Медицинаялъул хӏалтӏухъабазул къоялда цебе, Хасавюрт шагьаралъул ЦГБялъул бетӏерав тохтур Титалав Хираевгун дандчӏвана цолъизабураб «Гьудуллъи» газеталъул бетӏерав редактор Шайхмухӏамадов Мухӏамадрасулги газеталъул мухбирзабиги. Гьаб ахираб заманалда коронавирусалъул пандемия тӏибитӏиялда бан ккарал цо-цо лъугьа- бахъиназда тӏасан гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.
— Титалав, гьабсагӏат стационаралда регаразул щиб хӏал бугеб?
-Унти тӏадбараб заманалда сордо-къоялда жаниб нижехъе вачӏунаан 30-40 унтарав. Сон вачӏана 4 чи. Гьеб ккола лъикӏаб хӏасил.
— Гьеб унтуде данде къеркьеялъул мурадалда, кинаб хӏадурлъи гьабун букӏараб шагьаралъул ЦГБялъ?
-Гӏезегӏан захӏматаб хӏал букӏана. Нижее кумек гьабуна ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъги. Медицинаялъул тӏолалго идарабиго гӏадин, нижги хӏадурго рукӏана эпидемиялде данде рагъ базе. Амма хӏасил ккана хӏадурлъиго гьабун букӏинчӏеб гӏадинаб. Щайин абуни, лъиданиги лъалеб букӏинчӏо гьелъул кӏодолъи ва захӏмалъи. Кин батаниги, ресазда рекъон, нижеца гӏураб хӏалтӏи гьабуна.
Нижее кумек гьабуна Халкъияб собраниялъул депутат Висампаша Ханалиевас, вацал Гӏумахановаз. Гьединго, баркала буго шагьаралъул администрациялъе ва шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазовасе. Администрациялъул къайимлъиялда гъоркь гӏуцӏараб гӏарцулаб фондалъ квербакъана тохтурзабазе хӏажатаб кумек щвезе. Гьеб ишалъулъ жидерго бутӏа лъуна волонтеразги, цӏар загьир гьабизе бокьичӏел сахаватал гӏадамазги.
Дир тӏоцебесеб масъалалъун букӏана гъункараб коллектив данде гьаби. Щиб захӏмалъи тӏаде бачӏаниги, нухмалъулев вукӏине ккола жиндирго командагун цадахъ. Дунгоги вукӏана унтун. Дидаги кӏолаан Россиялъул яги Европаялъул бокьараб клиникаялде ине. Амма инчӏо, щайгурелъул, гьелдаса хадуб кин дун валагьизе вукӏарав дирго хӏалтӏухъабазул бадиве? Гьелги рукӏаралъулха унтун.
— Гьеб хӏалуцараб заманалда медицинаялъул хӏалтӏухъабаз ракӏ бацӏцӏадго тӏубазабуна тӏадаб налъи. Гьезул хӏалтӏуе къимат кьун, ругищ гьезие рихьизарурал шапакъатал яги сайгъатал?
-Улкаялъулго даражаялда кӏодо гьаруралги ккана. Гьединго, кӏвараб хӏаракат бахъун хӏалтӏарал нижецагоги кӏодо гьаризе руго ФОМСалъул сурсатаздасан. Цо-цоязе кьуна гӏарцулал шапакъаталги. Гьел дица рикӏкӏуна унго-унгоял бахӏарзаллъунги. Къварилъи ккедал лъала мугъчӏвай гьабизе бегьулевги бегьуларевги чи. Гьел ккола дир командаялъул хӏубал. Гӏарцул бицен ккедалги, гӏемерисел хӏалтӏухъабаз абуна жал гӏарцуе гӏоло хӏалтӏарал чагӏи гурилан.
— Лъазе бокьилаан хваразул къадарги.
