Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз

Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз

Жалалудин Сагӏидбегов,

Рималда бугеб Сапиенца университеталъул профессор

(Италия)

Дун гӏумру гьабун вугеб Рималда, Италиялъул северияб рахъалде данде ккун, ахӏвал-хӏал дагьабго

гӏодобе биччараб буго. Ахираб 30 соналда жаниб дида тӏоцебе бихьулебги буго гьадинаб Рим.

Аскӏобго бугеб тукаде араб мехалдагицин къанагӏатги вихьуларо чи.

Коронавирусалъул эпидемия байбихьилалде туристазул гӏемерлъиялъ хӏетӏе чӏезе бакӏ букӏунароан гьаниб. Рималъулаздаса цӏикӏкӏун рукӏунаан тӏаде рачӏарал.

Рималда гӏагарлъухъ бугеб Лацио шагьаралда гьадинаб хӏал буго: коронавирусалъ унтана 2758

чи, хвана 169 ва сахлъана 337 чи. Госпиталалда регаразул къадар буго 1131 чи. Гьезда гьоркьоса интенсивнияб терапиялъул отделениялда вуго 177 чи.

Рокъорго чӏун сах гьавулев вуго 1450 чи.

Интернеталдасан бицунеб куцалда концертал кьолел, релъихъуялдаги гьечӏо гьаниб халкъ.

Цӏакъго пашмангоги гьечӏо. Божилъи буго унти къезабизе бажарилин абураб.

Гьединго соцсетаздаги цогидалъубги бицунеб рагӏула хварал чагӏи рукъизе хадур гъолел гьечӏин

Италиялда. Гьедигӏан гӏемерал жаназабиги гьечӏо гьанир.

Пачалихъалъ кумек гьабулеб буго хӏалтӏиги рехун тун, рокъор чӏезе ккарал гӏадамазе. Цо-цо налогаздаса эркен гьаруна гьел, страхованиялъул гӏуцӏабазги байбихьулеб буго рецӏалил гӏарац кьезе.

Дица нилъерго ракьцоязда, дагъистаниязда гьарула унти тӏубанго лъугӏизегӏан парахатго чӏайилан. Гӏемерав чиги ахӏун бертаби гьарулеб, зигараялъ унеб гӏадат дагьаб заманаялъ кӏочон те. Заманаялъ мажгиталцин къазе бегьилааан, гӏарабазул улкабаздаго гӏадин.

Сайгид Билалов,

Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр

Дица нухмалъи гьабулеб Алапаевск шагьаралда жакъа къоялде гьечӏо коронавирусалъ гӏадамал унтиялъул цониги хӏужа.

Карантиналда вуго 44 чи. Улкаялъул Президентасул ва Свердловск областалъул губернаторасул Указалда рекъон, лъазабун буго хӏинкъи гьечӏолъиялъул хасаб низам. Къватӏахъ вукӏунаро цониги

чи, хасал хъулухъазул хӏалтӏухъаби тун батӏиял.

Рахан руго тӏолалго тукаби, кванил нигӏматазул хутӏизегӏан. Шагьаралде рачӏунел чагӏазул тӏадчӏун хал гьабула ва 14 къоялъ карантиналда лъола. Мисалалъе, Москваялдаса бачӏараб хъизан 14 къоялъ карантиналда лъуна.

Таксиялда цо чи гурони рекӏине виччаларо. Хъизан цадахъ бугони, бегьула.

Тадбирал согӏал руго, амма кинабго гьабулеб буго шагьаралъул гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе ва

хӏинкъигьечӏолъи букӏинабиялъе гӏоло. Гьединлъидалин коронавирусалъ унтарав цониги чиги гьечӏев.

Тукаде жаниве виччаларо щугоялдаса тӏаде чи. Гьезда гьоркьобги букӏине ккола бащдаб метралъул манзил.

Киналго маскабиги ххун руго. Маскабазул къварилъи гьечӏо, щай абуни нижеца хӏукму гьабуна ретӏел букъулеб ателье маскаби рукъиялде сверизабизе.

Микрофоназдасан гьоркьоса къотӏичӏого лъазабула къватӏиве хӏажалъи гьечӏого чи вахъунгеян. Нагагь вахъани, хех гьабун щвезавула ГОВДялде.

Бокьун буго «Хӏакъикъат» газета гьоркьоб ккун, урхъараб салам битӏизе Дагъистаналъул тӏолабго халкъалде ва, тӏоцебесеб иргаялда, дирго гӏагараб Гӏахьвахъ районалъул гӏадамазде.

Аллагьас цӏунаги нилъ балагьаздаса!