«Нилъер тарихалъул тӏу-тӏурал тӏанчал»

«Рилълъинищ Туркалълъ, нилъер магӏарул

Гӏасру къватӏиб бараб наслу бихьизе.

Гьабиларищ сапар Истамбулалде

Инсул Ватӏаналъул бутӏа цӏехезе.

…Нилъер тарихалъул тӏу-тӏурал тӏанчал,

Тӏолго кӏвечӏониги данде рачине.

Миллаталъул унти чорхолъ бессарал

Васазухъ балагьун нахъе руссине…»

(М. Хӏамзаев)

Захӏматал соназ чияр ракьалде гочарал нилъер миллаталъул наслаби — гӏажаибаб рекӏел бухӏи, батӏияб цӏцӏай букӏуна гьезухъе щвезе.

Хӏикматаб пашманлъиялъул асар гьабулеб бакъан рагӏана дида 2015 соналъ Яловаялде, Туркиялъул магӏарулазухъе гьоболлъухъ щведал. Кавказалдаса гочун Туркиялъул ракьалде рачӏунел умумул ракӏалдещун гьеб бакъан хъван бугоан дунялалъул гӏемерал фестивалазда гӏахьаллъарав, Америкаялъулгун Израгӏилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав искусствоялъул машгьурав гьунарчи Хӏажимурадица.

Черкессазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикӏкӏунев Хӏажимурадил гъасда гьеб къоялъ данделъараб магӏарул наслуялъул горсвериги, рукъалъул хважаинас аргъаналда бачунеб пашманаб бакъаналъухъе киназго бацӏцӏунеб магӏуги дие кӏочонареблъун хутӏана.

Гьединго рекӏелъ къан хутӏана Стамбулалда дандчӏвазе вачӏарав магӏарул наслуялъул гӏолохъанчи

Шамилгун некӏсияб шагьаралъул тарихиял бакӏазда хьвадулаго букӏараб гара-чӏвари. Умумузул мацӏ, тарих лъазабизе гьес бахъулеб хӏаракаталъул батӏаго биине мустахӏикъаб буго. Гьаниб къокъго абила — Шамилица пикру гьабулеб буго умумузул рухӏияб бечелъи цӏуниялъе квербакъулев, Туркиялда бугеб магӏарул миллат данде бакӏарулев, жинда сверухъ гьел гъунки-

зарун бажарулев цевехъан гьечӏолъиялъул. Гьединав чилъун гӏолохъанчиясда вихьулев вуго Туркиялъул цо провинциялъул губернатор, магӏарулав Ахӏмад Чинар.

Цоги пашманаб асар гьабуна Анкараялда гӏумру гьабун ругел дир гьудулзаби Яшарил ва Асиятил рокъоб цӏалараб хабаралъ. Туркиялъул магӏарулав, кӏудияв хъулухъчи, шагӏир ва хъвадарухъан Ахӏмад Чинар рагӏун вугониги, гьес хъварал асарал цӏалун рукӏинчӏо

жеги. Гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас турк мацӏалдаса буссинабураб гьаб хабаралъул цӏализе бакӏлъулеб цо чанго предложение дагьабго къачӏа-кӏатӏана. «Меседо» абураб харбида букӏараб цӏарги «Моцӏрохъги балагьун биараб рокьи» абун хисизабуна. (Ахӏмадица гӏайиб гьабизе батиларо, магӏна хвезабун гьечӏелъул).

Патӏимат Гьитӏинова

Моцӏрохъги балагьун биараб рокьи (Хабар)

1864 соналъул их букӏана. Дагъистаналъул тӏогьгӏан тӏадегӏанаб ва къадруяб Гъуниб мегӏералъул каранда, квер бегьун моцӏрохъе щолеб борхалъуда парахалъараб Гъуниб росулъаги гӏадамал ватӏан тун рикӏкӏаде гочунел рукӏана.

Меседо ва Мухӏамад – рокьул цӏураб кӏиго ракӏ! Мугӏрузда гӏурусаз кверщел гьабиялъ ва ватӏан тун гочине ккеялъ лъугьинабураб пашманлъиялъул асар баян гьабизе захӏмат букӏана. Мухӏамад нахъисеб къоялъ жиндирго гӏагарлъи-кулпатгун цадахъ Гӏусманиязул ракьалде гочине хӏадурлъулев вукӏана. Сардил цӏураб моцӏги, квер битӏун босизе кӏолеб гӏадин, Меседол гьумер кинигин гвангъун букӏана.

