80 сон тӏубана нижер гьудул Гӏусман Демешевас. Гьев гьавуна 1940 соналъул ичӏабилеб июналда Чӏарада районалъул Цӏенеб росулъ учителасул хъизамалда.
Росулъ школа гьечӏолъиялда бан, араб гӏасруялъул къоабилел соназул ахиралда росдал лъимал хьвадулел рукӏана Гӏумар Демешевасухъе рокъоре. Гьев вукӏана росулъа тӏоцевесев учитель. Цӏенеб щвезегӏан гьесухъе цӏализе хьвадулаан Кӏулзеб, Шугъинуб ва цогидал росабалъа лъималги.
Гӏусманил букӏана захӏматаб гӏумру. Гьесул лъимерлъи ана рагъда хадусел ракъул ва ресукълъиялъул соназда. 11 сон бараб мехалда хвана гьесул эмен ва рукъалъул магӏишаталъул ургъел бегана лъималазул гъуждузде. Эбел-инсуца гьитӏинго куцана гьезулъ хӏалтӏуде рокьи. Гӏусманил кӏудияв вац Мухӏамад ва яцал Шамсиятги Патӏиматги хӏалтӏулел рукӏана росдал колхозалда. Дояркалъун хӏалтӏулей йикӏарай 21 сон барай Патӏимат 1966 соналда мустахӏикълъана Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул орденалъе ва кӏиго соналдаса гьелъие кьуна ВЛКСМалъул ЦКялъул Хӏурматалъул гӏаламат.
Школалда цӏалулаго, Гӏусманил анищ букӏана юристлъун вахъине. 1959 соналда гьес лъугӏизабуна Гӏириб росдал гьоркьохъеб школа. Амма юридикияб факультеталда къабул гьарулароан хӏалтӏул хӏалбихьи гьечӏел гӏолилал.
Гӏусман хӏалтӏизе лъугьана Чӏарада районалъул прокуратураялда секретарьлъун. Прокурорлъун вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, Гъуниб районалъул Чӏохъа Гӏумар-Хӏажи Багъдулов.
1961 соналда Гӏусман цӏализе лъугьана Саратовалъул юридикияб институталде. Кӏиабилеб курсалдаса гьев ана Советияб Армиялда хъулухъ тӏубазе. Лъабго соналдаса тӏад вуссана институталде ва, 1968 соналда гьебги лъугӏизабун, гьев витӏана Буйнакск шагьаралъул низам цӏунулел идарабазул отделалда следовательлъун хӏалтӏизе.
1973 соналда вищана Хунзахъ районалъул халкъияв судьялъун.
Гӏусман куцан вукӏана цевехъанлъун вукӏине. Школалдаги армиялдаги гьев вукӏана комсомолалъул гӏуцӏиялъул секретарьлъун.
Нухмалъулесул пагьму гьесулъ загьирлъана Гъуниб районалъул прокурорлъунги республикаялъул прокуратураялъул отделазулгун гӏуцӏабазул нухмалъулевлъунги хӏалтӏулеб заманалда. Гьес кидаго ритӏухълъи цӏунана, махщалил рахъалъ тӏоцевесев учительлъунги гӏумрудул гьудуллъунги вукӏарав, Гӏумар-Хӏажи Багъдуловасул хӏалтӏул къагӏидабазе.
Доб заманалда Гъуниб букӏана батӏи-батӏиял росабазул вакилзабаздаса гӏуцӏараб ва ишалъе цӏикӏкӏараб пайда бугеб районалъул нухмалъи: КПССалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарь, рагъул гӏахьалчи ва прокуратураялъул идарабазул ветеран Сугъралъа Хӏажи Гӏинчилов, райисполкомалъул председатель Гьонодаса Набиюла Мухӏамадов, районалъул прокурор Чӏарада районалдаса Гӏусман Гӏусманов, КГБялъул отделениялъул начальник Болъихъ районалдаса Жавпар Рамазанов, судалъул председатель Цӏумада районалдаса Астемир Гӏумаров, РОВДялъул начальник Лъаратӏа районалдаса Мухӏамад Юсупов ва гь.ц. Щибаб шаматкъоялъ районалъул нухмалъулел унаан иргадулаб росулъе, хал гьабулаан бакӏалъул хӏалтӏул ва, хӏажалъи бугони, райкомалъул бюроялда цебе лъолаан гьениб тӏатараб масъала. Букӏана кьварараб гӏадлу.
