Гьале тӏаде щвана цоги рахӏматалъул моцӏ — Зулхӏижа. Гьелъул хиралъиялъул бицани, гьеб моцӏалъ борхула бусурбабаз Хӏеж, хъола Къурбан, бачуна зикру, такбир, Гӏарафа къоялъ цӏалула 1000 Къулгьу.

Къурбан хъвеялъул бугеб хиралъиялъул, цогидал байрамазда цебе гьелъул бугеб тӏокӏлъиялъул, Къурбан хъвеялъулъ цӏунизе кколел адабазул ва гьел гурел цогидалги шартӏазул нижее бицана Динияб идараялъул дагӏват гьабиялъул отделалъул Махӏачхъалаялда бугеб бутӏаялъул нухмалъулев Даниял Гӏумаиловас.

Алжаналъуса бачӏараб куй

— Даниял, Къурбан хъвеялъул тарихалде раккани, нилъеда лъала Ибрагьим аварагас вас Исмагӏил Аллагьасе гӏоло Къурбаналъе хъвезе къотӏи гьабун букӏин ва гьеб къотӏи тӏубазе нияталда гьев къватӏиве вахъиндал ккарал хӏикматазул. Гьелъул хӏакъалъулъ дагьаб гӏатӏидго бицани бокьилаан.

-Ибрагьим авараг (гӏ.с.) васги гьавуларого, гьесухъ гӏащикъго вукӏиналъ, ячун йикӏана гьес Хӏажар абурай жиндирго гъараваш. Гьелъ гьавула гьесие Исмагӏил. Амма гъоркь йикӏарай чӏужу Саратил гьелдехун рокьукълъи бижулеб букӏиндал, Ибрагьим аварагас Аллагьасдаса гьарула Хӏажар нахъе йиччазе изну.

Къурбан хъвеялъул гӏид тӏубанго бухьараб буго Хӏежалъул заманалда. Хӏажизабазда лъала Кагӏбаялдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бугеб Сафа-Марва абураб бакӏ. Гьений йикӏаго, къечалъул хӏал цӏикӏкӏун, дое-гьание екерула Хӏажар анкьго нухалъ, цинги Аллагьасде гьабулеб гьариги рагӏун, ракьулъа кӏанцӏун бачӏуна ицц – Зам-Зам. Анкьго нухалъ гьей дое-гьание екериялъул мисал хадуб лъугьана, Мухӏамад (с.т.гӏ.в) аварагасдасан нилъехъе бачӏараб хӏежалъул рукнулъун, киналго хӏажизабазги гьабула гьебго.

Заманалдаса Ибрагьимиде Аллагьасул амру бачӏуна вас Къурбаналъе хъвейилан. Гьеб къотӏи тӏубазабизе щулияб нияталда вукӏуна гьевги. Хӏакълъунго, Къурбан хъвеялъул тарихалъулъ буго нилъее кӏиго мисал, кӏиго дарс. Тӏоцебесеб, рухӏгӏанги жиндие хирияб рижи букӏаниги, Аллагьасул амру тӏубазе гӏоло гьев Къурбаналъе хъвезе хӏадурго вукӏарав эмен Ибрагьимги, жив хъвезехъин вукӏин лъалаго гьелдаса инкар гьабичӏого, Аллагьасул амруялъе мукӏурго хутӏарав вас Исмагӏилги. Тӏадегӏанав Аллагьасеги гьесул Къурбан хӏажат букӏинчӏо, гьеб кинабго букӏана гьес Ибрагьимил гӏакъидаялъул хӏалбихьизе ургъунго гьабураб иш. Гьелдаса Бетӏергьанги разиго хутӏана.

