Гӏабдулманап Нурмухӏамадов ракӏалде щвеялъе
3 июлалда нилъедаса ватӏалъана Гӏабдулманап Нурмухӏамадов. Гьев щив ва щиб пишаялъул чи вукӏаравали газета цӏалулезда бицинчӏониги лъала. Гьесул вас Хӏабибица цоялда хадур цоял машгьурал бергьенлъаби росун хадуб, цадахъго тӏибитӏана Гӏабдулманапил цӏарги нилъер пача- лихъалда ва улка бахун къватӏибехун. Дунялалъул 18 чемпион хӏадур гьавурав чи хӏисабалда, гьесул цӏар босун буго Россиялъул Гиннессил тӏехьалдеги. Апрелалъул ахирада гӏадин, Гӏабдулманап Нурмухӏамадовги коронавирусалъ унтун вугин рагӏараб кьогӏаб хабаралъ гӏемерав чиясул рахӏат хвезабуна. Социалиял гьиназда къо гьоркьоб бахъун гьесие мадар лъугьагиян дугӏа-алхӏамалда букӏана бащдаб Дагъистан.
Хӏакъикъаталдаги гьесие мадар лъугьун бугин абураб хабарги бачӏун букӏана дагьаб цебегӏан къватӏибе. Амма гӏемер къоялго ралелде щвана гьев къанщун вугилан пашма- наб ругьелги. Цӏакъ гӏемерав чиясул ракӏхвана гьеб хабаралъ: цоцада зигара балел, Гӏабдулманапил лъикӏлъаби рехсолел рукӏана магӏарулал гьаб анкьица. «Кутакалда гӏадамасул адаб бугев, иманги гӏамалги берцинав чи вукӏана мунагьал чурад», — илан абулеб буго киназго цо кӏалдиса гӏадин.
Нижер пикру ккана Гӏабдулманап лъалев вукӏарал, гьевгун цадахъ чанги гӏодорчӏарал гӏадамаз, гьесул гьудулзабаз рицарал ракӏалдещвеял кьезе жакъасеб номералда.
Гьитӏинго балугълъана
Цӏумада районалъул Силдиса Мухӏамад Тӏалхӏатов, Гӏабдул манапил гӏагарав чи: «Гӏабдулманап, мунагьал чурад, дида лъалаан гьавураб мехалдасаго. Амма цогидазул гӏадаб гӏадатияб лъимерлъи гьесул букӏинчӏилан абизе бокьун буго дие. Щайгурелъул гьев вукӏана гьитӏинго кӏудияв гӏурав чи. Цогидал лъимал гӏадин, расандабазде, рекӏелгъеязде вуссун гьев киданиги вукӏун ватиларо, гьелъие гьесул заманги букӏинчӏо.
Щайгурелъул школалда цӏалиги, гьелдаса хадуб эбел-инсуе гьабулеб кумекги, хадув жиндаго тӏад хӏалтӏиги — бикьун букӏунаан гьес заман. Цо батӏияб тӏабигӏаталъул вас вукӏана гьев гьитӏинаб мехалъго. Цохӏо Гӏабдулманап гуревги, жеги лъабго васги рукӏиндалха гьезул хъизамалда, амма Гӏабдулманап цо лъиданиги релълъинчӏев, цо бахилаб гӏамал-хасияталъул инсан вукӏана, гьединавлъун хутӏана дие гьев чан сон аниги.
