Хӏурматиял магӏарулал! Нижеца байбихьулеб буго коронавирусалде данде къеркьолаго, унтарал сах гьарулелъул гьабураб бахӏарчияб хӏалтӏухъ Россиялъул президентасул ва Дагъистаналъул бетӏерасул батӏи-батӏиял шапакъатал щварал тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединазул цояв ккола Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъав тохтур, Махӏачхъалаялъул №1 лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтур, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Супиян Абакаров. Гьев мустахӏикълъана Дагъистаналъул бетӏерасул Хӏурматалъул грамотаялъе.
Республикаялъе захӏматаб заманалда Супиянги вукӏана гӏагараб халкъгун. Балъгояв тушман кинигин, нахъасан речӏчӏун бачӏараб унтиялъ рихха-хочизарурал гӏадамазе дару-дарманлъун рукӏана гьесул хӏеренал рагӏаби. Супиянида бичӏчӏулеб букӏана жинцаго баччизе кколеб гьир цӏакъго бакӏаб букӏинги. Хъахӏаб халгӏаталъул даимаб къисаялъе киданиги хилиплъичӏев тохтурасда шапакъат баркизе дун щвана гьес нухмалъи гьабулеб больницаялде.
Гӏумру хвелгун
къеркьолел лахӏзатаз
Дица цеве чӏезавулев вукӏана цӏакъго къвакӏараб ва кьварараб гӏамал-хасияталъул согӏав магӏарулав. Амма кабинеталъубе нуцӏа рагьарабго, дандего бачӏана гьесул гьими. Гьелъулъгицин бихьулеб букӏана гьесул жавабчилъи. Ватила гьев хӏалтӏуда согӏавги кьвараравги, гурони хӏалтӏул хӏасил букӏунареблъидалха.
Лъай-хъвайги гьабуна, шапакъатги баркана. Тӏоцебесеб дица гьесие кьураб суал букӏана коронавирусалъул хӏакъалъулъ.
— Ахӏичӏого бачӏараб гьеб «гьоболалъ» сорозабуна гӏалам. Лъиданиги лъалеб букӏинчӏо кин гьелда дандчӏвай гьабизе кколебали. Амма лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏана тушманасда тӏад бергьенлъи босизе бигьаго букӏине гьечӏеблъи. Коронавирусалъ гьужум гьабулел тӏоцересел къоязго, больницаялъ къабул гьаризе байбихьана гьеб унтуца яги гьелъул хӏасилалда цогидал унтаби «рорчӏизарурал» лъимал. Ургъизе заман букӏинчӏо. Хӏалтӏулел рукӏана ункъо сменаялда цӏакъго мукъсанал шартӏазда. Гьедин букӏана киса-кибего. Цинги дагь-дагьккун ратана шартӏалги, хьезаруна тохтурзабазе хасаб парталалдалъунги дарабаздалъунги. Ракӏ унтулеб букӏана тохтурзабазул жидеде кӏудияб божилъигун ва хьулгун, гӏумруялде гӏащикъаб рокьигун больницаялде рачӏунел лъимал рихьидал. Рикӏкӏада районаздаса гьел рачӏунаан вертолетазда. Захӏмат букӏанищан гьикъани, гьелъул пикру гьабизе регӏарав чиго вукӏинчӏо гьел моцӏаз. Гьезда лъалаан ва бичӏчӏулаан зигардизе заман жидер гьечӏеблъи. Ва хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялда цере жал даим ритӏухъаллъун хутӏизе кколеблъи.
