Рокъоб букӏун бугеб лъикӏ…
Карантиналъул пайда: коронавирусалъ «туснахъ гьаруразул» пикраби ва нилъ.
Коронавирусалъ тӏубанго хисизабунин абизе бегьула нилъер респу-
бликаялда жамгӏияталъул гӏумру. 28 марталдаса байбихьун пачалихъи-
ялги пачалихъиял гурелги хӏалтӏул бакӏал заманаялъ къан руго. Шко-
лазда ихдалил каникулал халат гьарун руго 12 апрелалде щвезегӏан.
Хӏалтӏулел руго гӏицӏго чара гьечӏого хъулухъ тӏубазе кколел идараби.
Гӏадамазда лъазабун буго къватӏире рахъунгеян. Гьеб низам дагьабги кьваризабуна арбагӏ къоялъ, 1 апрелалдаса байбихьун. Цӏакъго хӏажалъи ккун гурони рокъоса къватӏире рахъине бегьулеб гьечӏо. Кванил нигӏматал ричулел хутӏун, хутӏарал киналго тукаби къан руго. Тахшагьарги саламатго чӏобоголъун буго.
28 марталдаса байбихьун рес бугев чи, ахӏвал-хӏал гӏодоцинегӏан, магӏарухъе гочана. Социалиял сетазда, ватцапгун инстаграмалде рехун рачӏунелщинал видеоялгун аудиоял хурхарал руго гӏаммаб унтиялда.
Гӏемерисезул ццим буго, карантиналъул низамги хвезабун, къватӏал сверулел ругел чагӏазда. Бицунеб хабаралда рекъон, аслияб куцалъ гьел кколел руго гӏолохъаби. Динияб идараялъги, республикаялъул нухмалъулев В. Васильевасги, тахшагьаралъул мэр Салман Дадаевасги гӏадамазда гьарулеб буго рокъор чӏайилан.
Нижеца хӏукму гьабуна жакъасеб номералда карантиналъ рокъоре къотӏарал гӏадамазул пикраби кьезе. Щиб гьезда халлъараб гьал къоязда жаниб, кинал пикраби гьаризе тӏамурал ва сунца рахӏат хвезабун бугеб?
«Махачкалинские известия» газеталъул мухбир Бэла Бояровалъ гьадин бицана жиндирго бугеб хӏал-хӏукмуялъул хӏакъалъулъ:
— Дида ккола карантиналъул кумекалдалъун лъикӏго хӏухьбахъи гьабизеги, хъизан-лъималгун заман тӏамизеги рес щванин абулел гӏадамал къо бахъанагӏан дагьлъулел ругилан. Щайгурелъул (рачӏанилъеца битӏаралда битӏарабин абизе) карантин гӏезегӏан захӏматаб жо батана, хӏисаб гьабураб мехалъ.
Гӏадамалгун журан, гара-чӏварун рукӏараб къагӏида лъугӏи гуребги, гьелъ гӏемераб жоялъе квекӏенал гьаруна нилъее. Хӏисабалде росун рукӏарал ишал, сапарал, ракӏалда рукӏарал мурадал хӏурудахъ ана, цебе букӏараб чӏара-хьараб гӏумру гьечӏо. Ракӏ гӏодобе биччазабулеб буго гьеб кинабго заманалъ бугеб жо кколин ва кватӏичӏого лъугӏилин абураб пикруялъ.
Байбихьуда абун букӏана карантин 5 апрелалде щвезегӏан букӏине бугин, амма дида кколеб буго гьеб жеги халат бахъинин.
Рокъой дун йиго ругьунал пишабазда. Хӏалтӏулей ва цӏалдолей йиго интернет-бухьеналъул кумекалдалъун. Цадахъго хал ккола лъугьунеб-толелда хадуб, батӏи-батӏиял экспертазул гара-чӏвариязухъ, теле-передачабазухъ ялагьула. Дагьай цеегӏан ялагьун йикӏана киназдаго лъалев Украинаялдаса тохтур Комаровскиясул гара чӏвариязухъ.
