Жамиля ДАГИРОВА,
искусствоялъул тарихчӏужу, Кавказалъул рагъул заманалда Ф. Рубол творчествоялъул ва гьесул панорамаялъул тарихалъул цӏех-рехчӏужу.
Исана 1 июналда 130 сон тӏубана машгьурав художник Франц Рубоца «Штурм Ахульго» абураб сурат-панорама бахъаралдаса.
Гьелъул хӏакъалъулъ лекциял цӏализе байбихьана Дагъистаналъул Миллияб музеялъ Инстаграмалда бугеб жидерго гьумералдасан ва You-Tube каналалдасан. Тӏоцебесеб лекцияги тӏобитӏана 5 июлалда.
Кида бахъараб суратдай гьеб букӏараб? Кинаб къисмат гьелъул ккараб? Гьединал суалал гӏемер рижула Рубол гьеб сураталъухъ балагьидал.
Гӏурусазул би чорхолъ бугев парангав Франц Рубоца (1856-1928) 1890 соналъул май моцӏалда Мюнхеналда, гьалмагъзабазда ва кумекчагӏазда цадахъ рагӏалде бахъинабураб хӏалтӏи ккола «Штурм аула Ахульго» абураб сурат. Гьелъул борхалъи буго 12 метр, халалъи — 120 метр.
Гьениб бихьизабун буго Кавказалъул рагъул бищунго захӏматаб мех – гӏурус пачаясул аскаралъ 80 къоялъ сверун ккун букӏараб Ахӏулгохӏде гьабураб тӏаде кӏанцӏи. Гьелде щвезегӏанги Кавказалда хурхараб микьго кӏудияб сурат бахъун букӏана Рубоца.
Гьеб магӏнаялда рахъарал суратазда гьоркьоб бищунго щвалде щвараблъун авторасги гьесул махщелцоязги рикӏкӏунаан «Взятие Ахульго 22 августа 1839 года» абураб сурат. Гьеб бахъун букӏана 1888 соналда.
Доб заманалда панорамаби рахъи модаялда букӏана Европаялда, хасго Германиялдагун Франциялда. Гьелъги тӏаса бищун батила Рубоца панорама бахъиялъул къагӏида.
Гьединал панорамабазда рихьизарулел рукӏана тарихиял, культуриял хӏужаби, тӏабигӏат ва цогидабги.
Мюнхеналда цӏакъ машгьурав чи вукӏана Рубо. Гьединлъидал, панорама бахъизе хӏажатаб ххамги, релъеналги, кумекалъе рачарал художниказе кьезе гӏарацги хехго батунги буго гьесда.
Гьес сурат бахъулелъул жиндирго пикру загьир гьабун буго Мюнхеналдаса банкирал Шойер ва Макс Шмедереразе. Гьеб киналъего хӏажалъулаан 35000 гъурущ. Гьелда гьоркьоса 15000 гъурущ гьесие кьун буго банкираз. Хутӏараб къарзалъ босула. Абула немцазе кутакалда интерес букӏанин гьеб сураталъулилан.
Тифлисалда биччалеб «Кавказ» газеталда, 1889 соналъул 2 августалда, гьадин хъван буго:
«Мюнхеналдаса цо предпринимателас квербакъизе буго кутакалда кӏудияб панорама бахъиялъе. Гьелъие сюжетги босулеб буго Кавказалъул рагъулабгун тарихияб музеялъе Рубоца бахъараб «Штурм Ахульго» абураб сураталдаса.
Рагъ ккараб бакӏги бихьизе, доб сураталда гъорлъе росичӏого хутӏарал гӏиси—бикъинал хӏужабиги хӏисабалде росизе художниказ Кавказалде сапар бухьана ва Дагъистаналде, рагъ букӏараб бакӏалде, ана», -ян.
Панорама бахъана щуго моцӏида жаниб. 1890-1892 соназда гьеб бихьизабуна Мюнхеналдагун Парижалда.
Гьебги босун Европаялъул цогидаб шагьаразде айин абулеб букӏун буго Рубода ишцояз. Амма гьесие бокьула панорама Россиялда бихьизабизе. Гьедин, 1896 соналда регент Луитпольд Баварскиясул квербакъиялдалъун, панорама кӏвана Нижний Новгородалда, Тӏолгороссиялъул художествиябгун промышленнияб ярмаркалда бихьизабизе. Гьелъухъ балагьизе вачӏун вукӏана император Никӏалай Кӏиабилевги.
