Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб роценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президентас хасаб данделъи тӏобитӏизегӏан ДРялъул официалияб статистикаялда ругел баяназда гӏажаиблъизе бачӏунаан. Хварал гӏадамазул къадар бихьизабулеб букӏана цӏакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букӏинчӏо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букӏана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хӏакъалъулъ. Гьел тӏатӏала журараб мехалда кколеб букӏана официалияб баяналдаса гӏемерго цӏикӏкӏараб къадар.
18 маялда, ай Путинилгун видео- данделъи тӏобитӏараб къоялда, бицана республикаялда унтун вугин 3460 чи ва 29 унтарав хун вугин абун. Федералияб даражаялдаго ахӏи бахъараб мехалда республикаялде ритӏун рачӏана машгьурал клиникабаздаса тохтурзаби. Гьезул бетӏерлъуда йикӏана Фтизиатриялъулгун рахунел унтабазул федералияб централъул нухмалъулей Ирина Трагира. Дербенталъул больницабазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хал гьабун хадуб тӏобитӏараб данделъиялда гьелъ загьир гьабуна официалиял баянал хӏакъикъиял ратиялде щаклъи. «Республикаялда гӏолел гьечӏо коронавирусалъ унтаразе хӏажатал дараби. Гьел рикьула тӏолабго Россиялда – официалияб статистикаги унтарал хвеялъул хӏужабиги кьочӏое росун. Официалиял баяназда рекъон, COVID-19 сабаблъун Дагъистаналда хун вуго гӏицӏго 36 чи. Гьебго заманалда, официалиял гурел баяназда рекъон, пневмониялъул хӏасилалда хун вуго 820 чи. Тӏадегӏанаб даражаялъул дарабиги гьечӏого, унтаразе кумек гьабизе захӏмалъула, гьеб бажаруларо. Хӏакъикъияб статистика загьир гьабичӏони, нужее дараби щвезе гьечӏо», — ян бицана гьелъ.
Гьелдаса хадуб байбихьана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ федералиял СМИяздаса бицине. Республикаялде щвана машгьурал журналистал, гьез хъвана макъалаби ва рахъана видео-репортажал. Хӏакъикъиязде гӏагарлъизе байбихьана статистикиял баяналги. Масала, 30 маялде унтаразул къадар бахана 4830-ялде ва хваразул — 226-ялде. Амма гьел баяназдецин божизе бачӏунаро. Щайгурелъул унти хъинтӏичӏеб росу яги шагьар хутӏичӏо. Рокъор регун сахлъарал яги Аллагьасул къадаралде щварал дагъистаниял хӏисабалде росуларо. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвалеб буго «Эти цифры меня ужаснули» абураб макъалаялда «Медузаялъул» мухбир Владимир Севриновскиясги.
Журналист щун вуго Дербенталдеги, Махӏачхъалаялдеги, Хьаргабивеги; дандчӏван вуго шагьаразул администрациязул вакилзабигун, «Инсан» абураб рахӏмуялъул фондалъул нухмалъигун, хварал тохтурзабазул гӏагарлъигун.
Дербенталда
Севриновскияс хъвалеб буго: «Маялъул бащалъуда Дербенталъул мэр Хизри Абакаровас ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе хъвана коронавирусалъ унтаразул бугеб хӏакъикъат рагьараб кагъат. Гьенир рехсарал баянал рукӏана официалияб статистикаялдаса тӏубанго батӏиял», — абун.
Унтаразул къадар мухӏкан гьабиялъул мурадалда, Дербенталъул нухмалъиялъ гьезул хӏакъалъулъ баянал тӏалаб гьарун руго муниципалитетазул идарабазухъа (щибаб муниципалитеталда вугев хӏалтӏухъанасул хӏисаб гьабуни, гьезул къадар бахуна лъабазарго чиясде), диниял идарабазухъа (мажгитаздеги, синагогаялдеги, килисаялдеги рачӏунел рукӏарал ва гьанже рачӏунел ругел гӏадамазул хӏисабги гьабун). Гьел баянал данде рехараб мехалда, 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб Дербенталда унтун ватана 9-10 азаргониги чи. 2020 соналъул апрелалдаги маялъул тӏоцебесеб бащалъиялдаги пневмониялъул хӏасилалда хвана 134 чи (официалиял баянал: пневмониялъ — 50 ва COVID-19 — кӏиго). Гъоркьиса 1-15 маялда хехаб кумек ахӏун буго 1368 нухалда, исана — 2245 чиясухъе. Гьезда гьоркьоса 331 чиясулъ батун буго пневмония ва 538 — ОРВИ.