Цогидаздаги абизе бокьун буго гьединал гара-чӏвариязухъ, цӏиял харбазухъ гӏенеккейин, хадуб хал кквейилан. Месенджеразде рехун рачӏунел щибго гурел чӏандабазухъ гӏенеккиялдаса, гьезулго хайир буго жакъа нилъее.
Республикаялъул фермеразул ассоциациялъул хӏалтӏухъан Раисат Гӏалиевалъ гьадин тӏамулел руго карантиналъул къоял:
— Битӏараб бицани, гьелъие къимат кьезе жеги хехго бугин тана дица. Дидаго карантиналъул
кьогӏлъи яги рокьукълъи жеги лъикӏаланго хъатӏичӏо, халат рахъарал гӏодоркъоязде гӏадин ругьунлъана гьелде. Дунго бетӏергьанаб минаялда гӏумру гьабун йикӏиналъ, дир рес буго гьеб заман пайдаяб куцалда тӏамизе. Рукъалда цебе бугеб бахчаялде уна. Амма гьенибги пикру
гьабулеб буго къваридал квартирабахъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазул гьабсагӏат батизе бугеб ахӏвал-хӏалалъулги. Хасго цоцазда жаниб лъикӏаб гуреб гьоркьоблъи бугел хъизамазе батила бищунго тӏагӏамхун. Хасго харжалъул бадире ралагьун рукӏунел, официалияб гуреб
куцалъ хъулухъалда ругел гӏадамазе цӏакъго захӏмат батилин ккола.
Дун рокъой яхчун чӏанин абизе бегьула жамгӏияб транспорталда гӏадамалгун дандчӏвачӏого
йикӏиналъул мурадалда. Хӏалтӏудаса къваригӏарал документал росизеян сон ун йикӏана гӏагарав чиясул машинаялда. Шагьар бугоан чӏобоголъун, гьеб киналъго кьогӏаб асар гьабуна.
Гьединго цӏакъ кӏвар бугеб суаллъун дица рикӏкӏуна информациялъул сурсатаз хъван балеб бугеб
рищни-къулалдаса цӏуниги цӏакъ хӏажат бугилан. Лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъул цо дагьабниги
бичӏчӏи щун буго жакъа гӏадамазе.
Гьединлъидал азарго нухалъ цого жо чӏамулел соцсетазда жанир къан рукӏиналъул магӏна бихьуларо. Карантинги цӏакъго чӏалгӏун, гьелдаса азун дун гьечӏо, рокъоб квер хъвазе жо гӏемер батула. Бищунго рахӏат хвезабун буго нилъерго медицинаялде ккезе бегьулин абураб пикруялъ. Гьединго хӏалтӏиги гьечӏого, тӏаде бачӏунеб гъурущги тӏагӏун хутӏизе бегьулин абураб пикруялъги
толаро рахӏат.
Зарипат Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялдаса лъабго лъимадул эбел:
— Рокъоб батӏаго квеш гьечӏо.
Тӏагӏамаб квен-тӏех гьабизе, гӏорцӏизегӏан кьижизе рес щванин абизе бегьула, рокьулел кинофильмазухъ ралагьула. Амма кин букӏаниги, лъималазда чӏалгӏун буго рокъор
чӏезе ккей.
Гьаб кинабго махсара гуреблъи лъала, амма гӏадамаз щай гьеб гӏадахъ босуларебали бичӏчӏулеб
гьечӏо. Гӏабдалзаби гӏадин цере ккараб бакӏалде уна, унгеян хитӏабал гьарун ругониги. Жалго сабабалъун цогидазулги сахлъиялъе зарал ккезе букӏиналде щай гьел ургъуларел?
Гьеб киналъго ццим бахъинабичӏого хутӏулеб гьечӏо.
