Гьанжего-гьанже 20 сон барав гӏолохъанчи вукӏана Мухӏамадов Гъазилав, Буйнакск шагьаралда медучилищеги лъугӏизабун, Шамил района- лъул Дагъбаш росдал медпункталде хӏалтӏизе вачӏиндал. Расги бигьа букӏинчӏо гьесие я ток, я автомашинаялъе нух гуреб, цин хӏалтӏун, цин чӏун букӏунеб телефоналъул бухьенги чамгӏалаб росулъ хӏалтӏизе. Хӏалтӏул хӏалбихьиги букӏинчӏелъул, кинабго лъутӏа- къотӏизе кколаан гъалатӏ кколаредухъ.
Жакъа 70 сонил борхалъуде вахиндал, араб гӏумруялъухъги гьабураб хӏалтӏухъги балагьун, Гъазиласул чӏухӏизе ресги буго. Кинха букӏинареб, ахираб 30 соналъ росулъ ккечӏелъул лъимер яги лъимаде йигей чӏужугӏадан хвеялъул цониги хӏужа.
Бищунго аслияб жо, росдал жамагӏат цӏакъ рази буго Гъазиласдаса.
Гьанжени алжан бугилан абула гьес. Росулъе машина хьвадула, «хехаб кумекалъул» тохтурзаби рачӏуна, мобильнияб бухьен буго. Гъоркьиса рагьана росулъ акушеркаялъул штатги.
Дунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалда бан росулъ щиб хӏал бугебилан цӏехедал, гьес абуна жидеца коронавирус росулъе къазе биччачӏилан.
— Къана росулъе нух, виччачӏо щивго чи. Гьелъ пайдаги кьуна. Кинабго рахъалдасан кумек щвана бегавул Гӏумархӏажилги, — ян бицана Гъ. Мухӏамадовас.
Гъазиласул хӏакъалъулъ цӏе- хедал, гьадин бицана ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас:
— Гъазилав ккола райцентаралдаса бищун рикӏкӏад бугеб медпункталъул заведующий. Чанго моцӏалъ цеве дунгоги щвана гьениве. Медпункталъул хӏалтӏи лъикӏ гӏуцӏун буго. Цохӏо коронавирус росулъе биччачӏолъиялъухъги баркала кьезе бегьила гьесие, — ян.
Гъ. Мухӏамадов ккола росдал хиси гьечӏев депутатги, чанго соналъ тӏубана гьес «Советский лесхозалъул» парткомасул секретарасул хъулухъги, руго гӏемерал шапакъаталги.
Бищун аслияб жо, гьев вуго инсанасул хӏажалъиги къварилъиги бичӏчӏулев инсан.