Аллагьасе мукӏурго инсуда цадахъ унев Исмагӏил битӏараб нухдаса таризавизе хӏалбихьун гӏемераб къеркьана, Аллагьас нагӏана кьураб илбисги. «Мун Аллагьас хъвезе вачунев вугин, унге»,-ян Исмагӏил вуссинавизе хӏаракат бахъулеб букӏана гьелъ. Амма Аллагьасул ният гьединаб батани, жив гьелда рази вугилан Исмагӏилица гьелъухъ гӏинцин тӏамичӏо. Гьеб нахъе бачахъизе бокьун, гьелда чӏимхалги речӏчӏана гьес. Гьеб, ай чӏимхал речӏчӏиги лъугьана хӏежалда арабго нилъеца тӏубазабулеб рукнулъун.

Гьединго, кӏудияб хӏикматлъун буго Исмагӏил хъвезелъун, Ибрагьимица гьесул горбода нус бахъидал, нусалъ гьесул гьан къотӏизе инкар гьабиги. Гьелда ццим бахъун Ибрагьимица нус гӏодоб речӏчӏула. Гьеб мехалда нусалъ абула: «Дур ццим бахъиналъе гӏилла дида бичӏчӏуларо, кин дица къотӏилеб Ибрагьимил габур, Аллагьас диде къотӏугеян амру гьабун бугеб мехалда. Гьесул гьан хӏарам гьабун буго дир балалъе», -абун.

Нилъеда бичӏчӏизе ккола Аварагзабазул хӏакъалъулъ къисаби, нилъее батӏи-батӏиял биценаздалъун загьир гьарун ругониги, гьезул кьучӏ, аслу цо букӏин. Гьединго, цо-цо бакӏазда буго Ибрагьимица нус бахъун букӏинчӏин абунги. Жиндир баркат нилъее щваяв Чӏикӏаса Кӏудиясул тӏехьалда буго гьеб киналъулго бицун: гьес нус бахъун хадуб гьелъ къотӏизе инкар гьабиги, носоца Ибрагьимидехун гьабураб каламги. Гьенибго буго Исмагӏилихъ хисун, Къурбаналъе хъвезе Алжаналъуса куйги бачун Жабрагӏил малаик витӏун вачӏиналъул биценги. Гьеб куй букӏанин, жиндир заманалда Адамил вас Гьабилица Аллагьасе садакъа гьабураб, гьес зодобе бачун хадуб Алжаналъуб хьихьун букӏуна гьеб, Исмагӏилихъ хисун Къурбаналъе хъолеб къо тӏаде щвезегӏан. Кинниги, Сагӏид-афандиясул (къ.с.) тӏехь бугелъул гӏемерав чияс цӏалараб ва магӏна босараб, нилъецаги гьелда бугеб биценалде мугъчӏвай гьабуни лъикӏаб букӏина.

Мацӏ лъалареб боцӏи

кӏиго нухалъ чӏваге

— Къурбан хъвеялъулъ цӏунизе кколел адабал кинал ругел? Бищунго хъвезе лъикӏаб хӏайван щиб кколеб?

-Имам Шафигӏиясул мазгьабалда Къурбан хъвей цӏакъго хирияб, беццараб ишлъун бихьизабун буго. Амма тӏадаб парзлъун гьабун гьечӏо. Хъвезе лъикӏаб хӏайван ккола гӏиялъажо, оц яги гӏака, гьединго вараниги. Гьезда гьоркьосаги бищун хирияб буго гӏиялъажо хъвезе, щай абуни, Къурбаналъе оц ялъуни варани хъвезе бегьула анкьго чиги гӏахьаллъун, гӏиялъажо хъвезе бегьула цо чиясдаса. Амма цо чиясдасан гӏиялъажо хъвезе хирияб буго, анкьго чиясдасан варани ялъуни гӏака-оц хъвеялдасаги. Гӏиялъажоялда гьоркьобги бищун лъикӏаб буго хъахӏаб куй хъвезе. Хъолеб хӏайванги букӏине ккола сахаб, кьарияб, унта-щокълъи гьечӏеб, лага камичӏеб. Мисалалъе, гӏуж балаго бащдаб гӏин нахъе босараб ялъуни бацӏица лъукъун бащдаб рачӏ тӏураб лемаг бугони, гьеб Къурбаналъе хъвезе бегьуларо.

