Дагьал церегӏан къоязда Гӏахьвахъ районалда лъималазда гьоркьоб Къуръан цӏалиялъул конкурсалъул хӏасилал гьаруна. Киса-кибего коронавирус унти тӏибитӏараб заманалда динияб лъай кьейги чӏезабун течӏо районалда. Мадрасаялда цӏалулел рукӏарал лъималазе рес букӏана интернеталъул кумекалдалъун онлайн-дарсаздаса пайда босизе.

Пандемиялъул заманалда Инстаграмалъул кумекалдалъун муфтияталъул Гӏахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул (просвещение) отделалъ Къуръан цӏализе лъалел лъималазда гьоркьор къецал тӏоритӏана. Гьоркьоса къотӏичӏого гьарулел рукӏана гӏадамазе бичӏчӏикьеялъул вагӏзабиги. Рамазан моцӏалдаго тӏобитӏун букӏана гьитӏинал васазда гьоркьоб Къуръан берцин цӏалиялъул къец. Бергьаразе шапакъатал ва сайгъатал гьаруна Гӏахьвахъ районалъул депутатазул собраниялъул предсетатель Мухӏамад Муртазгӏалиевасул ва цогидал районцоязул кумекалдалъун. Гьеб къецалъул кумекалдалъун гьитӏинал мутагӏилзабазе рес щвана цебеккун тӏадчӏун мадрасаялда лъолел рукӏарал дарсал ракӏалде щвезаризе ва лъай жеги камил гьабизе.

Районалъул муфтияталъул Гӏахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъ дагьаб цебегӏан ясазда гьоркьобги тӏобитӏана гьединабго къец. Гьенир гӏахьаллъана магӏарулазул чанго районалдаса ункъо сон баралдаса 12 сон базегӏан ясал.

Гьеб отделалъул нухмалъулев Шамсудин Шамсудиновас бицана: «Щибаб соналда районалъул росабалъ батӏа-батӏаго тӏоритӏула лъималазда гьоркьор исламалъул кьучӏал лъазариялъул, как базе, Къуръан цӏализе лъаялъул, «Мухӏамад (с.т.гӏ.в.) аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ» лъазабиялъул конкурсал.

Районалда зама-заманаялдаса наркоманиялде, экстремизмалде, терроризмалде данде къеркьеялъул тадбиралги тӏоритӏула. Гӏолилазе ватӏан бокьиялъул, рухӏияб рахъ цебетӏеялъул тарбия кьеялда тӏадчӏей гьабула. Ислам щиб кколебали бичӏчӏи кьола. Хъалиян цӏай, гьекъолди гӏадал гӏамалазде гӏолилал руссинаредухъ», — ян.