Исана гьабураб хӏалтӏул, коронавирусалъул пандемия тӏибитӏиялда бан ккарал хиса-басиязул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместитель,Чӏарада районалъул Гьочоб росулъа Тӏалхӏатов Мухӏамадханилгун.
— Мухӏамадхан, исана щиб гьабизе ракӏалда букӏараб Фондалъул хӏалтӏухъабазда ва щиб гьабун бажарараб?
— Лъагӏалида жаниб нижеца гьабизе кколеб хӏалтӏи тасдикъ гьабула ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялдалъун. Коронавирусалъул хӏасилалда, исана гьединаб хӏукму къватӏибе бачӏана 8 июналда. Гьелда рекъон, исана нижеца къачӏазе руго церехун киданиги къачӏачӏелгӏан гӏемер минабиги (132 гӏемертӏалаяб мина (490 азарго кв. метралъул гӏатӏилъи), 2019 соналда къачӏан букӏана 99 мина). Гьеб хӏалтӏул гӏаммаб багьа бащалъула 597 млн гъурщида. Гьелдаса 497 млн гъурущ бакӏаризе ккола гӏадамазухъа, хутӏараб 100 млн буго лифтал къачӏаялъе (законалда рекъон гьебги бакӏаризе кколаан гӏадамазухъа) республикаялъул бюджеталъ биччараб гӏарац.
Амма коронавирусалда хурхун лъазабун букӏараб карантиналъ ралел бакӏазул хӏалтӏи лъалхъизабуна, Фондалъул аппараталъул хӏалтӏул низам хисизабуна. Мисалалъе, цо моцӏалъ гӏадамазухъе щвезаричӏого хутӏана гьез кьезе кколеб гӏарцул счетал-квитанциял. Хӏукуматалъул хӏукму цӏакъго кватӏун къватӏибе бачӏиналъ минаби къачӏаялъул хӏалтӏи жеги байбихьичӏониги, тӏадбан унеб буго проекталгун сметаби гӏуцӏиялъул хӏалтӏи.
— Минаби къачӏаялъул кинабго хӏалтӏи гьабула гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарцухъ. Гьеб бакӏариялъул рахъалъ щиб хӏал бугеб?
— Гьабсагӏаталда гӏемер беццизесеб хӏал гьечӏо. Гъоркьиса гьабго заманалде дандеккун, исана бакӏарараб гӏарцул къадар, коронавирусалда ва гьелда хурхарал гӏиллабаздалъун, дагьлъана 20-гӏанасеб проценталъ.
Гьедин бугониги, тӏаде босараб иш тӏубазабизе буго. Киналго проектазулгун документазул ишги тӏубан, тендералги тӏоритӏун, август моцӏалда байбихьизе буго кинабго хӏалтӏи ва декабрь моцӏалда лъугӏизеги буго. Цӏидасан, кьучӏдасанго байбихьун ралел минаби гурелъул гьел, гьеб хӏалтӏулъ лъикӏаб хӏалбихьи буго нижер. Кинабго хӏалтӏи гьабула (хадубккун гӏарац кьезелъунги) тендераздаги гӏахьаллъарал, нижер министерствоялъул реестралдаги ругел, церегоялдаса нахъе нижгунги хӏалтӏулел подрядчиказ.
— Ахираб заманалда пачалихъалъ гӏадамазе гӏезегӏан бигьалъаби гьаруна. Капиталияб ремонталъухъ кьолеб гӏарцуда хурхун ругищ гьединал бигьалъаби?
— Жидеего хайир щвезелъун пачалихъалъ гӏадамазухъа бакӏарулеб ялъуни гьелъ нилъехъа босулеб налог гьеб гуро. Капиталияб ремонталъухъ нилъеца кьолеб гӏарац ккола, тӏаде рачӏунел процентал гьечӏониги банкалъул картаялда лъураб хӏисабалъул, ирга щвараб заманалда нилъецаго гӏумру гьабулеб мина къачӏазе бакӏарулеб гӏарац. Гьедин бугеб заманалда кинал бигьалъабиха рукӏинел. Цого-цо исана гьабураб жо буго тариф (цо кв метралъухъ кьолеб гӏарац) цӏикӏкӏинабичӏого тей. Исана гьеб букӏине кколаан 6,5 гъурущ, гьабсагӏаталда буго гъоркьисаго букӏахъе, ай 5,67 гъурущ.
Нижехъ букӏуна пачалихъалъул программаялде гьоркьоре росарал гӏемертӏалаял минабахъ ругел секциязул бетӏергьабаз кьураб гӏарцул мухӏканаб хӏисаб-суал. Регионалияб программаялда рекъон, цо пуланаб гӏемертӏалаяб мина къачӏазе заман щваниги, гьениб гӏумру гьабулел гӏадамаз хӏажатаб гӏарац бакӏарун батичӏони, нижер ихтияр буго гьеб мина сияхӏалъул ахиралде бачине.