«Гьанже дагьлъун руго больницаялде рачӏунел унтарал. Гӏемерлъана сахлъун рокъоре унел гӏадамалги. Эркенлъарал бакӏазда нижеца регизарула районаздаса рачун рачӏарал ва захӏматго унтарал гӏадамал», — ан бицана Республикаялъул Хехаб кумекалъул больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Имангӏалиевас.
Хьаргаби
Бищун гӏемер унтарал ругеб район ккола Хьаргаби. В. Севриновскияс бицунеб буго гьениб бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Хасаб бакӏ макъалаялда кьун буго коронавирусалъул хӏасилалда къадаралде щварай рентген-лаборант Аминат Мажидовалъул хъизамалъе.
Тӏоцебесеб классалде хьвадулев Багьавудин ккола Аминат Мажидовалъул бищун гьитӏинав вас. Гьесда жеги бицинчӏо эбел тӏокӏалъ ячӏунареблъи. «Аминатие гьитӏинго бокьун букӏана тохтурлъун яхъине. Амма кумек гьабизе ккана эменги гьечӏого хъизам хьихьулей эбелалъе. Гьелъие бокьулаан жиндирго хӏалтӏи. Дица гьелда абулеб букӏана, больничныйги босун, рокъой чӏаян. Гӏадамазда ракӏалде ккезе бугила жий хӏинкъун йигилан жаваб кьуна дие гьелъ», — илан бицана Аминатил бетӏергьанчияс.
«Кинабго байбихьана 11 апрелалда. Рахунел унтабазул отделениялде ячун ячӏана нижерго поликлиникаялъул заведующая. 16 апрелалда тахшагьаралъул больницаялде йитӏана гьей нижеца. 23 апрелалда гьей хвана гьений. Гьеб заманалде больницаялде рачӏине байбихьана гӏемерал унтарал — сордо-къоялда жанив вачӏунаан 15-17 чи. Больница хӏадур букӏинчӏо гьел къабул гьаризе. Республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, нижеца гӏуцӏизе кколаан 40 унтарасе бакӏ бугеб обсервациялъул отделение. Гьенир регизаризе кколаан кӏиго анкьалъ рокъор чӏезе санагӏат гьечӏел унтиялде щаклъи бугел гӏадамал. Унтарал ритӏизехъин рукӏана Буйнакскиялъул больницаялде. Гьениве витӏана лъабго чи, цогидал районаздасаги унтарал рачӏунел рукӏана ва гьенир тӏокӏалъ къабул гьаричӏо гьел.
Гьеб мехалда дица терапиялда рагьана рахунел унтабазул госпиталь. Неврологиялда регизаруна ковидалде щаклъи бугел унтарал, хирургиялда гьабуна реанимация, хӏалтӏизаруна районалъул росабалъ ругел больницабиги. Гьедин нижеца гьабуна 170 унтарасе бакӏ. Гӏолел рукӏинчӏо дараби, унти ккеялдаса цӏунизе рес кьолел костюмал нижеда рихьун рукӏана гӏицӏго суратазда. Рукӏана чумаялде данде къеркьолаго тӏад ретӏунел халгӏатал, респираторазул бакӏалда — цо нухалда гурони хӏалтӏизаризе бегьуларел тӏеренал маскаби. Хадубккун дица коллективалда чанго гъат бугел рукъеян гьарана», — ян бицана Хьаргаби районалъул больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Абакаровас.
