Кватӏичӏого РФялъул Конституциялда гьаризе ругел хиса—басиязда бан, цо—цо дагъистанияз гьадинал пикраби загьир гьаруна «Хӏакъикъат» газеталъе.

«Путинидаса лъикӏав

чи вихьулев гьечӏо»

Мухӏамад РАМАЗАНОВ, юрист, ННТ телеканалалъул ведущий:

-Лъица щиб бицаниги, дица рахъ ккола гьел хиса-басиязул. Гьезул багьанаги батун, президентасул болжал халалъизабизе къваригӏин кколин гьелъул магӏнаян чӏун руго цо-цо чагӏи. Амма гьедин гьабунигицин, Владимир Путинидаса лъикӏав чи дида гьабсагӏаталда гьеб бакӏалда вихьулев гьечӏо.

Улкаялда кколеб бокьараб мекълъи-тӏекълъи президентасда хурхинабулеб буго гьез. Дир хӏисабалда, гьеб ккола гьезул политикияб лъай гьечӏолъи.

Букӏаниги, бакӏ-бакӏазда жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб буго нухмалъулезги. Кигӏан лъикӏал тӏалабал президентас цере лъуниги, гьел кӏалагъоркье чӏвазаризе хӏалбихьиялги гьарулел ругелъул. Масала, коронавирусалда данде къеркьолел медиказе биччараб гӏарцуе хӏакимзабаз гьарулел рукӏарал хӏарамал ишал рихьичӏищ?

Киназдаго бадиб къан буго президентасул болжалалъе бихьизабураб анлъго сон. Амма цогидал жал цӏадирабазда лъуни… Масала, гӏемерал жал руго 1993 соналдаса хадур раккарал ва конституциялъул федералиял законазулъе росарал. Гӏемерисел жал Конституциялде гьениса росун руго. Гьединлъидал гьеб (Конституция) гьанже лъутӏа-къотӏун, цойиде бачун, жакъасеб гӏумруялде данде ккезабун буго.

Гьединго Конституциялда цӏар бахъулеб буго Тӏадегӏанасул хӏакъалъулъги. Гӏадада бахъулеб цӏар гуро гьеб. Хадурккун гьелда хурхун хасал актал яги законал рахъизеги рес буго.

Дие асар гьабуна гӏолилазулъ рухӏияб рахъ куцазе ккеялъул бицунеб пункталъги. 1993 соналда къабул гьабураб Конституциялда абуни гьеб букӏинчӏо.

Гӏурус мацӏ пачалихъияблъун бихьизабураб пункталда тӏасан рагӏизе бегьула цо-цоязул разилъи гьечӏолъи.

Гьанжелъагӏан букӏараб Конституциялда хъван буго гӏурус мацӏ РФялъул пачалихъияб мацӏ кколилан. Лъиениги гьелъул ургъелги букӏинчӏо. Гьанже абуни тӏаде жубалеб буго гьеб мацӏ кколин РФялда гьоркьоре унел ихтиярал ращадаб, гӏемермиллатазул союзалъул пачалихъ гӏуцӏараб халкъалъул мацӏилан.

Россиялда ругел халкъазул мацӏаздехун бугеб адабги бихьизабун буго гьениб. Амма гьел лъазаризе тӏадаллъун гьарулел рукӏаралани, дида квешцин букӏинаан. Щайин абуни, дир рахьдал мацӏ лъазабизе тӏадаблъун щай лъицаниги гьабизе кколеб? Гӏурус мацӏ нилъее цоцазулгун бухьенал гьаризе, хӏалтӏуе ва цогидалъе хӏажалъулеб бугелъул. Батӏаго щибаб регионалъе изну кьечӏогойищ бугеб гӏурус мацӏалдаго цадахъ аслияллъун жиде-жидер мацӏал рилълъанхъизаризеги? Масала, Чачаналда гьабула гурищ гьедин.

Гьединго, жавабиял хъулухъазда ругел чагӏазе къватӏисел пачалихъазда гӏарац цӏунизе, доба мал-мулк босизе гьукъулеб букӏинги квешищ бугеб? Интернеталдани гьерсал тӏиритӏизарулел руго хиса-басиязулъа гьеб пункт нахъе босун рагӏулиланги абун. Кутакаб пропаганда хӏалтӏулеб буго данде.

Цо жинсалъул чагӏаз (однополые браки – ред.) хъизанал гӏуцӏизе гьукъараб закон гьанже Конституциялдеги босулеб букӏунилан дандечӏей буго. Гьадингоги лъалеб жо гьенибе босиялъул магӏна щибдила? Магӏна буго. Конституциялда хъвани, гьеб хисуларо. Законлъун тани, депутатаз бокьараб къоялъ хисизабула гьеб.

Интернеталда гӏемерлъун руго гьадинал фейкалги – бихьуларищдила президентас жиндирго кверщел щулалъизабулеб бугила киналго судиялги жинцаго тӏамун. Гьелда божулелги руго. Амма гьанжелъагӏанги гьедин гурищ гьел толел рукӏарал?

Дие цебегоялдаса рекӏее гӏолареб жо букӏана халкъазда гьоркьосел законал миллияздаса тӏадегӏан гьари. Гьанже гьеб рахъалъги хиса-баси гьабулеб буго.

