Советияб заманалда почалъул хӏалтӏухъабаз цо-цо бакӏалда поч баччу-
лаан чуязда рекӏун яги лъелго ун. Гьел чуялги чӏорого кьолаан яги гӏарац
биччалаан чу босизе.
ДРялъул УФПСалъул нухмалъулев ва Шамилхъалаялъул почалъул на-
чальник хисизегӏан (2016 соналъул августалде щвезегӏан) нижееги поч
бикьаралъухъ тӏадеги гӏарац биччалаан – хӏисабалде росулаан нухлул
манзилги тӏабигӏиялгун гьава-бакъалъул шартӏалги. Гьанжейин абуни,
штаталъул расписаниялда рекъон, гӏицӏаб харж гурони щоларо.
Поч гуребги, 30-40 километралъ рикӏкӏад ругел бакӏазде пенсиялгун
пособиял росунги уна ниж. Гьелъие гӏоло цин райцентралде щола гьеб
киналдаго хадуб, хадур (нижерго гӏарацги хвезабун) уна рикӏкӏадал ро-
сабалъеги хъутабаздеги. Цо-цо мехалда дагьа-макъаб гӏарцул къадарги
гурелъул нижехъ букӏунеб. Гьелъул жавабги кьезе кколелъул.
Гьединлъидал гьеб суалалъулъ нижер ихтиярал хвезарун ругилан
хъварал гӏарзаби нижеца ритӏун рукӏана ДРялъул бетӏер Владимир Васи-
льевасухъе, прокуратураялде, районалъул судиясухъе.
Гьединго битӏун букӏана газеталъул редакторлъун вукӏарав Гӏали Ка-
маловасухъеги. Амма балагьила, бихьилаян абун гурони, нижер кагътил
хӏасил ккечӏо.
Гьанжегӏаги гьеб хӏал хисилин абураб хьул буго ва нижер масъала
тӏубазабиялде цӏияв редактор Гӏумахан Гӏумахановас кӏвар кьуни бокьи-
лаан.
Нижги Гумбет районалъул почалъул хъулухъалъул хӏалтӏухъаби:
Гӏазра Гӏубайдулаева (Цӏиликь), Равзанат Гӏалихӏажиева (Цӏунди-
Шабдухъ), Азипат Ахкубегова (Ингиши), Парида Мухӏамадова
(Лъаратӏа), Шамсият Султӏанмухӏамадова (Данухъ).