Борхатаб магӏарда буго Болъихъ районалъул Гӏалахъ росу.

Гьениса балагьани, хъатиниб лъураб гӏадин, цебелъун бихьула гӏагараб район. Цӏорорал иццазул, гьайбатаб тӏабигӏаталъул, бацӏцӏадаб гьава-бакъалъул, беричал рохьаз сверун ккураб, гӏажаибго берцинаб бакӏ буго Тӏасияб Гӏалахъ. Умумузул биценалда рекъон, гьеб росдае кьучӏ лъун буго Хунзахъ районалдаса бид виххун вачӏарав кӏиго вацас.

Гьез хӏукму гьабунила батӏа-батӏаго чӏезе: цояв чӏвани, цоявгӏаги чӏаго хутӏизе мурадалда. Халит абурав вац чӏун вуго цо кьурда аскӏов, хадуб гьениб лъугьараб росдада лъун буго Хелекьури абураб цӏар. Гӏали вахун вуго жеги эхедегӏан. Гьес лъун бугила Гӏалахъ абураб цӏияб росдал кьучӏалъе тӏоцебесеб гамачӏ. «Гьеб букӏана гӏумру гьабизе цӏакъ захӏматаб бакӏ. Гьединаб бакӏалда гӏумру гьабулел гӏадамазул букӏуна кьварараб, согӏаб гӏамал. Амма гьел рукӏуна цоцалъ гъункарал, ракӏ гӏатӏидал, гӏаданлъи цӏикӏкӏарал. Гьединал рукӏана дир росуцоялги», — ян бицана Хӏажимухӏамадова Шумайсатица. Гьей лъикӏай гӏаданалъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго дие.

Шумайсат гьаюна 1937 соналда Дибирхӏажил вас Хӏажимухӏамадил ва Хӏусенхӏажил яс Рабигӏатил хъизамалда. «Дир кӏудияв эмен Хӏусенхӏажил цӏар рехсон буго Дагъистаналъул цӏар арав гӏалимзабазда гьоркьоб. Лъелго кӏицӏул хӏеж борхарав чиги вукӏун вуго гьев», — ан абуна Шумайсатица. Гьелъ бицана нижее рагъул соназда букӏараб лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ. «Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда дир букӏана ункъо сон, яц Умайдатил – кӏиго. Эмен ана рагъде. Колхозалъулги рукъалъулги хӏалтӏи баччизе ккана эбелалъ.

Нижер, гьитӏинал чагӏазул, щиб кумекха гьелъие букӏинеб? Цо заманалда баккана хабар, гӏумру гьабизе захӏматал росаби Чачаналъе гочинарулел ругин абун. Хадуб, школалда, училищеялда цӏалулеб мехалда лъана дида, цо сордо-къоялда жаниб чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьезул ракьазде ниж ритӏараблъи. Аскӏоб бугеб Хелекьури росдал жамагӏаталъ инкар гьабун буго чияр ракьалде ине, нижер росу абуни гочинабуна.

Эбелги ниж кӏиялго лъималги, чол гьакида рекӏинарун, Гӏанди магӏарде щвезаруна яцалъул бетӏергьанчияс. Гьениб цо боцӏи хьихьулеб букӏараб бокьоб сордоги бан, нахъисеб къоялъ ниж щвезаруна Ведено районалде. Гӏумру гьабизе бихьизабуна гьеб районалъул Махкети абураб росу. Нижер хъизамалъе гьениб кьуна берцинаб мина.

Гьелда цебе букӏана цӏакъ бечедаб, батӏи-батӏиял пихъазул цӏураб ах.

Куракул хутӏизегӏан, гьениб камураб гъветӏ букӏинчӏо. Минаялда жанире лъугьарабго бихьулеб букӏана рукъалъул бетӏергьаби цӏакъ хӏалтӏулел, рацӏцӏадал, узданал гӏадамал рукӏин ва гьел циндаго, хехго къватӏире рахъараблъи. Эбелалъ бищун цебе цо рокъобе бакӏарана гьезул къай-къоно. Кӏулги бан, рукъ рахана ва тӏокӏалъ гьенире жанире лъугьинчӏо.

Бакъанида эбелалъ кавуялъул кӏалтӏа чӏараб гӏакаги жанибе бачун, гьебги бечӏчӏун, нижее кваназе квен гьабуна. Бицунеб букӏана, цоязул бокьоб, бухьаралъубго хутӏараб боцӏуца хъарсун, руссун тӏагӏинабун бугилан. Маххул рахасалъ рухьарал гьезда къватӏире ине кӏун гьечӏо.

Эмен рагъда вукӏана, нижеца цӏияб бакӏалда гӏумру гьабизе байбихьараб мехалда. Гьава-бакъги рекъараб, бечедаб, цӏакъ берцинаб бакӏ букӏана гьеб. Школалдеги гьенийго ана. Тӏоцевесев учителасда цӏар букӏана Латӏипов Лабазан.

Бищун рохалилаблъун букӏана эмен рагъдаса вуссараб къо. Гьитӏинай яц нуцӏида нахъа яхчун чӏун йикӏана, жаниве лъугьарав гьобол лъачӏого. Дун инсуда кодой йихьараб мехалъ гурони гьей аскӏое ячӏинчӏо. Ункъо сонги рагъда бан вачӏарав гьес бицунеб букӏана бихьараб къварилъиялъул, жиндирго гьалмагъзабазул, щварал ругъназул, бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьев вуссараб мехалда лъалаго бигьалъана нижер хъизамалъе гӏумру гьабизе. 1946 соналда гьавуна вац Шамхал. (Шамхал Дибиров – хадувккун гьев вукӏана цӏар рагӏарав поэт, журналист, хӏалтӏана батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазда). Школа лъугӏигун, цӏализе ана Хасавюрталде, медицинаялъул училищеялде. Гьениб лъана чачанал тӏад руссун рачӏунел ругеблъиги, нижер росдал гӏадамал рукӏахъего Гӏалахъе гочинарулел рукӏинги.