Армиялде инелде цебе байбихьана гьес росдал гӏисинал гӏолохъаби спорталъе куцазе. Киналгӏаги шартӏал гьечӏеб, гъоркь тӏамизе сахаб ургуцин гьечӏеб спортзалалде ракӏарулаан гьес лъимал. Ракӏаризеги, живго хадув рокъовеги ун рачун рачӏунаан. Гьединаб инсулаб тӏалабги, цадахъго кьвариги букӏана гьесул гӏун рачӏунел гӏолохъабаздехун. Гьелъ росдаего кӏодолъана гьев. Гьединабго рокьи букӏана гьесул диналдехунги. Паризаялин, суннаталин какал ратӏа гьаричӏого, гьел гӏужда разе хӏаракат бугев чи вукӏана мунагьал чурад. Кутакалда иман щулияв, гӏадатияв чи вукӏана гьев. Цохӏо Хӏабиб гуревги, жеги кӏигоги вас вуго гьесул, гьев лъабавго васасулъ жиндирго бугеб тӏабигӏат куцазе бажарана гьесухъа, гьеб кӏудияб даража буго инсанасул. Гьев гӏемер вачӏунаан дир рокъовеги. Кироваулалда дир рукъалда аскӏоб буго рузман балеб кӏудияб мажгит. Кидаго рузманалдаса хадур ниж кӏиялго дир рукъалъул азбаралъуб бугеб тӏадхъваликь гӏодор чӏолаан хабар-кӏалалда. Гьесул гьабизе ракӏалда бугебщинаб жо букӏунаан росдае, жамагӏаталъе гӏоло киридахъ гьабизе ният ккараб. Жиндирго рукъалъе гьединаб жигарги хӏаракатги гьесул букӏун батиларин кколаан дида ракӏалде. Нижер Кироваулалда 30 км. батила гьес хъил тӏун къачӏарал нухазул. Гьединго гӏагараб Силди росулъ гьес рагьана киналго санагӏалъабиги ругеб гьанже заманалъул спортивияб комплекс. Жеги чӏахӏиял планалги хьулалги рукӏана мунагьал чурадил. Гьанже Хӏабибица абуна инсуда ракӏалда рукӏарал киналго мурадал жиндица гӏумруялде рахъине гьарилин, Бичас биччани. Аллагьас тавпикъ кьеги гьесие. Гӏабдулманапги Аллагьас Алжан кьун вохизавун ватаги», — ян ракӏалде щвезавуна Мухӏамад Тӏалхӏатовас Гӏабдулманап.
Машгьурлъи щваниги, живго хисичӏев
Мухӏамад Бисавгӏалиев, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор: «Диргун Гӏабдулманапил тӏоцебе лъай-хъвай ккана 2012 соналъ. Фейсбукалъул гьурмазда нижерго тӏомуразул, некӏсияб Журмуталъул биценал, тарихиялгун этнографиялъул хъвай-хъвагӏаял дица лъезе байбихьараб заман букӏана гьеб. Гӏабдулманап вукӏана кутакалда магӏаруллъи бокьулев чи. Магӏарулазул гӏадат-гӏамал, халкъиял кӏалзул гьунарал, нилъер маданият цӏакъ хирияв чи вукӏана гьев. Живго спорталъул вакил вугониги, гъваридаб миллияб бичӏчӏи бугев чи вукӏана. Гьедин тӏоцебе виртуалияб куцалда лъай-хъвай ккана нижер. Гьелдаса гӏемер мех инелде гьес ахӏун бачӏана Сулейман Стальскиясул къотӏноб дудаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бугеб жиндир офисалде вачӏине рес гьечӏищин дур, чайги гьекъезе, хабар-кӏалги бицине. Гьениб бицана гьес мухӏканго, хъанда шаригӏаталъул заманалда жиндирго умумул Ставрополь краялде гочинариялъул, эбел-эменги хун, гьитӏинав вас цо эрмениязул хъизамалъ вичун восиялъул ва гьесул хадусеб къисматалъул хӏакъалъулъ. Тӏабигӏаталъго кьураб къвакӏараб, щулияб къуват бугев чи лъугьуна гьев васасул. Цо-цоккун гьес жиндирго кьерилал рухулел рукӏин бихьарабго, цо эрменияс хӏехьезе кӏвечӏого, абула гьесда: «Мун эрменияв гуро, къватӏиса лъутун вачӏарав чи вуго», — ян. Гьеб рогьо хӏехьезе кӏвечӏого, живго хьихьарав инсуда гьикъула гьес: «Дун щив ва мунги щив кколев, кин дун духъе ккарав», — абун. Гьев херав эрмениясги бахчичӏого бицуна дур умумул Дагъистаналдаса кколин, къисматалъ гьел чияр ракьалде кканин, гьел хведал мунги жидеца вачанин хьихьизе абун. Гьеб хӏакъикъат лъарабго гьениса Гуржиялде ун, хадув Цӏунтӏе вачӏун, Цӏунтӏаса Силдиве щун жиндирго