Цинтӏаго вукӏараб бакӏалдасаги векерун Меседол кӏалтӏе щун ватана Мухӏамадида живго. Кавуда

кӏутӏизехъин гьев вугеб мехалъ, мажгиталъуса рокъове вачӏунев Меседол эмен гӏалимчи Гӏабдурашидги тӏаде щвана. Гьез цоцазе салам кьуна. Къаси мех букӏиналъ, Гӏабдурашидида

Мухӏамад лъачӏо.

– Дун Мухӏамад вуго, Гӏабдурашид! Жаватханил вас! — ин абуна гӏолохъанчияс.

– Мухӏамад! Жаниве вачӏа, дир вас, — ин абуна Гӏабдурашидица.

– Дун жаниве лъугьинарин гьанже. Къо-мех лъикӏ гьабизе вачӏун вукӏана, гьабизе жо гӏемераб буго.

– Нужер хъизанги унеб рагӏулаха… Нух битӏаги, дир вас, — анги абун: «Патӏимат! Меседо!» — ян ахӏдана гьев.

Цин Меседо ячӏана къватӏие, хадуй гьелъул эбел Патӏиматги яккана.

– Мухӏамад вуго нилъергун къо-лъикӏ гьабизе вачӏун, — ин абуна Гӏабдурашидица.

Патӏимат гӏодизе лъугьана. Гьей Мухӏамадида къочана… «Аллагьасул хӏукму, къадар буго гьаб, дирвас. Цоцазе дугӏа гьабизин», — ан гьелъ абулаго, Меседо, моцӏрол канлъухъе рахчун риччарал бералгун, сихӏкъотӏун кавудухъ яхъун чӏун йикӏана. Жанисан тӏолабго гӏаламалъе нагӏанаги кьолаго: «Нилъги рилълъинин, дада!» — илан ахӏизе бокьун букӏана гьелъие.

Меседое жиндирго рокьиги рагьизе бокьун, рес къотӏун вукӏана Мухӏамад. Цо лахӏзаталъ моцӏрода бер чӏвана гьесул ва гьелъул нуралъ тавакаллъи бижизабуна гӏолохъанчиясулъ.

– Гӏабдурашид, Меседода абизе бокьараб цо жо буго дир, дуца изну кьуни…, — янги абун, жалго цохӏо ругеб бакӏалда гьейгун кӏалъазе изну гьарана гьес ясалъул инсудаса.

– Лъикӏ буго, дир вас. Аллагьас нилъее киназего кумек гьабеги, — янги абун, гьев Патӏиматгун цадахъ рокъове ана.

Мухӏамадица хӏасратго абуна ясалда:

– Дун росу тун унезда гьоркьов вуго, мунин абуни хутӏулезда… Тӏасалъугьа,Меседо.

– Дун тӏасалъугьарай йиго… Мунги тӏасалъугьа…, — ян захӏматго гурони абизе кӏвечӏо гьелда.

– Нилъеца нилъерго къадруялъе гӏоло бажаранщинаб гьабунаха. Гъалбацӏ цӏакъ бахӏарчияб хӏайван буго, амма жибго цохӏо букӏиналъ, тӏаде бачӏараб рехъадаса къуна гьеб.

Гьаб гьайбатаб улкаялда, гьабун бертингун, мунгун кьурдизе кигӏанха дие бокьилеб букӏараб. Нахъегӏанав тушманасе нагӏана батагиха…

Сихӏкъотӏун чӏана гьел дагьаб мехалъ, ва хадуб васас абуна:

– Гьаб сордоялдаса байбихьун, щибаб сордоялъ моцӏрохъ ялагье мун, Меседо, дунги валагьила гьелъухъ, — ан.

– Щибаб сордоялъ ялагьила…, — ян гӏодилаго абуна гьелъ.

Рогьел гӏагарлъулаго, гъугъайгун цадахъ пирхараб пириялъ гвангъизабураб сардилъ, зодил кӏамури бихъ-бихъизабун, цӏваби инсанасде тӏаде рортизехъин ругеб гӏадаб асар лъугьинабуна. Тӏаде чваххун бараб цӏадгун цадахъ дуниял-гӏалам гӏек-гӏекун гӏодилеб бугилан кколеб букӏана.

Гочун унез нух босараб мехалъ, гӏодулел гьаркьаз зодил гъугъайгицин къинабулеб букӏана…

…Цоял ракъдадасан, цогидал ралъдадасан – аза-азар чи гочун унев вукӏана гӏагарал росаби тун.

Гӏемерисел Гӏусманиязул ракьазде унел рукӏана. Гочунезул бащалъиялдаса цӏикӏкӏарасел нухда хвана.

Гӏусманиязул пачалихъалъ Кавказалъул халкъал, вацал гӏадин, къабул гьарулел рукӏана.