Къурбан хъвезе бищунго беццараб буго тӏоцебесеб гӏидалъул къоялъ ва гьединго гьелда хадуб бачӏунеб лъабго къоялъги. Гьездаги абула «Аямул Ташрикъалъул» къоялилан. Нилъеда лъала, кӏалбиччаялъул гӏидалъул къоялъ как базе унаго чамасдакӏги кванан ани беццараб бугеблъи. Къурбан къоялъ беццараб буго, радал вахъиндал щибго тӏагӏам квинчӏого чӏей, ай гӏидалъул как бан лъугӏун хадуб къурбаналъул гьан квинегӏан.

Гьединго, беццараб буго, мисалалъе, Къурбаналъе бичун босулеб чахъу яги куй бугони, бетӏергьанас абураб багьаги кьун, ракӏ разиго даран гьаби.

Гьаниб бицинчӏого гӏоларо, къурбан хъолелъул цӏунизе кколел адабазулги. Хъвезе бачунеб хӏайваналдаса нус бахчизе, гьединго кӏиго я цӏикӏкӏун гӏиялъажо хъвезе бугони, хутӏаразда бихьулареб хӏалалъ, батӏаги бачун хъвезе беццараб буго тӏоцебе горбода нус бахъулеб хӏайван. Свалат-салам лъеяв а варагасги а бун б уго: « Нужеца Къурбаналъе хъолеб хӏайван кӏиго нухалъ чӏваге», -абун. Гьелъул магӏна буго цин жиндирго берда цебе гьалмагъги хъун, кӏудияб захӏмалъиги чӏамизабун гӏазаб кьогейин, хадуб жибгоги хъвезе бугеб хӏайваналъейин абураб. Гьединго, лъикӏаб гьечӏо хъвезе бачунеб хӏайваналъе зулму гьабун, хадуб бехъерхъун, малал ран гӏакъуба кьезеги. Хӏал кӏванагӏан недегьаб бербалагьи букӏине ккола гьелдехун. Цӏакъго кӏвар кьезе кколеб бакӏ буго горбода нус бахъулеб мехалъ цӏунизе кколеб адабалъулги. Рекӏинчӏеб нусги хӏалтӏизабун, чед къотӏулев чияс гӏадин тӏатӏала лъулъазабизе карагьатаб буго. Лъикӏго рекӏинабун, цо нухалъ бахъарабго габур къотӏун рехуледухъе рекӏун букӏине ккола нус. Хъолеб хӏайван гӏазаб-гӏакъубаялдаса цӏуни буго гьеб киналъулго мурад. Гьел бакӏал цӏакъ кӏвар кьун хӏисабалде росизе ккола нилъеца.

Къурбан хъвей цӏакъ хирияб суннатаб иш бугеблъи бицана, амма Къурбан хъвезе рес гьечӏого вугев чиясе беццараб буго къавудаса би баккизабун цо хӏелеко хъунги гьеб къоялъул хӏурмат гьабизе. Амма чара гьечӏого бичӏчӏизе ва лъан букӏине ккола гьеб жо Къурбан кколареблъи, гьеб буго гӏурус мацӏалъ абуни, символическияб къагӏидаялъ гьабураб гӏуж-куц гӏадаб жо.

Кӏалбиччанкъоялдасаги

хиралъи тӏокӏаб

— Къурбаналъул гӏид исламалъул цогидал байрамаздасаги хира гьабун бугин Тӏадегӏанав Аллагьасилан бицуна гӏалимзабаз. Амма гьитӏинаб мехалъ дидаго кколаан Кӏалбиччаялъул байрамалдасаги хирияб байрам батиларилан. К ъурбанкъо г ьедин т окӏ гьабиялъе гӏилла щиб?

