Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ
бицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз
Коронавирусалда хурхун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ
бицунеб буго Дагъистан бахун къватӏирехун ругел магӏарулаз
Асият Ризванова, блогер (США)
Коронавирусалда бан Америкаялъул штатазда ахӏвал-хӏал батӏи-батӏияб буго. Руго тӏуранго жанире нухал къарал штаталги. Масала, Калифорния.
Дагьал гьечӏо эркенго тарал штаталги. Цӏакъго хӏажалъи ккун гурони, рокъоса къватӏире рахъине изну гьечӏо. Гьаниб унго-унгояб цӏодорлъи гьабулеб буго. Школалги вузалги хӏалтӏулел руго дистанциялъулаб къагӏидаялда.
Гьеб заманалда жаниб хӏукуматалъ хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе 1200 доллар, щибаб лъимералъе 500 доллар кьезе бихьизабун буго. Гьеб ккола лъагӏалида жаниб жидер хайир 150 азарго долларалде бахунарел хъизаназе кьолеб гӏарац.
Гьаниб щивав чиясухъа, страховкаги гьечӏого, чӏобого босула коронавирус загьир гьабулеб анализ.
Нижеца гӏумру гьабулеб буго ижараялъе росарал минабахъ. Гьезул тӏалаб гьабула цо компаниялъ. Араб моцӏалъ гьелъ лъихъаниги коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац босичӏо. Гьебин абуни, нижее кӏудияб кумек буго. Щибаб хъизамалъ цебе моцӏрое 150-180 доллар кьезе кколаан.
Шагьабудин Озден, жамгӏияв хӏаракатчи (Турция)
Цин 12 марталда ункъо-щуго чи хвана гьанив гьеб унтуца. Хадуб къойидаса къойиде байбихьана гьезул къадар цӏикӏкӏине. 31 марталдехун хвана 243 чи.
Тӏоцебе гьаб унти байбихьидал, гӏемер квалквал букӏинчӏо. Гьанже 65 соналдаса тӏадехун ригь бугел гӏадамал къватӏире рахъине гьукъун буго.
Хӏалтӏулел бакӏал гӏемерисел къан руго. Машинаби, гуми, самолетал чӏун руго. Къватӏире рахъарал гӏадамазул, унти бугищали, цӏа-кан борцуна.
Гьаниб магӏарулазул, дагъистаниязул хварав чи вугилан рагӏичӏо. Цо моцӏидасан гьаб унти танкилилан абураб бугоха хабар.
Райгьанат Мухтарова, гостиницаялъул хӏалтӏухъан (Франция)
Карантин лъугӏизегӏан, рокъо-рокъор чӏун руго гӏадамал. Къватӏире рахъине бегьула гӏицӏго кванил нигӏматазда хадур тукаде, дараби росизе аптекаялде, дагьабго заманалъ гьой тира-сверизабизе. Амма кодоб букӏине кола нилъерго цӏаралги, адресги, рокъоса къватӏиве вахъараб заманги хъвараб кагъат. Гьеб низам хвезабуни, 200 долларалъул гӏакӏа къотӏула. Карантин
гӏад-хочӏ гьабулев, гьелъул сан гьабиларин лъугьарав чи лъагӏалица туснахъ гьавизецин рес буго.
Хӏалтӏиги рехун тун рокъор чӏезе ккарал чагӏазе гьезул харжал рецӏула: 30 процент — пачалихъалъ, хутӏараб – хӏалтӏулеб бакӏалъул хважаинас.
Талихӏалъ, дир сверухълъиялда ругел чагӏазда гьоркьов цониги гьечӏо гьеб вирусалъ унтарав чи.
Кин батаниги, гьеб буго цӏакъ нилъеца цӏодорлъи гьабизе ккараб иш. Гьединлъидал, рокъоса къватӏире рахъинчӏого чӏун лъикӏ. Карантин цӏунизе ккола, гьеб гӏадада лъазабураб жо гуро.
