Зоб роцӏун цӏад банани, цӏакъ бохула тӏабигӏат,
Гӏадамил ракӏ роцӏунеб цӏад хӏажатаб ракьалда.
(Инхоса Гӏали-хӏажи)
Гьацӏул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго кирехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хӏабургъараб заманалда, шагӏир, гӏакъил, гӏалим Инхоса Гӏали-хӏажил асараз къобахъанагӏан гӏажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тӏехьги босун, гӏакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазулги магӏна босулей йиго.
Хӏурматиял цӏалдолел!
Рачӏаха цоги нухалда борхизе шагӏирасул гӏакълудал цӏурал шигӏрабазул лълъар. Биччанте гьелъул тӏокӏкӏарал къатӏраби хутӏизе нилъер ракӏал рацӏцӏад гьарулеб хӏикматаб цӏадлъун:
— Нилъго лъикӏалин рецци — роцен гьечӏеб балагьин,
Берда цебе лъечӏого, лъикӏабин кунин загьру.
Дир пикруялда, гьеб роцен гьечӏеб балагьалъул кӏичӏикье, жидедагоцин лъачӏого, ккун ратулел руго цо-цоял. Кинха ракӏкъварилъичӏого хутӏилеб, жал бищунго цӏакъал-тӏокӏалин абулел гӏадамал рихьидалги ратидалги. Цо-цоялин абуни, тӏир-тӏирунцин чӏола жидер пагьму-гьунаралъухъе вахарав чи гьечӏилан. Гьеб гьедин батанигицин, рецц-бакъалъул къорикье ккарал гьезда бичӏчӏулеб гьечӏеб куц кинаб унти жидер чорхолъ бессулеб бугебали:
— Рецц бокьун рекерулел,
какилин жал хӏинкъулел,
Хӏалим вугин рачӏунел
чӏухӏбуздаса лъикӏ цӏуне.
Яги:
— Жиндиего рецц гьаби чиясда рекъоларо,
Кигӏан битӏарабниги рецци рекъараб гуро.
Битӏараб буго. Лъиеха бокьилареб цогидаз жиндирго хӏакъалъулъ лъикӏал рагӏаби абизе. Киназего бокьула гьеб. Амма нагагьлъун ракӏалдецин ккани гӏадамазеги жив цогидаздаса тӏокӏ вокьулин абун, гӏадамаздаги бичӏчӏула гьединав чи веццизе кколеблъиги, ва гьезги байбихьула тӏад рекъезабизе, вай-аман, жидее цохӏого цо мун вокьулин, дулъе вахарав пагьму-гьунаралъул чиги гьечӏилан абун. Гьединаб каламлъидалха реццалъ мехтаразе рагӏизе къваригӏунги букӏунеб.
Гьеле гьеб батизеги буго, чорхолъе ккани, сах гьабизе цӏакъго захӏматаб унти -реццалъул унти. Гьелъул хӏакъалъулъги пикраби гьадинал руго шагӏирасулги:
— Жидерго чорхолъ гьечӏел
гьунарал ругин чӏолел,
Гьел ритӏухъ гьариялъе рияъ чагӏи рачӏунел.
Рикӏкӏад гьаре дорегӏан, данде ккезецин тоге,
Тушман-илбис данделъи лъикӏин бищун эздаса.
Гьаб гьитӏинабго макъалаялда бакӏ гӏеларо Гӏали-хӏажил шигӏрабазул тӏокӏлъабазул бицине. Дица тӏаса рищана цӏакъго тӏасан ккараб рецц-бакъалъул заралалъул бицунел гьесул жугьаби. Щайгурелъул реццалъ бецц гьарулел ругел гӏемерлъулел ругелъул. Гьединазда жидерго гъалатӏалгицин тӏокӏлъабилъун рихьулел руго. Цогидал хӏангутӏиялъул, жойиде гьарунгутӏиялъул хӏасилалда гьезул ракӏазулъе лъугьунеб буго жахӏдайилан цӏар бугеб хӏапаро. Гьелъ инсанасул чорхолъа, рахӏму тун, бачахъула лъикӏлъи. Гьединазда гӏицӏго жалго гурони рихьуларо, ва гьел релълъуна, хъублъи къватӏибе чӏехьанигицин, бацӏцӏалъулареб къвачӏида. Гьезда бихьуларо гӏарац-меседлъун жидеда сверухъ ругезул тӏокӏлъиги тӏадегӏанлъиги:
— Гъосол цӏураб къвачӏиниб
гӏарац-месед кин балеб,
Хъублъи къватӏибе чӏехьон, жаниса чуричӏого.
Цо-цо гьадинги кколаха:
— Найица тӏегь кванала, тӏотӏоца гъвес кванала,
Бичасул хӏикматалда дун цӏакъ тамашалъула.
Гъосолъ бугеб тӏотӏоца тӏогьолъ бугеб найиде
Дун лъаларищ гьвелроцан
рогьо къабихӏаб бала.
Нахъеги бегулеб буго, гӏакъиллъиялъул куназ угьарал шигӏрабазул цӏураб, Гӏали-хӏажил тӏехь. Шагӏирас цоги нухалда гӏумруялъул пикру гьабизе тӏамулей йиго. Гӏасругун бащдаб заманаялъ цере хъварал гьесул асарал жакъаги къиматал жавгьараллъун кенчӏолел руго нилъер гӏумруялъул маржаназул цӏалалъулъ.
Реццалъ унтарал кидаго рукӏун руго, гуребани шагӏирасул гьеб калам бижизе ресги букӏинчӏо.
Макъалаги лъугӏизе толеб буго даимлъиялде арал, абадияб гъасда беролеб цӏалъун ругел Инхоса гӏалим, гӏакъил ва шагӏир Гӏали-хӏажил алфазаздалъун:
— Гӏагарал гьуин гьаре — гьелъулъ буго дур икъбал,
Эбел-эмен лъикӏ хьихье — бихьила рекӏел канлъи.
Ва ахиралдаги:
— Лъикӏал гьудулзаби ккве,
ккаралъуб кумек гьабе,
Квер дуде битӏарасда батӏаго аскӏове къай.
Эл цере кквей — даража, дурго черх нахъе тӏамун,
Тӏаде-гъоркье гӏемер ун,
гӏатӏидго гьумер бихьун.
Гьале цогиги:
Гурхӏелгун рахӏму гьаби — рикъзиялъул кӏул буго,
Нахъехун пикру гьаби — балагьал гьукъи буго.
Нилъее киназего тавпикъ кьеги Гӏали-хӏажи кӏудил гӏакълабазул магӏна босизе. Биччанте гьесул гӏумруялъул дарсазги цо хасаб бакӏ кквезе нилъер щивасул къисматалъул тӏехьалда.