Гӏемерал сонал руго дида Кавсарат Шугӏайбова ва гьелъул рос Нажмудин Мухӏамадов лъалелдаса. Гьел кӏиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт районалъул больницаялъул бетӏерай тохтур, Нажмудин — Бамматюрталъул участкаялъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур. Гьезул вас Ахӏмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул академияги лъугӏизабун, гьев вахъана стоматологлъун. Хӏалтӏулев вуго Муцалаулалъул амбулаториялда. Кӏудияв вас Рустамицайин абуни, тӏаса бищана полициялъуласул захӏматаб, амма хӏурматияб махщел. Гьев ккола Чачан Республикаялъул, Ножаюрт РОВДялъул цӏех-рехазул отделалъул начальниклъун.
Гьеле гьединаб буго гьеб хъизан. Щивас тӏаса бищана жиндирго рекӏее бокьулеб хӏалтӏи.
Амма, цогидазде дандеккун, Кавсаратил нухда квалквалал гӏемер рукӏана. Захӏмалъабаздаса хӏинкъичӏого цеехун иналъ, сундухъго балагьичӏого, тӏад чӏун гьабураб цӏалул ва хӏалтӏул хӏасилалда щвана гьей мурадалде.
Лъимерлъиялдаса нахъе анищ букӏана Кавсаратил тохтурлъун яхъине.
— Дир эмен боцӏул тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏана. Дун гӏемер унаан гьевгун цадахъ фермаялде, школалдайин абуни, кидаго йикӏана санитаркалъун. Школалде унаан гъажалда хъахӏаб чалуги бухьун, багӏараб хъанч тӏад бахъараб гьединабго сумкаги гъежде рехун. Щибаб къойил хал гьабизе кколаан цӏалдохъабазул рацӏцӏа-ракъалъиялъул. Гьеб дие цӏакъ бокьулаан. Школалда лъолел спектаклязда тохтуралъул яги медсестраялъул роль гӏицӏго дица хӏалаан. Гьелъие дица рокъоса инсул хъахӏаб халгӏат босулаан ва, квараз бухьа-къан, рекъезабулаан диего,- ян ракӏалде щвезабулеб буго Кавсарат Шугӏайбовалъ.
Гӏагараб Кокрекальул гьоркьохъеб школалда микьго класс Кавсаратица лъугӏизабуна лъикӏал къиматазда ва, цӏалдохъабазул кьерда цееги яхъинаюн, гьелъие кьуна Реццалъул грамота.
Кьабуна ахирисеб цӏумур. Нахъа хутӏана школалъул сонал.
Тохтурлъун яхъине бугеб анищалъ яс киданиги рехун толей йикӏинчӏо. Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялде цӏализе росаразул сияхӏалда гъорлъ жиндирго цӏар бихьараб рохалилаб къо — 1970 соналъул 25 август, Кавсаритида гӏумруялъго рекӏелъ хутӏана. Жиндирго беразда божуларого, чанго нухалъ тӏад-тӏадюссун хал гьабуна гӏолилалъ медсестрабазул отделениялде цӏализе росаразул сияхӏалъул.
— Кигӏан халаталха рукӏарал тӏоцебесеб сентябралде щвезе хутӏарал гьел къоял! Берцинго кьижизецин кӏолеб букӏинчӏо. Кидаго гӏадин, кӏудияб гъира-шавкъалда тӏаделъана цӏалуде, — ян бицана Кавсаратица студентлъиялъул соназул хӏакъалъулъ.
Гьединаб таваккалаб ва тӏадчӏараб цӏалуца лъикӏаб хӏасилги кьуна. Лъабго соналдасан бергьенлъиялда лъугӏизабуна Дагъмедучилище ва Кавсарат Шугӏайбовалъе щвана багӏараб диплом. Гьелда цадахъ рохел гӏахьал гьабуна эбел-инсуца, гьудул-гьалмагъабаз, лъале-хъвалез.
Кавсаратида ракӏалда буго районалъул централияб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялда медсестралъун хӏалтӏизе лъугьараб тӏоцебесеб къоги. Амма институталде цӏализе ине ругел пикрабаз гьей цо лахӏзаталъги рехун толей йикӏинчӏо. Хӏатта росасе ун хадубгицин тохтурлъиялъул тӏадегӏанаб лъай босизе бугеб анищалдаса гьелъ инкар гьабичӏо. Букӏаниги, гӏицӏго щуго соналдаса гурони росасда гьелъул бицен гьабизе кӏвечӏо.
— Духъаго бажаризе батани, дун рази вуго. Амма кӏочонге нилъер кӏиго лъимерги, гӏи-боцӏиги, яшав- магӏишатги букӏин. Гьеб киналъулго тӏалаб-агъазалда вукӏине дир заман гьечӏо. Дипломалда лъабилал ругев тохтур, гьев тохтур гуро,- ян абуна Нажмудиница.