50 соналъ хъулухъ гьабуна Гӏусман Демешевас низам цӏунулел идарабазда, амма цохӏониги бадибчӏвай щвечӏо гьесие хӏалтӏул рахъалъ. Гьев вукӏана махщел камилав, ракӏбацӏцӏадав ва жиндир пикруялдаса сунцаниги кьуризавун бажаруларев инсанги, сахаватав гьудулги, хирияв гьалмагъги. Хӏалтӏухъабазде букӏунаан кьварараб тӏалабчилъи – гьединабго бербалагьи букӏана жиндехунгоги. Гьес киданиги гьабичӏо намусалъ къабул гьабулареб хӏукму. Жиндир гӏумру бигьалъизабулеб ва рес цӏикӏкӏинабулеб нух балагьизеги лъугьинчӏо гьев.
Гьелгуниял соназ хӏалтӏарав Гӏусманил гӏумру ана мухьдахъ ккурал яги хӏалтӏулебгӏан заманалъ жанив вукӏине пачалихъалъ кьурал рукъзабахъ. Республикаялъул прокуратураялде хӏалтӏизе вачӏараб мехалда гьесие кьуна лъабго рукъ бугеб квартира – гьениб гьабулеб буго гӏумру жакъаги. Махӏачхъала шагьаралъул исполкомалъ гьесие кьуна дачаги, амма гьенибги мина бачӏо гьес.
Низам цӏунулел идарабазда хӏалтӏулеб заманалда гьесие щварал шапакъаталгун каранда ралел гӏаламатал ва сайгъатал рикӏкӏун хӏал кӏвеларо. Гьев вуго «Захӏматалъул ветеран», «Прокуратураялъул идарабазул ветеран», «ДРялъул низам цӏунулел идарабазул мустахӏикъав хӏалтӏухъан». Мустахӏикълъана «Законалъе ритӏухълъиялъухъ» абураб, каранда балеб, I-себ даражаялъул гӏаламаталъеги.
Машгьурав хъвадарухъан Бальзакица абулаан, юристал релълъарал ругин тохтурзабаздаги рухӏиял церехъабаздагиян. Гӏусман кидаго вукӏунаан хӏалтӏуда – гьатӏанкъояздаги байрамкъояздаги. Нижеда, гьесул гьудулзабазда, кидаго гьев ватулаан хӏалтӏуда. Разиго кумек гьабулаан гьес гӏолохъанал ишцоязеги, малъа-хъвай хӏажалъун вачӏарасеги.
2000 соналда Гӏусман Демешевас хӏалтӏи тана. Амма хӏалхьиялда чӏечӏо гьев – байбихьана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулги ветераназулги жигарчилъиялъулъ гӏахьаллъизе. Гьев хӏалтӏана А. Герценил цӏаралда бугеб университеталъул Дагъистаналъул филиалалъул директорасул заместительлъунги прокуратураялъул пенсионеразулги ветераназулги жамгӏияб гӏуцӏиялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул советалъул председательлъунги. Гьел хъулухъазда вукӏаго, гьев мустахӏикълъана «Гӏолилазул мустахӏикъав насихӏатчи» абураб къадруяб цӏаралъе.
Гӏусманица гӏезабуна ва, лъикӏаб лъайгун тарбия кьун, гӏумруялъул нухде тӏамуна ясги кӏиго васги. Инсул нух тӏаса бищана кӏиявго васас. Яс Анжела йиго лъималазул тохтурлъун.