— Жакъасеб дир бергьенлъиялъулъ кӏудияб бутӏа буго дица дирго гӏумруялъулгицин мугӏалимзабилъун рикӏкӏунел Зарият Базаевалъул ва Сиянат Саидовалъул.
Гьез бижизабуна дилъ рахьдал мацӏалдеги гӏагараб миллаталдеги кӏудияб, даим рекӏелъа ине гьечӏеб гӏищкъу.
Гьеб гӏищкъул улкаялда тӏегьалеб буго гӏагараб Дагъистаналдеги, йижараб росдадеги, миллаталъул тарихалдеги, тарихлъун жидер цӏарал кколел магӏарулаздеги рокьи.
Зарият Базаева машгьурлъана Россиялдаго – гьей гӏахьаллъана Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул конкурсалда ва цо номинациялда босана тӏоцебесеб бакӏ, гьабсагӏаталда гьей кола Махӏачхъалаялъул школазул рахьдал мацӏалъул бищунго лъикӏал учительзабазул цояйги. Гьелъ республикаялъул школазул авар мацӏалъул учительзабазе кьола мастер-классалги. Гьединго магӏарул мацӏалъул учительзабазда лъала Сиянатил цӏарги. Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго республикаялъул авар мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ гӏуцӏараб сайталъе. Гьеб сайталъул кӏудияб кумек букӏуна авар мацӏалъул учительзабазе, — йилан байбихьана диргун гара-чӏвари Загьратица.
Араб анкьалда газеталъул редакциялъ гьоболлъухъ ахӏун йикӏана 18-20 марталда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда бергьарай, Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул авар мацӏалъул учитель Загьрат Ахӏмадова.
Гьаюна ва гӏуна Загьрат Казбек районалъул Дилим росулъ. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде.
Къисматалъ Загьрат ячана Гъизилюрт районалъул Бавтугъай поселокалде ва хӏалтӏизе лъугьана поселокалда бугеб, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялде гьоркьобе унеб №3 школалде. 2009 соналдаса нахъе гьений хӏалтӏулейги йиго.
Редакциялде ячӏунелъул, Загьратихъ кодоб букӏана, конкурсалде гӏахьаллъулелъул, хӏадур гьабураб папкаги. Гьеб бегулелъул, дир рекӏее рохалилаб асар гьабуна учителалъул ва гьелъул цӏалдохъабазул хӏалтӏул хӏасилаз.
Гьел гӏахьаллъулел руго Халкъазда гьоркьосел, Тӏолгороссиялъул ва республикаялда тӏоритӏулел конкурсазда. Кколел руго цересел бакӏал. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гӏемерал дипломаз ва грамотабаз. Гьединго гӏемерал шапакъатал ругоан жийго Загьратилги.
Масала, исана республикаялъул лъай кьеялъул централда тӏобитӏараб (Каспийск) «Науки юношей питают» конкурсалъул диплом.
Загьрат Ахӏмадова чанго соналъ тӏатӏала гӏахьаллъана шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурсалда. Гъоркьисалаги бергьана гьей шагьаралъул конкурсалда ва республикаялъул конкурсалдаги гӏахьаллъана. Гьеб тӏобитӏулеб букӏана дун хӏалтӏулей йигеб №11 гимназиялда. Жакъаги ракӏалда буго дида «Прилагательное» темаялда гьелъ кьураб дарс.
Тӏоцере рихьулел лъималазе кьолеб дарс ана тӏадегӏанаб даражаялда.
«Авар мацӏ» номинациялда гьелъ ккуна лъабабилеб бакӏ. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏо гӏолохъанай учитель.
Жегиги цӏикӏкӏун тӏадчӏейги гьабун, хӏадурлъана хадусеб конкурсалде.
Цӏидасанги – конкурс. Гьаб нухалда – бергьенлъиялде кӏудияб ва щулияб хьулгун.
35 учителасда гьоркьой гьаб нухалда бищунго лъикӏайлъун рикӏкӏана магӏарулай Загьрат Ахӏмадова (гьелъул дарсил хӏакъалъулъ хъван букӏана цебесеб номералда).
Бихьулеб букӏана учитель жиндирго махщел борхизабиялда тӏад гӏемер хӏалтӏулей йикӏинги. Гьелъ жиндирго хӏалбихьиялдаса цогидазе бицунеб буго «Инфоурок», «Мультиурок», «Педагоги» сайтаздасан. Гьабсагӏаталда Загьрат хӏалтӏулей йиго «Академик» сайталда онлайн-тестал лъеялда тӏад.
Гьелъул хӏалбихьиялдаса ва методикияб материалалдаса пайда босулеб буго республикаялъул школазул авар мацӏалъул учительзабаз.
Загьратил махщел буго кучӏдул гьаризеги. Гьединго гьелъ кӏудияб кӏвар кьолеб буго пагьмуял цӏалдохъабазул гьунар цебетӏезабиялдеги. Гӏемер ахӏула Загьрат Ахӏмадова ДИРОялде махщел камил гьабизе ва лъай борхизабизе рачӏарал учительзабазда мастер-классал рихьизаризеги.
Гьелъ гьанжеялдего байбихьун буго ноябралда Москваялда тӏобитӏизе бугеб рахьдал мацӏалъул учительзабазул конкурсалда гӏахьаллъиялъе хӏадуризеги.
Гара-чӏвариялъул ахиралда Загьрат Ахӏмадовалъ кӏудияб баркала загьир гьабуна №3 школалъул директор Загьид Хӏажиевасе, завуч Нургьида Хӏосеновалъе ва Гъизилюрталъул лъай кьеялъул управлениялъе жинде гьабун букӏараб кӏудияб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб божилъиялъухъ.