Макьу тун, свак тун, къеркьана Супиянги гьесул тохтурзабиги вахӏшияб унтиялде данде. Гьез хвасар гьабуна анцӏ-анцӏ лъимер. Гьединаб буго хъахӏаб халгӏат ретӏарал жакъасеб къоялъул бахӏарзазул къиса. Гьеб къисаялъе хилиплъичӏел багьадурзабазул кумекалдалъун нахъе къазабун бажарана вахӏшияб, аза- азар гӏадамазул гӏумру бецун лъураб, гӏисинал-чӏахӏиязда гурхӏел гьабизе лъалареб унти. Гьел къояз хъахӏаб кьералъул букӏана кӏиго тӏагӏам. Цояб – гӏумруялъул гьуинаб тӏагӏам. Гьелъие къуват кьолеб букӏана хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзабаз. Цояб – тохтурзабаз горбода жемун букӏараб мусруялъул тӏагӏам. Гьеб тӏагӏам букӏана цӏакъго кьогӏаб, гӏадамаз тӏолеб букӏараб магӏуялъ чурараб ва цӏамхӏалаб. Гӏумруги хвелги цоцазул бадире ралагьарал гьел лахӏзатаз Супиян Абакаровасда ва гьесул тохтурзабазда кӏвана хъахӏаб кьералъул тӏоцебесеб тӏагӏамалъе къуват кьезе. Больницаялъул киналго хӏалтӏухъаби мустахӏикъал руго бищунго берцинал ва тӏадегӏанал рагӏабазе.
Тохтурлъун вахъине бокьун букӏараб анищалъул асирлъуда
Жеги школалда цӏалулев вугев Супиян эменгун цадахъ щола Махӏачхъалаялде, больницаялда вегун вугев унтарав гӏагарав чиясде ваккизе. Гьенир рихьарал хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзабаз пана гьабуна гӏолиласул ракӏ. Ва гьеб бакӏалдаго гьесул къасдалъ щулияб бакӏ ккуна тохтурлъун вахъине бугеб анищалъ. Гьесул ракӏчӏана юристасул махщалидасаги жиндие хъахӏаб халгӏаталъ асар гьабиялда.
1972сон. Гӏагараб Чӏарада районалда гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, жиндирго анищалда хадув Супиян щола Махӏачхъалаялде. Ва цӏализе лъугьуна мединституталде. Гьебги лъугӏизабун, гьев хӏалтӏана республикаялъул лъималазул больницаялда. 1979-1980 соназ хӏалтӏана Байконуралда рагъулав тохтурлъун. Гьесие киса-кибего къуватги кьолеб букӏана, асарги гьабулеб букӏана доб кидаялиго рекӏелъ рещтӏараб тохтурлъун вахъине букӏараб анищалъ.
Гьединго Супиян хӏалтӏана республикаялъул гӏемер рахъазулаб лъималазул больницаялда диагностикияб отделениялъул нухмалъулевлъун. Республикаялда тӏоцебе гьес лъуна лъимералъе СПИДалъул диагноз.
Супиян Абакаровас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул лъималазул больницаялъе. Гьеб букӏана араб гӏасруялъул 90-абилеб сон. 1991-1999 соназ хӏалтӏана республикаялъул гӏемер рахъазулаб лъималазул больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. 1997-2007 соналги гьес сайгъат гьаруна лъималазул сахлъиялъе. Гьел соназ гьев хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда букӏараб лъималазул рукъалъул нухмалъулевлъун, хадув республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун.
2007-2012 соназ гьес нухмалъи гьабуна республикаялъул клиникияб больницаялъе. (Нилъеца жакъаги гьелда Централияб больницайилан абула).
Гьенив хӏалтӏулеб мехалда ккараб цо лъугьа-бахъинги ракӏалде щвезабуна Супияница.
— Дол рукӏана хӏабургъарал 90-абилел сонал. Сардилъ рагӏана кьвагьа-гӏанхъиялъул гьаракь. Дида бичӏчӏана чӏвай-хъвей ккараблъи ва хӏалтӏуде тӏад вуссине хӏадурлъана. Дун хӏалтӏуде щвейги гьенире лъукъарал рачун рачӏинги цадахъ гӏадин ккана. Доб сурат гьанжеги дида цебеса унаро – бох- гъеж камурал, цо-цо лъукъаразул гьел далдалахъего хутӏун рукӏана. Гьеб ракӏалде щведал, гьанжеги рекӏел кӏутӏи хӏалуцуна дир.
Гьеле гьединабго асар гьабуна дие гьал моцӏаз больницаялда бихьа-таралъги, — ян бицана Супияница.
Унтарал лъималазухъе гьев щвечӏеб район ва шагьар цониги батиларо Дагъистаналда. Гьединаб буго лъеберго соналъ медицинаялъул батӏи-батӏиял идарабазда бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏарав Супиян Абакаровасул хъахӏаб халгӏаталъул гвангъараб къиса.