— Дица щулияб рагӏи кьуна иш бажаризабизе, лъикӏ цӏализе ва магӏишаталъул хӏалтӏиги цадахъ бачине. Дипломалда гьоркьохъел къиматал диеги хӏажат рукӏинчӏо, — ян ракӏалде щвезабула Кавсаратица. — Росасе кьураб рагӏи дица ккуна.
Бигьаяб букӏинчӏо Кавсаратил анищалъул цӏваялда хадуб унеб нух. Цӏалул соназ гьей радал сагӏат ункъоялда яхъунаан, хъизаналъе тӏубараб къоялъе гӏураб квен гьабулаан, боцӏуе жо балаан, гӏачи речӏчӏулаан ва гӏедегӏулаан поездалде.. Кокрекалдаса Махӏачхъалаялде гьеб унаан радал сагӏат анлъгоялде анцӏила щуго минут хӏалтӏараб мехалъ, тӏад буссун, Махӏачхъалаялдасан багъарулаан къаси ичӏгоялде анцӏила щуго минут хӏалтӏидал.
Гьединан ана анлъго сон. Гьеб заманалда жаний цониги нухалъ кватӏичӏо дарсазде. Цониги лекция гьоркьоб биччачӏо ва цониги экзаменалъе лъабилаб къиматги ккезе течӏо. Гьеб гурищ сундаго барахщичӏого мурадалде щвезе хӏаракат бахъиялъул гвангъараб мисал?!
Захӏматаб ва халатаб букӏана Кавсарат Шугӏайбовалъул Дагъмедакадемиялъул аудиториязде нух. Студенткалъун яхъине тӏоцебесеб къасд гьелъ гьабуна медучилище лъугӏун щуго соналдасан, кӏиабилеб — медсестралъун хӏалтӏизе лъугьун анцӏго соналдасан. Кӏиябго нухалъ битӏ ккечӏо. Жеги щуго соналдасан лъабабизеги хӏал бихьана, ва гьаб нухалъ гьей рехун течӏо талихӏалъ. Гьедин таваккалго галабиги тӏамун, цеехун ана Кавсарат ва жиндирго тӏадчӏеялъул, къуркьунгутӏиялъул хӏасилалда тӏубана тӏолабго гӏумрудул мурад.
— Захӏмалъабаздаса дун хӏинкъулароан. Тӏадегӏанаб лъай щвеялъул нухда сундаго лъалхъизайизе кӏвечӏо. Я хасалил цӏороялъул, ялъуни риидалил багӏариялъул квалквал букӏунароан, гьеб кинабго гӏадатияб жолъун кколаан дида, — ян бицана К. Шугӏайбовалъ. — Ракӏалда буго, цо нухалъ гӏемераб гӏазу бана, лъабго къоялъ поездалцин хьвадулел рукӏинчӏо. Тракторалдаги рекӏун, дун ана Ростов-Баку трассаялде щвезегӏан, гьений чӏун йикӏаго, талихӏалъ, бачӏана цо басриябго, гьанже гуреб гьанже бихх-биххун инилан кколеб гӏадаб, бензовоз. Гьелдаги рекӏун, щвана Гъизилюрталде, гьенисан автобусалда ана Махӏачхъалаялде. Нуж божиларо, гьеб къоялъги лекциялде кватӏичӏо.
Цоги нухалъ дида кӏочон тана лекцияздаса хадуб институталъул парткомалъул хӏисаб кьеялъулгун рищиязул собрание букӏине кколин ва, рекӏине жо щвечӏого, рокъое ячӏинчӏого хутӏизеги рес бугин росасда абизе. Гьедин ккезеги ккана. Собрание къаси сагӏат микьго тӏубазегӏан халат бахъана, дир поезд анцӏила щуго минуталдасан унаан. Таксиги ккун, ана вокзалалде, амма поезд ун батана. Гьебго таксиялда тӏоцебесеб Махӏачхъалаялде гӏедегӏана, гьениб поезд чанго минуталъ лъалхъулеб букӏиндал. Гьенире щведалги тӏерхьун унеб поездалъул рачӏ бихьана. Щиб гьабилеб? Тӏад юссана общежитиялде, гьудулзабазухъе. Дица гьезда бицана рокъоб лъазабун букӏинчӏин, рос хадув вачӏинеги бегьулилан. Гьел дида божулел рукӏинчӏо. Дица абухъе ккезеги ккана. Гьев дида хадув вачӏана сордо бащалъулеб гӏужалъ. Рокъоре щвана кӏиго тӏубалеб мехалъ, дунин абуни, кӏиго сагӏатгун бащдалдасан нахъеги вокзалалде ине кколаан. Гьедин ана цӏалул сонал. Амма дун йохарай йикӏана гьединав лъикӏав, тӏалаб-агъаз бугев росги, лъимал- рукъги, жиндие гӏоло дица кинабго рехун тараб, цӏалиги букӏиналдаса. Дида сверухъ кидаго рукӏана лъикӏал гӏадамал ва дицаги хӏаракат бахъулаан гьезие лъикӏлъиялдалъун жаваб гьабизе.