Марям, (Египет)
Даимго хъудулеб Египеталъул тахшагьар Каир гӏажаибго буго гьал къояз. Гьениб дица бараб 26 соналда жаниб, гӏицӏго гьанже рагӏизе лъугьана хӏанчӏазул хӏайранал бакънал.
Нижер гьаниб карантин лъуралдаса кӏиго анкьниги буго. Къад щуго тӏубазегӏан гурони изну гьечӏо тукабазде, аптекабазде ине. Амма, маскаби гӏолел гьечӏолъиялъ, гӏемерисел гьелги ххечӏого хьвадула.
Лъималазги цӏали гьанже рокъобго гьабула. Амма тренировкабазде хьвадун ругьунал дир васазе дагьаб захӏмат бугоха къватӏире рахъинчӏого чӏезе.
Гьединлъидал росас гьезие рокъоб гьабуна гьитӏинаб спортзал гӏадаб бакӏ.
Карантиналъул заманалда къойилгогӏадин нилъерго магӏарул квен гьабула. Гьединго гьабула якьад-вакьадас малъараб гӏарабазул квенги. Дир рос гӏарабав вуго.
Какалги гӏадамаз, мажгитазде инчӏого, рокъорго ралел руго.
Дир бухьен буго Дагъистаналдаса рачӏарал руччабазулгун. Гьезда гьоркьов унтарав чи гьечӏо.
Александра Гармажапова, журналист (Чехия)
Чехиялда гӏумру гьабулел гӏадамаз гьеб коронавирус рикӏкӏуна унго-унголъунги инсанияталъе хӏинкъи бугеб унтилъун.
Тӏоцебесеб кӏиго анкьалъ Прагаялда гӏадамал кутакаб гӏадлу-низамалда рукӏана: къанагӏатги вихьулароан къватӏиве вахъарав чи, нагагь рахъаниги, тӏад маскабиги ххун гурони рахъунароан. Законалда рекъон, маска ххезе ккола. Гьеб босизе щвечӏони яги букъизе бажаричӏони, шарфниги жемизе ккола гьурмада.
Амма, зама-заманалда къватӏир свердулел рукӏунел дир гьудулзабаз бицухъе, маскаби ххечӏогоги хьвадулел рагӏула шагьаралда гӏадамал. Чӏалгӏун ратилаха гьезда маскаби. Дунни кидаго рокъой йикӏуна ахираб заманалда.
Къанагӏат гурони тукадецин унаро. Къватӏиб полицияги бихьуларин бицуна гьалмагъзабаз. Амма дида лъалей цо ясалъ хъвалеб бугоан, эркенго хӏухьел цӏазелъун, жинца маска дагьаб гӏодобе цӏайдал, хъата-масан жиндир хьолбохъ эхетанила полиция.
Талихӏалъ, гӏакӏа къотӏулеб гьечӏо гьез, малъа-хъваял гьарун гурони.
Тукабазде рачӏарал гӏадамазги, цересел анкьаз гӏадин, цоцазда гьоркьоб 1,5-2 метралъул манзил толеб гьечӏоан. Амма Лондоналда, Нью-Йоркалда, Берлиналда гӏадаб, къайиялъе гӏоло дагӏба-къец гьаниб букӏинчӏо.
Чехия жиндир заманалда хӏадурлъана гьеб унтуда данде чӏезе. Дармилгун рекӏелгъеялъул бакӏал, фитнесс-клубал къана, киналго тӏамуна маскаби ххезе, метроялда жанир дезинфекторал лъуна. Гьединлъидал Европаялъул цогидал улкабазде дандеккун, гьанир унтарал дагь руго.
Амма кватӏичӏого гьаниб баккизе буго цойги масъала-туристазул къадар гӏодобеккей. Аслияб куцалда туристаздалъун бетӏербахъи бугеб бакӏлъидал гьаб, церехун рехсаралщинал бакӏалги къан, даранчагӏазе кутакалда зарал ккана.