Цӏаруе хисичӏев, хиянат лъачӏев
Шамил имам накълулъаралдаса 147 сон тӏубана
Ункъабилеб февралалда Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам Шамил ракӏалдещвезавиялъул тадбир. Гьениве ахӏун ругьел бачӏиндал, ракӏалде ккун букӏана гьеб тадбир тӏобитӏизе миллияб библиотекаялъул зал гӏеларин, гӏадамаз занкӏун цӏун букӏинин. Амма гьенире дагьалго чагӏи гурого рачӏине гьечӏеблъи дидасаги лъикӏ гӏуцӏарухъабазда лъалеб букӏараб къагӏидаха, республикаялъул миллияб библиотекаялъул хъатгӏанасеб залцин цӏун букӏинчӏо гӏадамаз.
Данделъи рагьулаго, гьелъул хӏакъалъулъ бицун, дагьав хъачӏго кӏалъана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадовги. Гьесул рагӏабазда рекъон, гӏайиб киназдаго буго, ай тадбиралъул хӏаракатчагӏи, гӏуцӏарухъаби гьелде хӏадурлъизе кколаан жавабчилъиялда.
«Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Гъайирбег Гӏабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь чанго соналъ цебе гьадинабго тадбир лъикӏаб даражаялда тӏобитӏун букӏана «Гьудуллъиялъул рокъоб», ва балагьизе рачӏараз гьеб занкӏун цӏунги букӏана, программаги букӏана бечедаб», — анги абун, Мухӏамад Мухӏамадовас докладгун цеве вахъине рагӏи кьуна ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул востоковедениялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан Гӏабдулмажидовасе. Гьесин абуни бицана Шамил имамас гьарурал реформабазул, имамасда сверухъ рукӏарал наибзабазул, муридазул ва Кавказалъул имаматалъул багьадурзабазул хӏакъалъулъ.
Тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Хӏажимурад Доногъоца ракӏалдещвезабуна Ахӏулгохӏда ккараб рагъул кьогӏлъи, бицана гьениб имамасул аскаразе ккарал камиязул, лъимал, херал, руччаби тушбабазда данде къеркьараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ. Тарихчиясул рахӏатхвезабун бугоан «Ахӏулгохӏ» мемориалияб комплексалда ран ругел гӏурус пачаясул, солдатазул суратаз.
«Мемориалияб комплекс рагьиялда данде вугев чи дун гуро, амма щибаб жоялъул букӏуна гӏорхъи-рахъ ва, нилъеца щиб бицаниги, бидулъ къаламги ччун, хъвараб тарих хисуларо. Комплекс рагьиялъул тадбиралда нилъер церехъабазул кӏалъаяздасаги дун рази гьечӏо», — ян абуна гьес.
Мухӏамад Мухӏамадовас абухъе, Доногъоца бицунеб цо рахъалъ битӏараб буго, тарих хисизабун лъихъаго бажаруларо. Амма гьудуллъиялъул кьоял лъезе бегьуларин абун хъвараб бакӏги кибго гьечӏо. Гьеб комплекс рагьиялъул аслияб мурадги, гьесул пикруялда, гьединаб буго.
Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, Ахӏулгохӏда дагьаб цебе хӏалтӏизе биччараб мемориалияб комплекс эхети ккола цӏакъ ургъун гьабураб иш.
«Нилъеда лъала Ахӏулгохӏалъул тарих, Дагъистаналъул халкъалъе кигӏан захӏматаб заман гьеб букӏарабали. Амма жакъа республикаялъул гӏадамазе чара гьечӏого хӏажат буго рекъел, хасго Россиялъул киналго миллатазулгун. Ахӏулгохӏда бугеб комплексалъ рес кьолеб буго цадахъаб нилъер къварилъи ракӏалдещвезабизе ва гьелъие битӏараб къимат кьезе. Рукӏа абе гьенир жанир гӏурус пачаясул ва генералзабазул суратал, гьеб гуро аслияб жо, аслияблъун ккола нилъеда нилъералго кӏочонгутӏи ва рекъел тӏибитӏизаби», — ян абуна районалъул бетӏерас.
Данделъиялда кӏалъазе рахъана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Денга Халидов, гӏалимчи Камил Ланда, Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов, Гьандихъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гъазалиев, Тӏолгороссиялъул «Лъагӏалил учитель — 2013» конкурсалъул лауреат Ахбердило Ахбердилов ва цогидалги.
Генуб гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз данделъаразда бихьизабуна Шамилица жиндирго вас Жамалудин гӏурусазухъе аманаталъ кьолеб ва гьев тӏадвуссун вачӏунеб сценка.
Ахиралда «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас Шамил имамасул ирс цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏухъ цо-цоязе баркалаялъул кагъталги кьуна.
Темирхан Хӏасанов