-Тӏад бан унти бугеб заманалда медперсоналалъе цӏакъ захӏмат букӏана дару-сабаб гьабизе. Реанимациялда регаразе къваригӏуна хасаб бербалагьиги тӏадчӏейги. Гьединлъидал, ккана больницаялда регарал къадаралде щвеялъул хӏужабиги.
— Заманалда «хехаб кумекалъул» бригада бачӏунеб букӏинчӏолъиялъе гӏилла щиб букӏараб?
-Гьезде гӏайиб гьабизеги бегьуларо. Гьел хӏалтӏулел рукӏана цӏакъго захӏматал шартӏазда. 150 азарго чияс гӏумру гьабулеб шагьаралъе хъулухъги гьабун, цо машинаялъ кумекалдалъун хьезавизе кколаан 1000 чи.
«Хехаб кумекалъул» станциялда букӏине ккола 35 машина. Хӏакъикъаталдайин абуни, буго 13 машина, гьелги басриял. Гьелде тӏадеги, руго пациентал рокъорго сах гьаризе бегьулел, руго захӏматго унтарал, амма больницаялда регизе инкар гьабулел. Гьелъул гӏаксалда, рокъобго дару гьабун хӏебтӏулез гӏарз бахъулеб буго жал больницаялда регизарулел гьечӏилан. Гьединлъидал, щибаб гӏарзалъул хал гьабизе ккола батӏа-батӏаго.
— Гӏемер рукӏуна нужер хӏалтӏул захӏмалъиги лъаларел, медицинаялъул хӏалтӏухъабаздаса разиги гьечӏел гӏадамал. Гьеб хӏалтӏуе къимат кьезе лъалел махщелчагӏаз ЦГБялъул хӏалтӏи кинаблъун рикӏкӏунеб?
-Пандемиялъул заманалда Дагъистаналде бачӏана щуго эксперталъулаб комиссия. Гьел щвана щибаб шагьаралде. Лъикӏаб къимат кьуна Хасавюрт шагьаралъул больницаялъул хӏалтӏухъабаз диагноз лъолеб ва дару гьабулеб къагӏидаялъе.
Масала, больницаялъул хӏалтӏухъабаз кинаб букӏаниги мекъаб иш гьабун, хъачӏго кӏалъан ватани яги кколеб даражаялда унтарав къабул гьавун ватичӏони, гьел рачӏине бегьула дихъе. Хӏакъикъат лъазабичӏого дица теларо. Амма дихъ ругел хӏужабазда рекъон, гӏарзабазул 80 процент хӏакъикъиял кколаро. Нижер хӏалтӏулъ ругел гӏунгутӏаби рихьизарулезе баркалаги буго. Гьез нижее кумек гьабула хӏалтӏи битӏун гӏуцӏизе.
Церечӏарал масъалаби гӏемер руго. Цӏи гьабизе ккола материалиябгун техникияб база. Хӏалтӏизе ккола коллектив щула гьабиялда, унтаразулгун бухьен чӏезабиялда тӏад. Цогидал тӏалабазда гьоркьоса бищунго кӏвар цӏикӏкӏараблъун дица рикӏкӏуна ишцоязе рекъараб харж букӏинаби.
— Гьеб заманалда жаниб кинаб хӏалбихьи щвараб больницаялъул нухмалъулесеги персоналалъеги? Кинаб букӏараб база материалиябгун техникаялъул рахъалъ?