-Кӏалбиччаялъул байрамалде нилъ ругьунлъун руго соналдаса соналде чӏухӏарал тепсиял къачӏан, гӏемерал нигӏматал хӏадурун, сайгъатал росизе гӏарац харж гьабун. Амма гьеб шаргӏалда беццараб жо гуро. Узухъда, кӏалбиччаялъул гӏид кӏодо гьабизе, гьалбадерие тӏагӏам хӏадури буго лъикӏаб иш, амма щибаб жоялъул букӏунаха жиндирго гӏорхъи. Цӏакъго тӏокӏборчӏарабги, цӏакъго мукъсанаб куцалъ гьабурабги рекъоларо. Кӏалбиччаялъул гӏидалъул байрам нилъеца къабул гьабизе бегьуларо, Рамазан моцӏ лъугӏиялдаса бугеб рохел гӏадин. Хӏадисазда ва гьединго тӏахьазда буго кӏал кквеялъул моцӏ тӏаса иналдаса рохел загьир гьабиялъ кӏудияб мунагьалде рачине рес бугин. Жибго нилъ ругьунлъун руго кӏалбиччанкъоялъ хасго лъималазе букӏунеб аваданлъиялдаса, рокъо-рокъоре хьвадун тӏобитӏулеб букӏиналъ, гьеб кӏудияб байрам бугин абураб жоялде. Къурбаналъул гӏидалъул хиралъиялъул бицани, гьеб къоялъ хӏеж борхула ва байрам халат бахъуна жеги ункъо къоялъги, Къурбаналъул гьанги щола мискин-пакъирасе. Гьеб ккола хӏатталдаса ун гӏемераб кири щолеб ишги. Гьел мисалал гӏола цогидал байрамазда гьаркьоб Къурбаналъул гӏидалъул даража бичӏчӏизе.

Исламалъ боцӏи чӏваларо…

— Даниял, ахираб заманалда цӏакъ чӏаголъун ругин абизе бегьула хӏайванал цӏунулезул багъа-бачариял. Бусурбабазул байрам бугилан, габуниб нусги лъун Аллагьас бижараб рухӏчӏаголъи гӏумруялдаса батӏа гьаби бичӏчӏизе инкар гьабулеб буго гьез. Гӏемерал гьечӏониги нилъер республикаялдаги руго гьезул пикруцоял. Гьединазда хурхун щиб абилеб?

-Гьединал кӏалъаялги дандечӏеялги загьирлъиялъе гӏурал ресал кьолел руго дагӏба-рагӏи хӏабургъине бокьарал чагӏаз. Цо кибалиго инжитаб куцалъ, хадубги бехъерхъун чахъу хъунила, хъулухъ гьечӏелщинал хъвай-хъвагӏаялги гъоркь рекӏинарун риччарал мисалаз хӏабургъинабулеб буго кинабго. Гьедин батани дагьалги рикӏкӏаде щай гьел раккуларел? Дора Испаниялда щибаб соналъ гӏадамазул рекӏелгъеялъе гӏоло къецалги гӏуцӏун гӏакъуба кьола бугъбузе. Гьединалго мисалал гӏемер дандчӏвала Европаялъул пачалихъазда. Амма нилъеца чӏалгӏадего, ургъун рахъун мацӏ лъалареб хӏайваналъе гӏакъуба кьолеб гьечӏогури гьез гӏадин. Нилъеца гӏиялъажо хъолеб буго, гьан бикьула гьелде хӏажатав нус-нус мискин-пакъирасе, Африкаялъул пачалихъазде гӏунтӏунги щолеб буго гьелъул садакъа. Жакъа гьан кваназе бегьуларилан цо тайпа чӏунилан, тӏолабго гӏаламалъ гьанадаса инкар гьабуларо. Гьан квине шаргӏалъ гьукъун гьечӏо, амма гьеб квине ккани хӏайван хъвечӏого гӏоларо. Нилъеца хӏайван зулму гьабун чӏвалеб гьечӏо, аза-азар соназ цебе нилъеда аварагас бихьизабураб мисалги хӏалтӏизабун хъолеб буго. Гӏакълу бугев чиясе гьелда жаниб гӏураб дарсги мисалги буго.