15 июналдаса байбихьун республикаялда гӏорхъичӏваялъул низам дагь-дагьккун нахъе бахъизе байбихьана. Амма ахӏвал-хӏал хӏалуцани, гьеб хӏукму хисизабизе бугин, гьединлъидал гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьаби заманаялъе гьабураб тадбирлъунги ккезе рес бугин лъазабуна гьал къоязда республикаялъул «Роспотребнадзоралъ».
Тӏоцебесеб иргаялда, хӏалтӏизе риччана парикмахерскиял, ретӏел чурулел бакӏал, хӏамамал, батӏи-батӏияб къайи-цӏа бичулел тукаби ва гьел гурел цогидалги бакӏал.
Гьединго шагьаралъул ахикье тира-сверизе ва ралъдахъе инеги риччана гӏадамал.
Карантиналъул тӏоцебесеб бутӏа нахъе бахъун хадуб шагьаралда букӏараб ахӏвал-хӏалалда хадуб хал ккуна нижеца.
Бице, Каспиялъул карачалаби…
Радалго ралъдахъе гӏезегӏан чи вугоан вакӏарун. Чвердезе гӏащикълъун рукӏарал лъималазул разияб релъи-хъуй букӏана, цоцаде лъим чвалхи гьабулел цӏикӏкӏаразул чвердолел чагӏи гӏемер рукӏинчӏо.
-Ралъдахъе тира-сверизе риччаниги, чвердезе жеги бегьуларин, гьукъа-къаял лъазарун ругин абулеб буго гьаниб, -илан бицана карачалабазухъ балагьун, пикрабазда йикӏарай цо гӏолохъанчӏужуялъ. «Роспотребнадзоралъ» гьукъун буго гьеб. Гьезни щибаб соналъ гьабула гьедин. Амма, ралъдахъе риччан хадуб, чвердечӏого нилъер гӏадамал киса чӏолел?
Полициялъул хӏалтӏухъабиги рукӏана, мугъалда нахъе квералги ккун, мухӏканго ралъдахъе рачӏунел унел гӏадамазул хӏисаб гьабулел.
Республикаялъул Миллияб библиотекаялда цебе бугеб шаурма бичулеб бакӏалда цебеги лъикӏаланго читӏир бугоан гьеб босизе иргаялда чӏаразул.
— Кигӏан лъикӏха ккараб нуж хӏалтӏулел рати, битӏахъе, урхъун йикӏана гьаб кӏиябго моцӏгун бащдалъ нужер шаурмаялъухъ, -илан йохун йигоан цо гӏадан.
Гьениб аскӏобго, кванил нигӏматал ричулеб тукада, кӏудияб чӏаголъи букӏинчӏо.
Карантин лъазабун букӏаниги, жидер тукен сордо-къоялъ чӏечӏого хӏалтӏулеб букӏанин бицана йичарухъаналъ: «Гӏорхъичӏваялъул низам нахъе бахъаниги, дида гьелъул цо лъалеб батӏалъиго халлъичӏо», -ян абуна гьелъ.
Аттестаталда хадув
Школалъул библиотекаялде тӏахьалги нахъе кьун вачӏунев Махӏачхъалаялдаса Амирица гьадин бицана гӏорхъичӏваял дагь гьариялъ жиндиего гьабураб асаралъул:
— Кӏиго моцӏгун бащдаб заманалда жакъа гурони дун шагьаралде вахъун вукӏинчӏо. Цӏалул тӏахьал нахъе кьезе ун вукӏана школалде. Гьел тӏад руссинаричӏони, аттестатал кьезе гьечӏин лъазабуна школалъул нухмалъиялъ. Метер-сезе щвезе ккола гьебги.
Карантиналъул низам хвезабичӏого, чӏахӏияз малъарабги гьабун, рокъов вукӏана дун. Тӏахьал цӏалун, телевизоралъухъ валагьун. Дидаго тӏад хӏалтӏун инабуна заман. Цебе дирго квер щолеб букӏинчӏеб, нахъе тӏамун букӏараб чанги жоялъе заман батизе кӏвана. Чан пайдаяб тӏехь букӏун бугеб дица цӏаличӏого тун, -ан.
Парикмахерскиялгун кафеял…
Каспийскиялда бугеб парикмахерскиязул цоялда гӏадамал къабул гьаризе байбихьун бугоан 16 июналда.
Жакъаго-жакъа яхъанин жий хӏалтӏудеян бицана гьелъул хважаин Зумрутица.
— Цо, ялъуни кӏиго чи гурони жанир рукӏине бегьуларилан шартӏалги лъун ругин хабарги щвана дихъе. Хал гьабулел чагӏи ругин терелел, цӏодорго йикӏайилан ахӏун бачӏана ишцоялъ.
Жанире рачӏунел гӏадамал гьурмада маскаги ххун рачӏине кколел руго. Дица гӏадамал къабул гьарулел руго цебеккунго гьабураб хъвай-хъвагӏаялда рекъон. Къойида жаниб чан чи къабул гьавизе бегьулебали чӏезабураб гӏорхъи гьечӏо, амма гьадинал гӏорхъичӏваяз хӏалтӏуе квалквал гьабичӏого хутӏуларо. Хӏалтӏуде рахъине изну кьун хадубги гьел шартӏал сундуе лъолел жалали бичӏчӏуларо. Гьаб кӏиго моцӏгун бащдалда жаниб дие щолеб хайиралъе кӏудияб заралги ккана, -ян бицана Зумрутица.
Квана-гьекъезе гӏадамал рачӏунеб ашбазалда жанив гӏадан-чиго гьечӏоан.
«Дуца кинаб тӏагӏамалъе заказ кьун букӏараб?» -илан гьикъана, дун жаниве щун вахъиналде, гьений хӏалтӏулей гӏолохъанай ясалъ.
Гьабураб квен гьез, къватӏибе кьун гурони, ашбазалда жаниб кваназе толеб гьечӏоан. Балагьараб мехалда, гьелъ батӏаго квешаб хӏасилги кьолеб гьечӏилан тана, гӏадамазул ахӏиял къабул гьаризе гурого, цогидаб жоялде регӏулеб хӏал гьечӏоан гьезул.
Нухалги мехалги
Гъизилюрталдаса Махӏачхъалаялде къваригӏелалъ вачӏарав Муцалаулалдаса Гӏамирхан рази гьечӏоан транспорталъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалдаса.
— Гъизилюрталдеги гьаниреги хьвадулел электричкабазе щибниги гьукъа-къай бихьизабун гьечӏо, маршруткаби абуни, эркенго хьвадизе риччалел гьечӏо. Дорасан сверун, гьанисан кӏкӏуржун, чанго свералабазда гьоркьосан нух балагьизе кколеб буго гьез Махӏачхъалаялде рорчӏизе. Гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьабураб мехалъниги бегьуларищ гьел цере рукӏараб куцалъ хьвадизе? -ян къваридго вугоан гьев.
Гьеб параялъ сасги бахъун, телефоналде балагьидал, рихьана: «Рохел бицанин щиб кьелеб? Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталде эркенго ине рес буго», ватсапалдасан хъвадарулел ругоан гӏолохъабазул сообщениял.
Рузманалде ине гьанже щибго кӏвекӏен гьечӏолъиялдаса рохун ругоан гьел.