Балагьал нахъчӏваялъе ва
хӏажатал тӏураялъе дугӏаялъул
кӏудияб пайда букӏуна. Гьелъул
хӏакъалъулъ руго аварагасул
(с.т.гӏ.в.) хӏадисалги.
Аварагас абун буго: «Тӏадегӏанав
Аллагьасул хӏукму-къадар
нахъчӏваларо дугӏаялъ гурони,
гӏумруги халалъуларо, лъикӏлъи,
ай садакъа-хайрат гьабиялъ гуро- ни», — ян.
Тӏадегӏанав Аллагьасда гьару- лелъул, дугӏа гьабулелъул, ният
бацӏцӏадав инсанасе Аллагьас
кьола нигӏмат, жаваб гьабиял- далъун. Жинда Аллагь разилъаяв
Гӏали асхӏабас абулеб буго: «Ну- жеца балагьал тӏаса рорхизе гьаре
дугӏаялдалъун», — илан.
Аллагь разилъаяв Анасидасан
бицана: «Нуж дугӏа гьабиялдаса
гӏажизлъуге, дугӏагун вугев чи ки-
даниги гьалаглъиларо», — ян.
Свалат-салам лъеяв аварагас абу-
на: «Тӏадегӏанав Аллагьасе бокьула
сахлъи ва балагьаздаса цӏуни гьа-
ризе. Дугӏаялъ мунпагӏат гьабула
балагь рещтӏиндал тӏаса босизеги
рещтӏунеб нахъчӏвазеги», — ян.
«Нужеца гьаре, Дица жаваб гьа-
била», — ян Тӏадегӏанав Аллагьас
абун бугелъул, нилъее дугӏаялъе
жаваб гьабичӏого толеб гьечӏо.
Амма цо чияс жиндирго мурадлъун
бугеб, балагь тӏаса боси букӏаниги
ялъуни цо кинаб бугониги жиндие
хӏажатаб жо тӏалаб гьабун бугони-
ги, гьарараб мехалда, гьебсагӏатго
жаваб гьабичӏони, гьелъие рукӏуна
батӏи-батӏиял гӏиллаби.
Басра шагьаралда базаркъотӏ-
носан унаго, Адгьамил Ибрагьи-
мида жамагӏаталъул цо къокъаялъ
абун буго: «Я, Аба-Исхӏакъ! Ни-
жеца Тӏадегӏанав Аллагьасда гьа-
рула, жаваб гьабуларо», — ян. Гьес
жаваб гьабун буго гьадин: «Нужер
ракӏал хун руго анцӏго жоялдалъун:
тӏоцебесеб – нужеда Аллагь лъа-
ла, амма Досул амру тӏубазабулеб
гьечӏо; кӏиабилеб – нужеца абула
нижее Авараг вокьулилан, амма гье-
сул суннат нужеца тун буго; лъаба-
билеб – нужеца Къуръан цӏалула,
амма гьелда гӏамал гьабуларо; ун-
къабилеб – нужеца Тӏадегӏанав
Аллагьасул нигӏматал кванала, щу-
кру гьабуларо; щуабилеб – нужеца
абула щайтӏан нижер тушман бу-
гин, гьелъие бокьухъеги хьвадула;
анлъабилеб – нужеца абула алжан
хӏакъаб бугин, ай букӏиналда бо-
жула, амма гьелъие мустахӏикъаб
гӏамал гьабуларо; анкьабилеб
– нужеца абула жужахӏ букӏин
хӏакъаб бугин, амма гьенире кке-
ялдаса цӏунулеб гӏамал гьабула-
ро; микьабилеб – нужеца абула
хвел хӏакъаб бугин, амма гьелъие
нуж хӏадурлъуларо; ичӏабилеб –
нуж макьидаса рорчӏула, ай радал
тӏаде рахъуна ва нуж машгъуллъу-
ла гӏадамазул гӏайибал цӏехеялде,
ай гьелда хадур лъугьуна, нужерго
гӏайибалин абуни жахӏалго тола, ай
гьел рихьуларо, гьезул кӏварги гьа-
буларо; анцӏабилеб – нужеца ну-
жерго хварал чагӏи рукъула, амма
гьезул пикру гьабуларо».