Кватӏичӏого панорама босана Россиялъ ва Кавказалъул рагъулаб округалъухъе кьуна.
1897 соналда гьеб босана Тифлисалде. Гьениб букӏараб Реццалъул Кӏалгӏаялда аскӏоб гьелъие хасаб павильон базе кколаан. Амма гьеб бачӏо ва гуризеги гурун панорама музеялъул подвалалъуб бегун тана 1909 соналде щвезегӏан.
Живго тӏад хӏалтӏараб сураталъул къисматги бихьун, Рубоца хӏалбихьула гьеб гӏадамазда бихьизабизелъун къватӏибе бахъизе. Гьес къотӏи гьабула Севастополалъул нухмалъиялъулгун. Гьениса Петербургалде, императорасда бихьизеян, босула гьесул «Оборона Севастополя» абураб цогидаб панорама. Хадуб Рубоца къотӏи гьабула Санкт-Петербургалде гьеб цояб панорама босиялъеги. Марсово поле абураб бакӏалда гьелъие павильонги бана, 1911 соналъул ахиралдаса байбихьун гӏадамазда бихьизабулебги букӏана гьеб.
Дагъистаналъул Изобразительнияб искусствоялъул музеялъул директор Патӏимат Хӏамзатовалъулги хӏалтӏухъабазулги кумекалдалъун, хӏалицаго къачӏазе кӏвараб гьеб панорамаялъул лъабго фрагмент бихьизабуна халкъалда гӏицӏго 1991 соналда. Гьелдаса нахъе лъабабго фрагмент жакъалъагӏанги музеялдаги буго.
Гьелде щвезегӏан щибха ккараб?
Революциялдаса хадуб, 1922 соналда, панорама Петербургалда, Павловасул казармаялъул рагьтӏе рехун тун батана, гьебгиха -бакӏ-бакӏалдасаги тӏутӏун. Гьеб мехалда артиллериялъул музеялдеги кьун, гьелъул хӏалтӏухъабаз гӏезегӏан берцинго бацӏцӏадги гьабун, гуризеги гурун, музеялъул гьороб лъуна.
1924 соналда зарал ккана гьелъие лъим кӏанцӏиялъул хӏасилалда. Хадуб музеялъул хӏалтӏухъабаз бакъвазе бана гьеб ва лъагӏалидасан кӏалъан рачӏана гьелъул бицун Дагъистаналде. Гьелъул хӏасилалда, 1928 соналда, Рубол панорама республикаялъул Краеведазул музеялде битӏунги бачӏана.
Лъай кьеялъул нарком Гӏалибег Тахо-Годиги музеялъул директор Дмитрий Павловги кигӏан къеркьаниги, панорама хвасар гьабизе кӏвечӏо.
1934 соналда художник Н. Христенкол нухмалъиялда гъоркь Москваялдаса бачӏараб комиссиялъ хӏукму гьабуна, «техникиял хӏажалъабазе гӏоло чанго фрагментги къотӏун, гьеб сурат утилалде кьезе». Гьедин гьеб лъабабго кесек (30,6 кв.м.) музеялъул бищун рикӏкӏад бугеб бокӏнилъе рехун тана.
1960 соналъул байбихьуда республикаялда рагьана Изобразительниял искусствабазул музей. Гьелъул директорлъунги тӏамуна Патӏимат Хӏамзатова. Панорамаялъе хӏукму къотӏулеб мехалда цере рукӏарал музеялъул хӏалтӏухъаби чӏаго рукӏаниги, гӏицӏго Аскар-Сарыджа абулев художникас гурони бицун гьечӏо директоралда нахъе къотӏун лъурал фрагментазул хӏакъалъулъ. Патӏиматица байбихьана гьелъул цӏех-рех гьабизе ва 1970 соналда лъана гьел лъураб бакӏ. Гьороре рехун ратарал фрагментал «сах гьаризейин» абуни къваригӏана 20 сон.
1929 соналда музеялъул директорлъун вукӏарав Д. Павловас, панорамаялъухъ хал гьабулаго, хӏукму гьабун буго гьеб хвасар гьабизе кколин ва бихьизабизе цебе лъезеги бегьулин абун. Амма кӏун гьечӏо яги бокьун батичӏого букӏинеги рес буго.
1932 соналда профессор Городецкияс лъазабун буго нилъер заманалде данде кколареб идеология бугин Рубол, гьединлъидал, панорамаялъе реставрация гьабиялъул биценго букӏинеги кколарин.