Шамил районалъул Гӏуриб росулъа Багьавудин Хӏамзатов дида лъалелдаса кӏикъогоялдаса цӏикӏун сон буго.
Гьев лъала махщел цӏикӏкӏарав щекъер-мукъулалъул (ЛОР) врач хӏисабалда гуревги, магӏна-гӏин, тадбир бугев, ракӏбацӏцӏадав, ритӏухълъи бокьулев инсан ва жамгӏияв хӏаракатчи гӏадинги.
Бащдаб гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманалъ хӏалтӏана гьев тохтурлъун гӏагараб районалъул больницаялда.
Махщел камилав, квер битӏарав тохтурас гьелщинал соназда гьарурал операциял рикӏкӏун хӏал кӏвеларо. Квер тӏадагьав тохтур хӏисабалда, щекъер-мукъулукъалъул операциял гьаризе гьесухъе рачӏунаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезул больницабазул нухмалъулез ахӏун живгоги унаан гьениве захӏматал операциял гьаризе.
…Ичӏго сон тӏубалев чи вукӏана Багьавудин 1944 соналда росдал жамагӏатгун цадахъ Чачаналде гочинарураб мехалъ. Цогидал гочинарурал магӏарулазулго гӏадин, расги бигьаяб букӏинчӏо гӏурисезулги гӏумру гьениб. Эменги рагъда вукӏун, гьесде кколаан рукъалъул гӏемерисеб магӏишатияб хӏалтӏи. Багьавудин вукӏана, абухъего, эбелалъе кваранаб кверлъунги, кӏудияй эбелалъул тӏалаб-агъаз гьабулев чилъунги.
Чачаналде гочунелъул бихьараб гӏакъубаялъулги, гьениб гӏумру гьабулаго букӏараб захӏмалъиялъулги, къварилъиялъулги бицун, хадусел соназда Багьавудиница хъвана «Гӏурисезул къисмат» абураб рекӏее асар гьабулеб кӏудияб поэма.
Гӏурисез гӏумру гьабулеб букӏана Гилани абулеб росулъ. Гьениб анкьго сонил школа лъугӏун хадув чӏахӏиял классазде цӏализе ана Казбек районалъул Ленинаулалда букӏараб школа-интернаталде. Гиланисан Ленинаулалде букӏана лъабго километр, райцентралде – Ножаюрталде нух рикӏкӏад букӏана.
1957 соналда гьоркьохъеб школа лъугӏун хадув Б. Хӏамзатов цӏализе лъугьана Хасавюрталъул медицинаялъул училищеялде. Гьеб сон букӏана Гьоркьохъеб Азиялдаса чачаналги тӏадруссун рачӏунеб, дагъистаниялги жиде-жидер росабалъе Чачаналъа нахъе гочунеб. Медучилище лъугӏун хадув 1959-1963 соназда Багьавудин хӏалтӏана гӏагараб районалъул Микьигьориб росулъ фельдшерлъун. Тӏадегӏанаб медицинаялъул лъай щвезе бугеб анищалъ вачана Дагъмединституталде.
Гьеб лъугӏаралдаса нахъе пенсиялде инегӏан хӏалтӏана цого ишалда, цого больницаялда.
Ракӏбацӏцӏадаб, гӏемерсоназулаб мисалияб хӏалтӏухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе – грамотабазе, баркалаялъулал кагътазе.
Б. Хӏамзатовасе кьун руго Дагъистаналъул ва Россиялъул Федерациялъул мустахӏикъав тохтур абурал тӏадегӏанал цӏаралги.
— Бищун кӏудияб шапакъатлъун дица рикӏкӏуна инсанасул сахлъи цӏуниялъул махщел тӏаса бищизе Тӏадегӏанас дун гьесизави, гӏадамазе бищун хӏажатаб сахлъи цӏуниялда хӏалтӏизе щвей, унтаразул баркала, Аллагьасул рахъалдасан кири щвеялде хьул, — илан абула ункъо нухалъ хӏеж борхарав унго-унгояв муъминчи Багьавудин-хӏажица.
Гӏумруялъул гьудул Патӏиматгун цадахъ гьез исламияб диналда тарбия кьун гӏезабуна микьго лъимер– кӏиго вас ва анлъго яс. Гьединго куцалел руго лъималазги жидерго лъимал.
Пенсиялде инегӏанги, ун хадувги Багьавудин Хӏамзатовас кӏвар кьуна дин исламалде, гьеб тӏибитӏизабиялде. Халкъияб, исламияб медицинаялъул темаялда хъварал, назмабазул, мавлидазул, шигӏрабазул анцӏила кӏиго тӏехь къватӏибе биччана гьес. Жиндирго харжалдалъун печаталда рахъарал гьел тӏахьал чӏорого киридахъ рикьана садакъаде гӏадамазе, кьуна мажгитазде.
Гьаниб Б. Хӏамзатовасул бицунаго, абичӏого гӏоларо гьев хӏалтӏудаса пенсиялде индалги шекъер-мукъулукъалъул гъая бугел гӏадамал рокъоре рачӏине лъугьиндал, гьев хӏажатавлъун кканин операциял гьариялъе къваригӏунел медицинаялъул алатал росизе, рокъоб хасаб кабинет гьабизе. Вачӏарав чи гьес нахъ чӏваларо, операциял гьарула чӏорого, гӏицӏго Аллагьасе гӏолоян нигаталда.
Гьединав вуго гьаб гӏагараб заманалда гӏумруялъул 85 сон тӏубалев лъикӏав тохтур, муъминчи, шагӏир Багьавудин – Хӏажи Хӏамзатов. Бичанте Аллагьас сахлъиги, халатал соналги дуе насиблъизе лъикӏав инсан.