Мухӏамад Лабазанов, «Дагъавтодор» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъан:
— Дир пикруялда, карантин лъазаби цӏакъ битӏараб хӏукму буго, батӏияб нухалдалъун гурони, гьеб гӏузру (коронавирус) бергьинеги кӏолеб батуларо. Амма нилъер гӏадамазул гьелдехун цӏакъ агъаз гьечӏеб бербалагьи букӏинги бихьулеб буго. Хӏинкъи букӏиналъухъ балагьичӏого, гӏемерав
чи вуго къватӏахъ. Хӏатта, маршурткабазда, тукабазда хӏалтӏулел гӏадамаз гӏадатиял маскаби ххунцин цӏуна-къай гьабулеб гьечӏо. Гьездасан унти цогидазде бахине рес бугелъул
Дун сабруги гьабун рокъов вуго.
Рес щвани, магӏарухъе ина гьаб кинабго гӏодобцинегӏан. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, черхалъе рахӏатги гьабун сабруялда рукӏине лъани, цӏакъал гӏадамал рукӏинаан нилъ. Аллагьас гьадин хъван букӏун бугоха, щиб гьабилеб?
Махӏач Мусаев, ДНЦялъул археологиялъулгун этнографиялъул гӏелмияб институталъул нухмалъулев:
— Щибаб лъугьа-бахъиналде дун балагьула гӏелмияб рахъалъул кьучӏалдасан.
Карантиналъул заманалдаги дида, тӏоцебесеб иргаялда, халлъараб жо ккана, онлайн-низамалда
лъай кьезе бокьараб къапилаялъул хӏаракат цӏикӏкӏин. Гӏадатияб куцалда кьолеб букӏараб лъай гьелъ хисизе рачӏайилан лъугьун буго цо хасаб къокъа. Амма дица рикӏкӏуна онлайн-низамалда кьолеб лъаялъ киданиги хисуларин классикияб лъаялъул пайда. Мугӏалимасулги цӏалдохъанасулги битӏахъегояб бухьен гьечӏони, кинаб дарс гьеб букӏунеб?
Онлайн-низамалда кьолеб лъаялъул руго жиндирго лъикӏал рахъал, гьеб учузго чӏола пачалихъалъе.
Къогоги лъебергоги мугӏалимасе харж кьезе кколаро, цо вугониги гӏола. Гьебги хӏисабалде босун,
бугӏулеб буго гьанже гьеб къагӏида.
Амма гьеб къагӏида хӏалтӏизе биччани, гӏемерал школал къазе руго магӏарухъ. Школал къай абуни кола росаби чӏунтиялъе ругел тӏоцересел галабазул цояб.
Жибго хас гьабун карантиналъул бицани, гӏемерисев чиясда бичӏчӏун гьечӏо гьелъул бугеб хӏинкъи. Хасго магӏарулал цӏакъ тӏаса-масаго ралагьулел руго гьелде. Ракӏалде кколеб буго дун унтани сахлъилин, сахлъичӏони, Аллагьасул къотӏи гьединаб букӏун бугин, щиб гьабилебилан. Амма гьезда бичӏчӏулеб гьечӏо цо чи унтани, гьесдалъун тӏубараб шагьаралдего гьеб бахине
бегьулеблъи. Гьединлъидал дирго хӏалтӏухъабазда дица абуна, щивав батӏаго ахӏун, дурго сахлъиялъул ургъел дуе батичӏони, дурго гӏага-божаразул сахлъиялъулниги ургъел гьабейилан. Киназулго гурелъул щулияб иммунитетги сахлъиги букӏунеб. Мун сабаблъун дур гӏага-
божарал унтани, гьеб дур яхӏалда тӏад букӏинесеб мунагь бугилан бичӏчӏизабуна щивасда.
***
Гьадин буго шагьаралда ругезул хӏал-хӏукму. Магӏарухъ хисараб жо гьечӏин абизе бегьула.
Гӏадамал ругьунаб ишалда, ихдалил хӏалтӏабазде руссун руго. Амма бугониги, мугӏрузул щибаб мухъалдаги коронавирусалде данде къеркьеялъул тадбирал лъазарун руго.