кӏудияв эменги, кӏудияв инсул вацги ватула гьесда ва гьенийго чӏужуги ячун яшав гьабизе байбихьула. Гьесдасан лъугьараб наслу кколеб буго Гӏабдулманапил. Гьесул эбелалъул рахъалдаса наслу наибзабазул тухумалъул чагӏиги жанир рахъараб, къадруяб наслу буго, гьезул тарихчагӏаз бицухъе. Нижер лъикӏаб гьоркьоблъи букӏана ахирал соназда. Гӏемерав щолаан гьесухъе хӏалтӏудеги, гьев вачӏунаан дихъе рокъовеги, цо-цо чайкаби кваназаризе ралъдахъеги хьвадулаан. Гьедин цоцаздехун хӏажалъи цӏикӏкӏараб гьоркьоблъи букӏана нижер. Жакъа гьесул вас Хӏабиб вугин абизе бегьула Кавказалда бищун машгьурав чилъун. Амма Гӏабдулманапил гӏакълу гӏуна, кигӏан кӏудияб машгьурлъигун цӏар-рецц, хӏатталдаса ун гӏемераб гӏарац васасе щваниги, гьелъ жиндирго бетӏер сверичӏого хутӏизе. Цӏакъ гӏадатияв чи вукӏана гьев. Гъваридав, сабурав, тӏаде вачӏарав чиясухъ гӏенеккулев, гьесул хӏажалъи тӏубазе хӏаракат бахъулев. Хӏабиб чемпионлъун вахъун хадуб щвараб машгьурлъиялдаса хадусевги, гьелдаса цеве вукӏарав Гӏабдулманапидаги гьоркьоб дида батӏалъи батичӏо, гьев хисичӏо. Гьев вукӏана иманги щулияв, гӏакълуги камилав, гӏадамалги рокьулев, тарихги бичӏчӏулев, пикруги бугев инсан. Аллагьас иманалда тӏовитӏун, ахират лъикӏаб щун, вохизавун ватаги Бетӏергьанас гьев. Нахъе ругезе халатаб гӏумруги, рекӏее сабруги кьеги. Амин».
Чемпионазул къебелъи куцарав
Мухӏамадгӏарип Къадиев, рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мухӏамад Мухӏамадовасул эмен:
«2001 сон букӏана. Автодорожнияб техникумалда бугеб кикбоксингалъул залалде хьвадулев вас вачӏана рокъове, (гьебго соналъ гьев вахъун вукӏана кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъун) жив батӏияб клубалде инехъин вугилан.
Щиб батӏияб клубгӏаги гьеб, щай мун эниве уневин гьикъидал, рагъулаб самбоялъул цӏияб клуб рагьун бугин, эниве хьвадизе бокьун бугин жиндиеян бицана гьес. Щив элъул тренерин цӏехедал, Гӏабдулманапин жаваб кьуна васас. «Щибха гьабилеб дуе бокьун батани», — ян, дунги батӏаго тӏад вахъинчӏо. Васас байбихьана цӏияб спортивияб клубалде хьвадизе. Цо къоялъ дунго щвана гьениве, ккана Гӏабдулманапилгун лъай-хъвай. Тӏоцеве вихьараб мехалъго гьес дие гьабураб асар дида гьаниб тӏубан рагӏа-ракьанде щун бицун бажариларо. Цӏакъ гӏадатияв, сабурав, иман бугев чи гьев ватаравго, унголъунги гьадинал чагӏиги рукӏунел ругин дунялалдаян, вохизе бачӏана. Гӏолохъабаздехун гьесул букӏана хинаб бербалагьи. Вега-вахъунги спортзалалдаго вукӏунаан гьев. 2002 соналъ дир вас вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ республикаялъул чемпионлъун. Кӏиго соналдасан гьевги, Шамил Завуровги, жеги чанго гӏолохъанчиги рахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. Махӏачхъалаялда тӏобитӏун букӏана гьеб кӏудияб тадбир. Гьел кӏиялго ккола Гӏабдулманапица хӏадур гьарурал тӏоцересел чемпионазул цоял. Жин- ца ругьун гьарулел гӏолохъабаздехун инсулаб тӏалаб букӏунаан гьесул. Тренировка лъугӏун хадуб, гьел рокъоре эбел-инсуда аскӏоре щун ругищали лъазабулаан гьес, щивасул рокъобеги ахӏун. Доб мехалъ спортивиял турнирал тӏоритӏизе кӏудиял ресал рукӏунароан республикаялъул Спорталъул министерствоялъул. Гьединлъидал Гӏабдулманапица жиндирго кисиниса гӏарацги кьун кумек гьабулаан гӏолохъабазе къецазда гӏахьаллъизе. Гьединав, гӏаданлъиги иманги цӏикӏкӏарав чи вукӏана Гӏабдулманап. Щиб гьабилеб, ворчӏичӏо гьев гӏажалалдаса, Алжан кьун вохизавун ватаги Аллагьас».