-Материалиябгун техникияб база буго басрияб. Шагьар буго кӏодолъулеб. Районаздаса нижехъе рачӏунел гӏадамалги цӏакъго гӏемер рукӏуна. Хехал шартӏазда хӏалтӏизе ккеялъ рихьизаруна нижерго загӏипал рахъалги. Мисалалъе, кислородалде цӏакъго хӏажалъи ккараб мехги букӏана. Дагьабниги заманалъ гьеб гьечӏого хутӏани, цадахъго 50-60 чи хвезе ресги букӏана. Баркала буго Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъе, гьенисан нижее тӏадеги кьуна газогенераторалъул бочка. Москва шагьаралъул Комунаркаялъул бетӏерав тохтур Денис Проценкоеги бокьана нижер реанимациялъул отделениеги лабораторияги. Реанимациялъул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. Гьенив цого заманалда сах гьавизе бегьула 12-13 унтарав. Щибаб кроваталде бачун буго инсанасул гӏумру хвасар гьабиялъе хӏажатаб система. Монитор нижер гьечӏо, рагӏи кьун буго гьеб босизе. Гӏарац биччан буго «Сименс» аппарат босизеги. КТялъул алатазул букӏана захӏмалъи. Къойида жаниб 150 чиясул хал гьабизе кколеб букӏана. Гьебин абуни буго басралъараб.
Амбулаторияб сах гьариялда вукӏана 402 чи, сахлъана 199, сахлъулев вуго 126 чи. Гьединго, рукӏана захӏматго унтарал чагӏиги. Коронавирусалъул унти нилъее ккана унго-унгояб рагълъун. Гӏадатияб рагъда фронтги, тылги, тушманги рихьула, лъала кир ругелали. Гьанибин абуни лъалеб гьечӏо щалгун рагъулел ругелали, вихьулев гьечӏо тушман. Гьединлъидал, нилъер букӏине ккола цолъиги, гъункиги, сабруги, гӏодоре риччайги. Дир гӏемер руго жидедаса мисал босизе мустахӏикъал, къадру-къиматалда хьвадулел, берцинаб гӏамалалда гӏумру тӏамулел дин батӏиял гьудулзабиги. Бусурбабазда гьоркьор мекъи хьвадулел гӏадамал рихьараб мехалда, кутакалда рахӏат хвезабула. Нилъ руссине ккола Бетӏергьанасде. Нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалда малъизе ккола нилъ щай рижарал, кин хьвадизе кколебали. Ритӏизе ккола гьел батӏиял пачалихъазде цӏализе, гьудуллъи щула гьабизе, гьезул гӏадамаздаса лъикӏаб мисал босизе. Дир гьадинаб къокъаги, кумек гьабулелги рукӏинчӏелани, нижее цӏакъ захӏмат букӏинаан гьаб унтуде данде чӏезе. Кида-къадги нилъер щивасда тункизе бегьула гьеб. Гьединлъидал, рукӏине ккола цолъун.
— Титалав, бокьилаан газета цӏалулезе малъа-хъваял гьаризеги.
-Тӏоцебесеб иргаялда, цӏодорлъи гьабизе ккола. Цӏуне цоцазда гьоркьоб манзил. Хасалихъе коронавирусалъул унтиялъул букӏине бегьула кӏиабилебги этап. Гьединлъидал, тӏад чӏей гьабе иммунитет борхизабиялда, цӏуне рацӏцӏалъи. Рокъор чӏун рукӏинчӏого, зама-заманалда рахъа къватӏире, цӏияб гьаваялде, кӏванагӏан гӏемер чуре кверал, гьумер, кӏал, мегӏер. Нилъер диналъ чанго гӏасруялъ цебего тун руго нилъее вирусалде данде чӏолел малъа-хъваял – къойида жаниб щуго нухалда какие чури.
Дица дирго гъункараб, махщел камилаб, инсанасул сахлъи цӏунизе тӏаде босараб коллективалъе цоги нухалда кьола баркала. Унтарасе кумек гьабизе, гьев сах гьавизе лъайги хӏалбихьиги бугеб гӏоларо. Букӏине ккола рухӏияб бечелъи, рекӏел бухӏи ва гурхӏел. Букӏине ккола берцинаб, хӏеренаб рагӏудалъун гӏадан сах гьавизе махщел. Гьеб кинабго бугин абизе бегьула нижер больницаялда хӏалтӏулелщиназул рекӏелъги бидулъги бессун.