Цо-цо чагӏи рукӏуна гӏумруялъ талихӏ кьечӏел, щиб гьабизе лъугьаниги данде билълъунарел, ай гӏакъубаялда хадуб гӏазаб камуларел. Гьедин ругониги, гьезул сабру гӏола щиб бихьаниги хӏехьезе, Аллагьасе щукру гьабун, лъиданиги хӏал лъазе течӏого гӏумру гьабизе. Гьединаб яхӏги бахӏарчилъиги бугезул цояй йиго Шамил районалъул Гьентӏа росулъа Мухӏамадова Патӏиматги. Гьелъул эбелалда цӏар букӏана Кусум ва гьелъги батила, Патӏиматида росуцояз Кусумиле абулебги.
Доб букӏана, хӏукуматалъ зулму гьабун, чачанал Гьоркьохъеб Азиялде гочинарураб 1944 сон. Чӏороголъарал чачаназул росабалъе, хӏал гьабун, магӏарул росабазул гӏемерал жамагӏаталги гочинаруна. Рагъул соназда магӏарул росабалъ гӏемерисел чӏахӏ кванаялде ккун рукӏана. Жанир чӏезе рукъзалги, бокьараб жо бижулеб беэнаб ракьги бугеб Чачаналде гочине бокьарав чиясе рес бугин абун хабар тӏибитӏун букӏана. Гьенир хӏалтӏизе кверал къваригӏараб хӏукуматалъги жидеего бокьун гьенире гочунел чагӏазе гьабулеб кумек камулароан. Бетӏербахъизеян, ракъуца хвеялдаса рорчӏиялде хьулгун, мискинлъиялъ тату хвезабураб, язихълъиялъилагьи бегизабураб Гьентӏа росдал ункъо хъизан Чачаналде гочана. Гьезда гьоркьоб букӏана Хӏамзатилазул хъизамги.
Кӏудияб хъизамалъул эбел Кусум колхозалъул дояркалъун хӏалтӏизе лъугьана.
Чачаналда букӏунеб багӏариги, батӏияб гьаваги, лъимги, магӏарухъ дандчӏваларел унтабиги хӏехьезе кӏвечӏого, магӏарухъа рачӏарал гӏемерал гӏадамал гьенир хвана. Гьенире щун гӏемер заман балелдего, сунс унтиги бахун, цо анкьил болжалалда къадаралде щвана Кусумги, гьелъул лъабайго ясги васги. Гьел къояз тӏуянго бесдаллъарай, ай цохӏо жийго хутӏарай Патӏиматица 12 сон бан букӏинчӏо. Янгъизлъиялда гӏакъуба-гӏазабги хӏехьон, гӏумру тӏамизе хъван батана пакъиралъ.
Заманалдасан ясалъ, эбелалъго гьабулеб букӏараб дояркалъи тӏаде босана.
Амма, гьелъул тӏалаб-агъаз гьабулев чи Чачаналда хутӏичӏолъиялъ, Гьидалъе унел чагӏазда цадахъ Патӏимат росулъе тӏадюссана. Росулъги бесдал яс хьихьизе ресалда вугев, гьелде регӏарав чи щивха вукӏинев? Гьелъул цо вугев вацгӏал Гӏабдукъадирги Махӏачхъалаялда хӏалтӏулев вукӏана.
Цого-цо йигей яцгӏал Гӏалитӏиматги мискинлъиялда йикӏана. Амма, жийго мискинаб яшавалда йигониги, гьелъ Кусумилалъе бажарараб кумек гьабичӏого толароан. Росулъе юссараб къоялдаса нахъе Кусумилалъ хьихьана колхозалъул бачал, гьелъул чӏаголъи-бажари бихьун, тӏамуна дояркалъун, гӏемерал соназ хӏалтӏизе ккана Кочубеялъул ракьалда бугеб колхозалъул хъутаналда. Кинаб хӏалтӏи тӏадкъаниги, щиб гьабизе тӏамуниги, кидаго гьей хӏалтӏул церехъабазул кьерда йикӏунаан. Щибаб байрамалда шапакъат кьун, колхозалъул правлениялъ кӏодоги гьаюлаан.
«Аллагьас дие лъималги кьечӏо. Дунялалъул рокъоб кьечӏеб талихӏ, ахираталданиги щвелеб батилин абураб хӏалакъабго хьул буго дир», — ан зигардула Кусумиле мех-мехалда.
Патӏимат йиго лъимерлъудаса нахъего Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталде машгъуллъарай гӏадан. Садакъа-вакъпуялъе гьелде вахарав чи росулъ цониги ккечӏо. Хӏайваналги хъун, гьелъ инсудасан, эбелалдасан, лъабайго яцалдасан ва вацасдасан садакъабиги гьаруна. Хадуб садакъа кьезе рес ккечӏого хварал эбел-инсул, вац-яцазул хвел-хоб тӏубазе рес щвеялдаса разиго йикӏуна Кусумиле.
Гьелъ кӏиго нухалда тӏубазабуна жийго хведал гьабизе кколеб хвалил садакъаги. Гӏакаги хъун, росдал гӏолохъаби балагьаздаса цӏуниялъеян ниятги гьабун, Кусумилалъ кӏудияб садакъаги бикьун, жамагӏаталъ зикруги бачана. Гьединабго тадбир тӏобитӏана Путиние халатаб гӏумру кьегиян Аллагьасдаги гьарун. Бахъухъгун чедги гордеялъе ххамги бикьун, лъабго соналъ тӏатӏалаго бачана зикру. Хӏебда ва Гӏасаб росабазул мадрасазда цӏалулел лъималазе чамалиго нухалъ битӏана гӏарац. Росулъ балеб букӏараб ва цӏигьабун къачӏалеб мажгиталъе гьелъ кьуна цо-цо моцӏрол пенсия. Гьединго гӏарац кьола гьелъ нухал къачӏаялъул, кьоял раялъул, лъим бачиналъул хӏалтӏабазеги. Кусумиле кидаго йикӏана ва жакъаги йиго мадугьалихъ гьуинай, къварилъиялде ккарасе кумекалъе хӏадурай, лъикӏлъиялъе гурони рагӏи бицунарей, къвакӏан мугъ бекуледахъ рачелги къан, гӏумруялъ хьвадарай унго-унгояй муъминчӏужу.
Мунагьал чураяв гьелъул вацгӏал Гӏабдукъадирица жиндирго лъималазде васият гьабун букӏана: «Патӏиматидаса цеве дун хвани, вореха, нужеца гьей рехун тоге», — ян. Росдал жамагӏаталъ баркала кьолеб хӏалалда Кусумилалъул тӏалаб-агъаз гьабулеб буго гьелъул гӏагарай гӏадан Хадижатицаги ва гьелъул вас Хӏамзатицаги. Дун гӏадин нужедаса Аллагьги разилъаги, дунялалъул рокъоб талихӏ кьун, ахираталда алжан кьун, Халикъас рохизареги. Чадикълъи бихьаниги, дида гӏадин, нужеда чидакълъи бихьугеги», — ян гьезие дугӏа гьабулей йикӏуна Кусумиле.