Кавказалъул халкъал пачаясул Россиягун цӏидасан рагъулел рукӏана. Гьеб рагъулъ Гӏусманиязул

улкаги гӏахьаллъула.

Имам Шамилил вас Гъазимухӏамадил чӏужуялъул вац ва Гӏусманиязул пачалихъалъул генералзабазул цояв, «Гӏиракъалъул Фатихӏ» абун цӏар щварав Мухӏамад Фазил-пашал аза-азар кавказалъуласдаса гӏуцӏараб «Дагъистаналъул полкалда» вукӏана, щибаб сордоялъ моцӏрохъ валагьун, жиндирго Меседоде дунялалда бищунго хӏасратал кучӏдул ахӏулев Мухӏамад абун цо бахӏарчияв капитан.

Гьеб букӏана 1916 сон. Багъдад шагьар цӏунулеб рагъулъ аскаралъул бетӏералда, бищун цебесеб кьералда вагъулев вукӏарав Мухӏамад Фазил-паша, тушманасул гуллаги щун, шагьидлъула.

Гьеле гьеб, жиндирго командир шагьидлъараб рагъулъ, лъукъула Мухӏамадги. Дунялалъул бецӏлъигун цадахъ моцӏги битӏахъе Мухӏамадил каранда тӏад бихьулеб букӏана. Гьеб букӏана цӏураб ва цӏакъ гвангъараб моцӏ. Гьимулаго, гьес абуна: «Щукру буго дуе, Бетӏергьан Аллагь», — йилан.

Мухӏамадида лъалаан жив холевлъи. Къаданив чӏун вукӏарав Закаталаялдаса Хӏамзатида гьес гьарана жив цо кьурухараб бакӏалдехун вачеян: гьедин гьев Меседоде жеги гӏагар вукӏине вуго. Захӏматго рагьарал бералгун моцӏрохъ валагьулаго, рекӏел гъварилъиялдаса гӏицӏго Меседода

гурони рагӏизе кӏолареб гьаракьалъ гьес абуна: «Лъикӏго йикӏа, Меседо! Моцӏролаб дир гьумер, дир сардазул гъвангъи!» — ян.

…Меседоги щибаб сордоялъ, рукъалъул тӏохдеги яхун, моцӏрохъ ялагьун йикӏунаан. Гьелъул бадиса чвахулеб магӏудулъ гвангъараб цӏа инагьдилеб бугеб рекӏеде тӏинкӏулеб букӏана.

Лъиданиги щибниги жо бицун букӏинчӏо гьелъ жиндирго вокьулесул хӏакъалъулъ. Ахиралдаги каранзул унти ккана Меседода.

Ясалъул рокьи бичӏчӏарав кӏудияв гӏалим Гӏабдурашидица гьей, Мухӏамадидаса ятӏалъичӏого йикӏине гӏоло, щибаб сордоялъ кодой ккун, тӏохде йосулаан ва моцӏрое кьолаан.

Рокьуца къоялдаса къоялде загӏиплъизаюлей йикӏарай Меседое дугӏаби гьарулаго, живгоги тӏагӏун

лъугӏулев вукӏарав Гӏабдурашидица, гьеб сордоялъги Меседо захӏматго йосана тӏохде.

Ясалда бичӏчӏулеб букӏана жий холей йикӏин ва гьеб сордоялъ инсул кверал риччачӏо гьелъ. Моцӏги ккуна гьеб сордоялъ.

Чӏечӏого Меседое дугӏаби цӏалулев вукӏарав Гӏабдурашидида ахирги бичӏчӏана ясалъул кверал загӏиплъараллъи.

Гьелъул кверги биччачӏого, бецӏаб, ахир гьечӏеб зодовеги валагьун, гьес шурана: «Ле, тушманав залим, ле, ахӏмакъ, нижер щивав дур тӏолабго аскаргун вагъулев вуго ва нижер щивав дур гьеб

тӏолабго аскаралдаса бахӏарчиявги вуго. Ле, хъурумсахъ! Кӏудияб дунялалда нижее щвараб дангъургӏанасеб ракь ва нижее гӏоло дунялалдаса дагьабги къиматаб ватӏан Кавказ – гьебги нижер кодоса бахъизе гӏоло гьабгощинаб зулму гьабуна дуца.

Цогояб ракӏлъун рукӏана ниж, гьебги аза-азар бутӏабазде бикьизабун, дунялалъул ункъабго рахъалде щущазабуна дуца. Дуца ниж лъугӏизаризе гьечӏо ва цохӏого цо чи хутӏанигицин, нижеца Кавказ я дуе, я батӏиязе кьезе гьечӏо. Ле, хӏалихьат! Тӏолабго дунял дур бугонигицин, Меседол багьаяб букӏинадай гьеб?»