«Олигархазе гурел, гӏадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратаги»

Алексей ХӏАЖИЕВ, Махӏачхъалаялъул аэропорталъул хӏалтӏухъан:

-Гьанжелъагӏан букӏараб Конституция къабул гьабуралдаса гӏезегӏан сонал ана, улкаги гӏемерго хисана. Гьединлъидал, хӏажалъи ккана Конституция хисизабизе. Гьел щай къваригӏарал жалин, гьабин-добилан харбал рицунел чагӏи руго аскӏоре гӏагарунцин гьеб иш лъаларел, жидеего политикиял очкаби щвезелъун хӏаял гьарулел гӏадамал. Гьезде щвезегӏан гьел хиса-басиязул жаваб кьун букӏуна гӏезегӏан гъорлъе раккун, киналго рахъал лъазарурал специалистаз. Гьединлъидал халкъалъ, улкаялъул гражданал хӏисабалда, къабул гьабизе ккола тӏалъиялъ хӏадурараб документ.

Гьединго, нилъер хьул буго гьел хиса-басиял олигархазе гурел, гӏадатияб халкъалъе пайдаялъе ургъарал ратиялде.

«Депутатазе гӏарац дагьлъизабе»

Гӏабдурахӏман АДУХӏОВ, Махӏачхъалаялда чӏарав Чӏарада районалдаса чи:

-Дида гьикъулеб букӏарабани, Конституциялда гьадинал хиса-басиял гьаризе кколин абилаан дица: РФялъул Пачалихъалъул Думаялъул депутатазе моцӏрое щолеб харж бащалъизабулебани анцӏго МРОТалда (гӏумру гьабизе моцӏрое хӏажалъулеб гӏарцул бищун гӏодобегӏанаб къадар). Гьеб букӏинаан гӏемерав чи разияб хӏукму.

Мисалалъе, гьасагӏат гьеб МРОТ буго 12 500 гъурущ. 10 МРОТ ккола 125 азарго гъурущ. Регионалиял депутатазе бегьилаан щуго МРОТалъул къадар. Гьеб цо. Кӏиабизе, 451 депутат вуго жакъа Пачалихъияб Думаялда. Амма гьелгощинал рукӏунилан, гьезул бугеб пайда щиб? Щай бегьулареб 300 чиясде щвезегӏан гьезул къадар дагь гьабизе? Кумекчагӏигун цадахъ рикӏкӏараб мехалъ, гьезул къадар 2500 чиясде бахунеб буго.

Халкъалъул ихтиярал цӏунулел вакилзаби абун цӏарги чӏван руго гьел. Кинал ихтияралха гьез захӏматхалкъалъул цӏунулел ругел? 150 чиясдалъун гьел дагь гьаруни, чан гъурущ тӏокӏ гьабизе кӏолеб бугебали хӏисаб гьабе?

Ясли-ахазе, лъималазул рокъобе, школазде щай гьеб гӏарац биччазе бегьулареб? Гьелда тӏад щай гьел ургъуларел?

«Америкаялъул тӏадкъаялдалъун хъвараб Конституция букӏана»

Гӏабдулвахӏид ЛАБАЗАНОВ, Гъизилюрт шагьаралъул газеталъул бетӏерав редактор:

-Конституциялда хиса-басиял гьаризе кколеблъи хӏакъаб жо буго. Ельцинил заманалда Верховный Советги щущахъ биххизабун, Америкаялъул асаралда гъоркь хъвараб жо буго гьеб. Гьелъ кӏудияб хиса-басиги гьабичӏо гӏумрудулъ, щайин абуни, цин гьанире кӏанцӏун, цинги доре кӏанцӏун гӏадин рихьизарун руго гьенир цо-цо суалал. Масала, нилъеца торт гьабулеб мехалда гьелда гъорлъе журалел нигӏматал – кремги, ханжуги, пудраги – батӏа-батӏаго рихьизарулел гӏадинабго жо буго гьелъулги.

Амма КПРФалъ кьураб 15 пикруялда гьоркьоса лъабго пикру гурони къабул гьабичӏо гьанже Конституциялда хиса-басиял гьаризе гӏуцӏараб хасаб комиссиялъ. Гӏадатияб халкъалъе гӏезегӏан пайдаял жал рукӏана гьенир.

Масала, олигархазухъ бугеб газалъулгун нартил ва цогидаб магӏишаталда тӏабигӏиял бечелъабаздаги хъвачӏого, цӏи-цӏиял налогал ургъулел руго чиновниказ. Коммунистаз рикӏкӏуна, нилъерго хӏукумат цебетӏезе ккани, гьедин гьабизе бегьуларин, гьеб гӏадатияб халкъалда хъатӏизе бугилан.

Гьелъие жаваб кьолаго, цо-цо министраз байбихьана баян гьабизе социалияб кӏваралъе гӏарац регионалиябгун федералияб бюджеталдаса биччазе, гьединго социалияб рахъалде гьетӏи бугел бизнесменаздаса бакӏаризе бугила.

Конституциялда хиса-басиял гьарун хадуб гьеб бакӏлъи регионалияб бюджеталда тӏад баччун хутӏилародайин абураб хӏинкъиги буго.