Гьитӏинаб къоялдаса ватӏанлъун лъугьараб росу рехун тезе бокьуларого йикӏана дун. Пашманго хьвадулей йикӏана эбелги. Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ гьабураб магӏишатги тун, рахъине колел рукӏана къватӏире.

Цо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гӏадамаз рагьана каву. Азбаралде лъугьарал бихьиназ, цере квералги ккун, гьабулеб букӏана дугӏа.

Гьезда цадахъ рачӏарал руччабазул, лъималазул гӏодиялъ ниж киналго рокъоса къватӏире кӏанцӏизе ва хӏинкъизе гьаруна. Киналго гӏодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетӏергьаби рукӏин.

Эбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гӏураб квен хӏадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гӏодорчӏун, кванана. Сордо рогьинегӏан эбелалъ нижерго ретӏел, къайи-къоно бакӏарун, тӏатӏала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тӏад лъезе машина балагьизе. Нижеда тӏаса лъугьаян рукъалъул бетӏергьабаздаги гьарун, къалъилелде къокъана ватӏаналде.

Гьелгощинал соназ тӏаса квер бахъун тун, Гӏалахъ букӏараб мина чӏунтун, тӏатӏала ккун, жанире лъугьунеб куцалъ букӏинчӏо. Цониги тӏох тӏад бугеб рукъ хутӏун гьечӏеблъиги лъан, ниж рещтӏана Хелекьури гӏагарлъиялъухъ. Расги бигьаяб жо букӏинчӏо цӏидасан магӏишат гӏуцӏизе. Нижерго рокъоре хехго рахъине бугеб мурадалъ, ниж– гӏолохъанал яцал, вац рукӏунаан эбел-инсуе кӏвараб кумек гьабулел: лъим баччулел, хӏарщ багъарулел, бажарухъе гьеб къеда чӏвалел.

Харибакӏазде сверун рукӏарал хурзал рацӏцӏунаго, цӏигьарулаго бихьана къварилъи. Доб заманалда росабалъ цӏакъ къанагӏат гурони букӏунароан техника. Гьединлъидал кинабго гьабизе кколаан квераз. Гьанжего-гьанже гӏолел ругел гӏолохъабазе гьеб расги бигьаяб хӏалтӏи букӏинчӏо. Къасиялде, гӏемер свакаялъ, кваназецин рахъине гьарулареланиян эбелалъин кколаан цо-цо мехалъ. Амма, гӏарзал рахъизе, гьабиларилан абизе бегьулеб жоян лъиданиги кколароан. Гьеб къварилъи-зулму хӏехьезе ккана гӏадамаз, тӏад ругез ургъичӏого гьабураб гӏантаб хӏукму сабаблъун.

Лъабабизеги гочине ккана росдал гӏадамал. Амма, гьаб нухалъ зулму гьабун гуреб, росдал жамагӏаталъги районалъул нухмалъиялъги гьабураб хӏукмуялда рекъон. Нижерго росдада гъоркь, Гӏандигӏурул рагӏалда бугеб расалъи кьуна цӏияб росу базе хӏукуматалъ. Гьабуна гӏарцудалъун, къваригӏунел алатал чӏезарун, кумек. Гьанже рахине кколаро кьуркьурарал свералабаздасан борхатаб магӏарде тӏаде. Цӏияб Гӏалахъ буго гӏурул рагӏалда. Пихъил ахаз цӏун буго росу. Гӏумру гьабизеги гьаниб гӏемерго бигьаяб буго. Амма, росдал гӏадамазе хирияб буго умумузул ватӏан. Цояз гьениб картошка бекьула, цогидаз чӏунтун рукӏарал минаби цӏигьаруна, чанго хъизам басрияб росулъе тӏадбуссана. Рахуна Тӏад Гӏалахъе хӏухьбахъизе, умумузул хабалазде зияраталъе», — ян бицана Шумайсатица.

Шумайсат яхун йиго 83 сонил ригьалде. Гьелъул букӏана гьайбатаб гӏумру. 55 соналъ хӏалтӏана районалда, Махӏачхъалаялда, Мигӏарсо росулъ фельдшерлъун. Гьелъие къимат кьолаго, росдал гӏадамаз абула: «Цо сахав тохтурасда лъалеб жо нижер Шумайсатидаги лъала», — ян.

Хӏехьезе ккана гьелъ гӏезагӏан къварилъи, раччизе ккана кӏудиял камиял: къулизе ккана 16 сон барай ясалдеги, 20 сон барав васасдеги тӏаде. Лъикӏабги, квешабги хӏехьезе кумек гьабуна сабруялъин бицана хералъ. Шумайсат йиго «Захӏматалъул ветеран». Гьанже гьелда сверухъ буго кӏудияб тухум: лъабго васги, ясги, лъималазул анцӏила анлъго лъимерги, гьезулги анцӏила кӏиго лъимер. Кӏудияб рохел букӏуна гьелъул, гьел раккизе жиндихъе рачӏараб мехалда. Рекӏелъ кьвариги бугел, яхӏ-намусги къадруялда цӏунулел, гӏаданлъиги бергьарал, сабурал гӏадамал руго нилъер умумул – «рагъул заманалъул лъимал». Гьездаса мисал босани, нилъ кидаго мекъи ккеларо.