Ума Хӏайбулаева, Франциялъул Анси шагьар
Карантин нижер шагьаралда байбихьана 16 марталда ва кутакалда цӏунулел руго рихьизарурал тӏалабал.
Къватӏахъ къанагӏатги чи вихьуларо, киналгоязде гӏунтӏун гьурмада маскабиги ххун хьвадулел руго.
Аптекабазда къанагӏалъун руго маскаби ва захӏматаб хӏал буго дезинфекциялъе хӏажалъулел сурсатазул рахъалъ. Маскаби рокъо-рокъор жидецаго гӏадамазги рукъулел руго. Мисалалъе, 13 сон барай дир яс Шугӏайнатицаги рукъула гьел ва мадугьалзабазе рикьула.
Нижер Анси шагьаралда, газетазда хъвавухъе, цо чи хунги вуго, лъебергояв унтунги вуго.
Имбирь ва лимон нижер гьаниб хиралъичӏо. Дунялалдаго бищун хирияблъун рикӏкӏунеб Франциялда жакъа имбирь бичулеб буго 110 гъурщиде килограмм гьабун. Захӏматаб заманалъ яги Рамазан моцӏалъ гьанир багьаби эхеде рахунаро.
Къаси-къаси, сагӏат микьго тӏубараб мехалда, ниж- киналго мадугьалзабаз, рагъидеги рахъун, баркала кьун, хъат чӏвала, гӏадамазул сахлъиялъе гӏоло къеркьолел тохтурзабазегун медсестрабазе.
Тохтурзабаз электроннияб почалдаса нижехъего ритӏарал рецептазда рекъон аптекабаздаса росула
дарабиги.
Карантиналъул тӏоцересел къоязда дагьа-макъалго захӏмалъаби рукӏана кванил нигӏматазул рахъалъ, гьанже кинабго лъикӏ буго.
Хириял, дир ватӏанцоял-дагъистаниял! Гьаб тӏолазего захӏматаб заманалда дица нужее гьарула щулияб сахлъиги, рекӏелъ гъваридаб иманги, цоцадехун кӏудияб адаб-хӏурматги.
Цӏакъго хӏажалъи гьечӏого къватӏире рахъунге, цӏуне нужго!