукӏана.

Квен-тӏех тӏубанго тӏагӏун ракъи бугеб заман дир гӏумруялда жаниб букӏинчӏо — цӏоросаролъил хинкӏ-чедниги, тӏехниги, картошка-гьолониги тӏагӏун хутӏичӏо.

Гӏачиязул рахьдадаса тӏорахь бахъулеб машина букӏана колхоза-лъул. Тӏорахь бахъун хадубги рахьалда цӏцӏо гъун, гьелдаса хӏан гӏадаб жо гьабулаан. Гьеб букӏана щибго жиндир тӏагӏам гьечӏеб, ракь гӏадаб нисо. Кванида цадахъ гьекъезе хӏан бахъун хутӏараб риди босизе иргаялда чӏун лъималги рукӏунаан. Риди щвечӏого, гӏемерисел чӏорого тӏадги руссунаан. Цоги, ракӏалда буго, колхозалъул хӏан жаниб лъурал къалазухъан гьеб хӏан хӏукуматалъе кьун хадуб нахъе хутӏараб цӏамул лъим (тори) босизе унел рукӏараблъи – квание дандежолъун гьеб хӏалтӏизабизе. Чанго нухалда дунги дир яцги Къедире щвезегӏан ана гьеб босизе. Цӏоросаролъил хинкӏалги гьарун, гьел жанир релъараб лъиналде дагьабго цӏамги тӏехги жубан, гьекъолеб букӏана хинкӏалгун цадахъ. Дагьабго нису-хӏанги жубан буцараб тӏохол къай кваназе щвейги кӏудияб рохел букӏунаан. Цоги, ракӏалда буго, эбелалъ нижее — кӏиго васасе — цохӏо хоно белъун, гьеб кӏибекун кьолеб букӏараблъиги.

Хасало цӏакъго захӏматаб нух букӏана, мегӏер бегун ине кколеб, чачаназул Хашакь абулеб росулъе. Цо-цо гӏадамал бажаричӏого тӏад руссунги рачӏунаан. Гьениса, хӏамузда тӏадги къан, бачӏунаан цӏоросаролъ. Цо соналъ гьеб букӏана ккалараб, кьогӏам тӏагӏамалъул. Рес гьечӏолъиялъ гьелъул гьабураб хинкӏ-чедги кваназе кколаан.

Рагъда хадусел соназ халкъалъе кумек гьабун бачӏунеб ролъул ва огобалъул чӏегӏераб ханжу букӏана. Цере хӏамулги къотӏун, Буйнакскиялде щвезегӏан ине кколаан гьеб босизе, ва гьеб сапар анцӏго къоялдасаги халалъулаан.

Нарт, цӏам ва ххам-квар босизе унаан, Гӏанди мегӏерги бегун, Грозныялде щвезегӏан. Гьеб сапарги цӏакъ халатаб ва захӏматаб букӏана. Грозныялде унеб мехалъ хӏамузда тӏад цӏоросаролъил ханжу, багӏаргьоло, нису-хӏан лъолеб букӏана. Гьенир ругел хӏалтӏухъабиги цӏакъго язихъаб хӏалалда рукӏун, кваналеб жоя-лъухъ гьез хисун ретӏел-хьит кьо-лаан.

Дир эбелалъул вац Гӏабдул-муслимица бицунаан, жив анила Грозныялде, хӏамида тӏад цӏоросаролъил ханждал таргьаги къан. Гьениб цо чӏараб бакӏалдаса вагъаризе течӏого, сверун руссун гӏадамаз ханжу бичун босулеб букӏанила, ретӏел-хьитги жиндие кьун. Гьеб дармил байбихьуда жинца цо-цо стакан цӏураб ханжу кьолеб букӏанила лъималазул цо ратӏлихъ. Дагьаб хадуб гӏадамаз гьаранила гьеб жидееги щвезе гӏоло цо чиясе бащдаб стакан гурони кьогейин абун. Ахиралда жинца гьеб ханжу цо-цо бугьун цӏун бичанила ва, гьебги хъатиниб бан, гьелда мацӏги ба-хъулаго, гӏадамалги унел рукӏанила.

Доб заманалъул мискинаб, язихъаб яшавалъул бициналъул мурад буго нилъ кантӏизари. Жакъа-себ бечелъиги эркенлъиги цебе букӏинчӏолъи кӏочене тезе бегьуларо. Гьарзаго нигӏматал нилъее кьурав Бетӏергьанасе щукру гьабизеги кӏочене бегьиларо.