Кавсарат Шугӏайбова ккола Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъай тохтур, Россиялъул Федерациялъул сахлъи цӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур.
Ракӏбацӏцӏадго ва свак лъачӏого гьабураб хӏалтӏуе гӏоло гьей мустахӏикълъана Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул ва райадминистрациялъул гӏемерал Хӏурматалъул грамотабазе. Амма бищун кӏудияб шапакъатлъун Кавсарат Исакъовналъ рикӏкӏуна, жидер сахлъи цӏуниялъе гӏоло гьалъ гӏумру кьурал унтаразул бугеб божиги адаб- хӏурматги. Исана кӏикъоялда анлъго сон тӏубана гьелъ, хъахӏаб халгӏатги ретӏун, больницаялъул нуцӏа рагьаралдаса ва киданиги гьелдаса ракӏги бухӏичӏо.
Кинаб хӏасилха кьолеб бугеб гьедин тӏадчӏун гьабулеб хӏалтӏуца?
Дагъистан Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул коллегиялъ ахирисеб чанго соналъул хӏалтӏул хӏасил гьабулаго, Хасавюрт районалъул медицинаялъул хӏалтӏухъабазул хӏаракаталъе кьуна, щуго баллалъул къагӏидаялда рекъон, ункъогун бащдаб баллалъул къимат. Узухъда, гьединаб тӏадегӏанаб къиматалъулъ кӏудияб бутӏа лъуна Кавсарат Шугӏайбовалъги.
— Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун буго тӏолабго рикъзиги, гьунарги, махщелги. Гьес нилъеда цебе лъун буго лъикӏабги квешабги. Дица хӏаракат бахъула лъикӏаб гӏамалалда гӏумру гьабизе. Анцӏго нухалъ борхана хӏеж. Ва дирго гӏумрудул щибаб сагӏат, щибаб къо, щибаб лъагӏел сайгъат гьабулеб буго гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе, — ян абуна Кавсаратица рази-ракиго.
Гьаб соналъул байбихьуда, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, Кавсарат Шугӏайбова Хасавюрт районалъул больницаялъул бетӏерай тохтурлъун тӏамуна.
Кутакалда захӏматаб ва хӏинкъи бугеб заман бачӏаниги, короновирусилан абулеб, дунялго жинца сорозабулеб унтуде данде бахӏарчияб рагъ балеб буго Кавсарат Шугӏайбовалъ. Расги хӏинкъичӏого, тӏамула гьелъ гали бищун хӏинкъи бугел, «багӏарал зонабиян» цӏар лъурал, бакӏазде.
Гьединал «багӏарал зонаби» Хасавюрт районалда лъабго бакӏалда руго — Аксаялда, Кокрекалда ва Эндиреялда.
— Гьеб лъабабго больницаялде 23 апрелалдаса нахъе дун лъаб-лъаб нухалъ щвана, унтаразулгун хабар бицана, камураб-тараб цӏехана. Узухъда, захӏмат буго, амма, захӏмалъабиги къезарун, кинабго пикру буссинабун буго унтаразул мурадал тӏураялде, — ян абуна гара- чӏвариялъул ахиралда Кавсаратица.
— Кинабго дир гьунаралдалъун бугин аби гьереси букӏина. Кӏудияб кӏвар кьолеб ва сундулъго хӏажатаб кумек гьабулеб буго райадминистрациялъул бетӏер Жамбулат Салавовас. Баркала загьир гьабизе мустахӏикъав вуго республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимов. Къойилго гӏадин букӏуна гьесулгун бухьен.
Райадминистрациялда гӏуцӏараб штабин абуни, данделъула щибаб къойил.
Хадуб Кавсаратицаги дицаги сапар бухьана рагъулал бакӏал ралез райбольницаялъул минаялда аскӏоб, лъабкъоялда кӏиго унтарав жанив вегизе рес кьолеб, рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакӏалде.
— Чан чиха кинавниги вегизавизе ккарав больницабазда? — ян цӏехана дица Кавсаратида, нухда унаго.
Кинавниги, коронавирусалъ вукӏа, пневмониялъ вукӏа, 430 унтарав вегизавун вукӏана 23 апрелалдаса нахъе. Тӏоцебесеб июналде 52 унтарав хутӏун вуго. Гьелги, Аллагьас хъван батани, сахлъила.
Рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакӏалда нижеда дандчӏвай гьабуна Сергей Владимирович Владимировас. Гьаб июнь моцӏалъул ахиралде хӏалтӏи лъугӏизабизе бугилан рагӏи кьуна гьес.