Дун ккола 1939 соналда гьавурав, Чӏарада районалъул Багинуб росулъа
чи.Дир заманалда росулъ букӏинчӏо школа, цӏализе ине кколаан Къуч-
раб росулъе. Нижер росулъа 19 лъимер хьвадулаан гьенибе, гӏемерисеб
заманалда хӏатӏида гӏицӏго.
Инсул гьумер дида лъаларо. 1939 соналда ун вуго рагъде. Нижер ин-
сул гьитӏинав вац Махӏмудги дида лъаларо, гьевги рагъде аралъуса тӏад
вуссинчӏо. Хутӏана 33 сон барай эбелги кӏиго васги. Гьеб заманалда ква-
налеб жо букӏана мичӏчӏ, ччути ва цогидабги чӏахӏ. Ретӏелги букӏана, ма-
сала, тӏажуялда 20-25 рукъи бараб. Гордеги букӏинарищха гьединабго.
Гӏанкӏудал ханидасацин кьезе кколаан налог. Дир кӏудияв вац Мухӏамадов
Гӏумар цӏалулев вукӏана Дусрахъ росулъ. Гьениб букӏана 7 класс. Рагъда
чӏварав чиясул лъималин абун, бачӏунаан 4 гъурущ, ва гьебги кьезе кко-
лаан вацасе кванихъги, ратӏлихъги, цогидаб хӏажатаб босизеги. Дусрахъе
букӏинчӏо машинадул нух, лъелго ине кколаан, 13-14 км нахъаги тун.
Моцӏида жанив цо нухалда гурони вацги рокъове вачӏунароан.
Балугълъиялде вахиндал, дун хӏалтӏана батӏи-батӏиял бакӏазда. Ар-
миялдаса витӏана «Челябинск-40 маяк» абураб бакӏалде. Гьениб гьабун
букӏана ядернияб яргъил хӏалбихьи. Тӏубараб лъагӏелалъ гьеб ракьалде
гӏадан виччачӏого, ракь букӏана махӏцун. Ниж гьенире щвана 1958 со-
налъул ноябралда ва нижеда гьенир ратана цӏулал гьарурал казармаби.
Ункъо-щуго моцӏидаса байбихьана солдатал унтизе, гӏемерисел нахъе
ритӏана. Нижее моцӏрое щолаан 220-240 гъурущ. Гьелда тӏасаги кванихъги
ратӏлихъги ккун, кодобе щолаан 180-190 гъурущ. Гьелъулги бащдаб гуро-
ни кодобе кьолароан, хутӏараб, армиялдаса нахъе риччалелъул, сберкниж-
каялде рехилинги абун. Рокъове вачӏиндал, дие щвана 5600 гъурущ. Гьеб
гӏарцухъ гьабуна хъизан, бана мина. 1961 соналда милициялда хӏалтӏизеги
лъугьана. Гьеб хъулухъалда бана ичӏго сонги ичӏго моцӏгун бащдабги.
Дида кӏолароан гӏадамазул ракӏ лъукъулеб иш гьабизе ва, гӏарзаги кьун,
дун нахъе ана. Кӏудияв вацги вукӏана милициялда хӏалтӏулев, 1966 сонал-
да гьевги хвана. Гьедин рукъалъул тӏолабго ургъел бегана диде тӏаде.