«20-21 апрелалдаса нахъе гӏемерлъулел рукӏана унтарал. Букӏинчӏо компьютерияб томограф. Киналго рачӏунаан больницаялде — унтаралги сахалги. Щивасе бокьун букӏана флюорография гьабизе — байбихьана унго-унгояб психоз. Къваридаб жанахӏалда вакӏарулаан 30-40 чи. Щивасе къваригӏунаан тӏоцебесеб иргаялда жиндир гӏагарав чиясул — эбелалъул, яц-вацасул хал гьабизе», — ян бицана бетӏерав тохтурас.
Хӏалтӏул ахирисеб кӏиго анкьалъ Аминат Мажидовалъ хал гьабуна 1400-ниги чиясул. Гьезда гьоркьоса 127 чиясул чӏезабуна пневмония — жеги мухӏканаб диагноз лъезе рес кьолеб хӏал букӏинчӏо больницаялда.
Больницаялда гӏадлу-низам гьабизеги унтаразе бажарараб кумекалъеги рахъана хьергебдерил гӏолилал-волонтерал. Реанимациялъул кӏалтӏа эхетун руго кислородалъул баллонал. Гьезда аскӏор хӏухьбахъулел руго добровольцалги. «Гьанив вегун вукӏана 130 унтарав, къогоялдаса цӏикӏкӏун — захӏматаб хӏалалда вугев. Букӏана гӏицӏго ункъо баллон. Тохтурзабаз гьарана дарабиги кислородги балагьизе кумек гьабеян абун. Нижеца социалиял гьиназдаса хитӏаб гьабуна дагъистаниязде, республикагун улка тун къватӏирехун ругел ракьцоязде, кумек гьабеян абун. Гьеб кумекалъухъ росана тохтурзаби цӏунулел костюмалги, дарабиги, кислородги. Дагъистаналъул Муфтияталъ больницаялъе гьабуна щунусазарго гъурщил кумек, бецӏана кванил нигӏматазухъ гӏадамаз тукаде кьезе букӏараб налъи. Гӏолохъаби хӏалтӏана медбратал гӏадин — гьез унтарасухъе щвезабулаан 70 килоялъул бакӏлъи бугел кислородалъул баллонал. Моцӏгӏан заманалда жанив росулъ хвана лъебергоялдаса цӏикӏкӏун чи — лъагӏелалъ холаан гьедигӏанасев чи», — ян бицана волонтеразул нухмалъулев Жаватхан Хӏусеновас.
Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 31 маялде 22 азарго чияс гӏумру гьабулеб Хьаргаби районалда хвана микьго чи. М. Абакаровас бицаралда рекъон, районалда унтана 407 чи (гьезда гьоркьоса 18 — тохтур), COVID-19 чӏезабуна 22 унтарасулъ ва хвана 23 чи. Амма хьергебдерица абулеб буго жеги гӏемер унтанинги хванинги. «80 проценталдаса дагь ккечӏо коронавирусалъ унтаразул къадар. Щибаб хъизамалда хъинтӏана гьеб унти — росулъ щибго балъго гьабун бажаруларо. Гӏадамаз жидецаго гьабуна дару-сабаб, хӏалтӏизаруна халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги», — ян бицана волонтер Мажидица.
Гьесул пикруялда тӏад рекъана бетӏерав тохтурги. «Больницаялде рачӏунаан гӏицӏго захӏматго унтарал. Тӏадагьаб формаялда унтаралги гӏемер ратила. Мухӏканаб хӏисаб лъицаниги гьабичӏо», — ян бицана гьес.
16 маялда журналистасул суалалъе жаваб кьолаго, ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министрас абуна, COVID-19 сабаблъун 40-ялдаса цӏикӏкӏун тохтур камунилан республикаялъе — официалияб статистикаялда рукӏарал баяназдаса гӏемер ккола гьеб. Хӏакъикъиял хӏужаби рахчиялъул гӏилла бичӏчӏуларо. Аминат Мажидовалъул букӏана 44 сон. Бесдаллъана гьелъул ункъо лъимер.
Коронавирус къуваталда бугеб заманалда кӏодолъана щибаб росдал хабзал. Аллагьас мунагьал чураги нилъер хваразул ва гьезул гӏагарлъиялъе, бесдаллъарал лъималазе, лъималаздаса ратӏалъарал умумузе кьеги сахлъи.