«Кумекни кӏваричӏо, квалквалгӏаги гьабуге»
Мухӏамад Хӏайбулаев, педагогикиял гӏелмабазул кандидат:
«Гӏабдулманапилги дирги лъай-хъвай ккана 40 соналъ цебе, гьев Кироваулалда совхозалъул председательлъун хӏалтӏулел сонал рукӏана гьел. Хадуб совхозал риххараб, ракьалги гьасухъе-досухъе рикьизе байбихьараб мехалъ, цоцазулгун гьоркьоблъи хвезе байбихьана гӏадамазул. Дора Россиялде гочун арал гӏадамазулги ратулаан гьанир-дора хъвай-хъвагӏай гьабурал совхо- залъул рукӏарал ракьал.
Гьеб сабаблъун гӏемерав судазде хьвадизе ккана Гӏабдулманап. Гьесул гьудул вукӏана лъикӏав адвокат, гьес кумек гьабун, кидаго бергьинеги бергьунаан гьев судазда. Цӏакъ чӏалгӏунги букӏана Гӏабдулманапида гьеб гизма. Цо къоялъ абуна дица гьесда щайин дуе гьаб кинабго гӏала-гъважа, кидаллъагӏанин мун гьазулгун дагӏба-рагӏиялда вукӏинев, шагьаралде щай мун вахъунаревилан. Дида ракӏалде ккун букӏана хъизангун цадахъ вачӏинин гьевилан, амма лъицаниги гьабулареб гӏадаб жо гьабуна гьес. Живго инеги ун, 11 гӏолилавги вакӏарун гьел куцазе байбихьана. Доб мехалъ колледжалъул директорги вукӏун, нижерго спортзал кьуна дица гьесухъе. Гьес хӏадур гьарурал 11-ясул щугояв вахъана рагъулаб самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун. Хадуб гьесул хӏаракаталдалъун дунялалъул чемпионат тӏобитӏана Махӏачхъалаялдаги.
Гӏемерав чи дандечӏунги вукӏана гьесда. Ракӏалда буго, доб мехалъ спорталъул министрлъун вукӏарав Шагьгӏабас Шагьовасда гьес абуна дур кумекги къваригӏун гьечӏин, гӏарацги хӏажалъиларин, квалквал гьабичӏониги тейилан. Амма толеб букӏинчӏо гьесие рахӏат гьез. Республикаялда цебе ккураб спорт, эркенаб гугариги букӏун, гьебги нахъегӏан цун, рагъулаб самбоялъе гьединаб тӏадегӏанаб даража щвей рекӏее гӏун букӏинчӏо гьезие.
Амма Гӏабдулманапица течӏо гьеб рагӏалде бахъинабичӏого. Гьев вукӏана кӏвахӏ гьечӏеб, къвакӏараб хасияталъул, щулияб пикруялъул чи. Гьес кидаго абулаан спортсменасул кидаго бицун цебесеб кьерда букӏине кколин гӏадлу-низам. Гьеб гьечӏони, гьесул иш цебехун унарилан. Гьеб жиндирго гӏолохъабаздасаги тӏалаб гьабулаан гьес. Хъахӏлъи барабго рахъинарун, ралъдахъе рекеризе тӏамун, чорхое лълъадарулел гьабун, эркенаб минуталъ чӏун толароан гьес гьел. Хвалидеги хӏадур вукӏана. Гьес жинцаго гьедин абизеги абуна «Нилъеда лъаларо кида нилъ гьаб дунялалдаса унелали, амма дунги мунги гьелде кидаго хӏадур рукӏине ккола» ян. Цойги гьев вукӏунаан жиндие цӏакъ бокьилаанин жив хун хадуб, валлагь Гӏабдулманапица жинхъаго бажарараб кумек гӏадамасе гьабичӏого течӏин, жиндаго аскӏове вачӏарав чиги нахъчӏвачӏилан абизе. Гьедин магӏарулаз абизе букӏиналдаги дир щибниги щаклъи гьечӏо, гӏемерав чиясул ракӏ бохизабурав чи вукӏана дир гьудул. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги.