Ургьисалабиги унтун, республикаялъул урологиялъул централде ккун йикӏана дун. Гьениб бараб заманалда жаниб дида бихьана унтараздехун гьелъул хӏалтӏухъабазул бугеб недегьаб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб бербалагьи.

Ничаб жойилан тунищали, цогидал унтабазул хӏакъалъулъ гӏадин, гӏадамаз гӏемер бицунарин ккола дида кӏварщул мухъалда, ургьисалабазда хурхарал гӏузрабазул. Гьел сах гьарулел къагӏидабиги батӏи-батӏиял ругелъулха гьанже. Гьеб рахъалъ лъай камилал тохтурзаби ратана централда.

Гьанже гӏемер батӏи-батӏиял харбал рагӏула тохтурзабазда нахъасан рицунел. Масала, ришватал росулин абун. Амма жидее гьукъун бугилан, шоколадалъул плиткаялдасацин инкар гьабуна гьениб.

Дун санаторияздеги щвана, амма санаторияздаса къадараб квенги кьолеб гьечӏоан гьениб. Богогьабазулги бугоан унтараздехун рокъосел чагӏаздехун гӏадаб бербалагьи.

Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьелъие-долъие биччараб гӏарац букӏунин пачалихъалъ щибаб больницаялъеян. Букӏуна. Амма киназдаго гуро хӏалтӏи гӏуцӏизе лъалеб. Гьединлъидал, дунгӏан Аллагьги разилъун ватаги нужедаса. Хас гьабун рехсезе рокьун руго бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевасул, отделениялъул заведующий Ахӏмад Айдемировасул, дунго сах гьавурав тохтур Марат Хӏажиахӏмадовасул, медсестраби Кавсарат Мухӏамаевалъул, Минажат Цахаевалъул, Асият Гӏалимпашаевалъул, Залина Зулфукаевалъул, Зубаржат Хусруевалъул цӏарал.