Гьал къоязда ДРялъул экономикаялъулгун социалияб цебетӏеялъул министр Хӏажи Султанов дандчӏвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьес бицана «ДРялъул мугӏрузул ракьазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абураб ДРялъул пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ.

Рехсараб программаялда рекъон ва бизнесалъе кумек гьабиялъул мурадалда гӏумруялде рахъинарулел проектазул хӏакъалъулъ бицунаго, Хӏажи Султановас рехсана гьадинал баянал: «Мугӏрузул ракьлъун рикӏкӏуна ралъдал гьумералдаса 500-ялдаса цӏикӏкӏун метралъ борхалъуда бугеб 30 муниципалияб районалъул азаргоялдаса цӏикӏкӏун росу. Республикаялъул халкъалъул лъабил бутӏаялъ гӏумру гьабула гьениб. Республикаялда къабул гьабуна «ДРялъул мугӏрузул ракьазул хӏакъалъулъ» абураб пачалихъияб программа. Гъоркьиса, ДРялъул бетӏерасул тӏадкъаялги хӏисабалде росун, нижеца хӏадурана цӏияб программа. Гьеб гӏумруялде бахъинабизе ккола 2024 сон щвезегӏан. Гьелда рекъон кинал тадбирал гьаризе кколеб абураб суал нижеца дандбана экспертазда ва жамгӏияталъул вакилзабазда. Аслияб куцалда кумек гьабизе буго производителазе», -ян.

Министрасул баяназда рекъон, республикаялъулаб инвестициязул программа гӏумруялде бахъинабулаго, гьабсагӏаталда балеб буго нусгоялдаса цӏикӏкӏун проект: лъай кьеялъул 25 идара, школалда цебесеб лъай кьеялъул 11 объект, сахлъи цӏуниялъул – щуго, спорталъулгун физкультураялъул – лъабго ва кӏиго – административияб мина. Гьабулеб буго мугӏрузул росабалъе газгун лъим бачиналъул хӏалтӏиги.

Хӏ. Султановас ракӏалде щвезабуна «100 школа» абураб проектги. Гьелда рекъон 2018-2019 соназда 25 районалъул росабалъ къачӏана 139 школа – гьелда тӏад харж гьабуна 378 миллионгун нусазарго гъурущ. Исана къачӏазе буго 21 районалъул росабалъа 76 школа.

«Жамгӏиябгун социалияб ва инженерияб инфраструктура цебетӏезабулеб буго «Бакӏалъул пикраби» абураб проекталда рекъон. 2019 соналда мугӏрузул 16 районалда гӏумруялде бахъинабуна 49 проект – гьелде харж гьабуна 170 миллионгун нусазарго гъурущ», -ан бицана министрас.

Министрас жавабал кьуна журналистазул суалазеги.

Низами Хӏажибалаев (ТАССалъул мухбир): «Щиб хӏалтӏи гьабураб гъоркьиса ва чан гъурущ гьелда тӏад харж гьабураб гьарураб?»

Хӏ. Султанов: «Гъоркьиса, мугӏрузул программаялда гӏахьаллъизе субсидиял кьеян абун, нижехъе бачӏана 65 миллонгун щунусазарго гъурщиде 24 проект. Къецалъул хӏасилалда бергьана лъабго проект («Хлебный дом» ООО, ИП Шейхова Патӏимат ва ИП КФХялъул бетӏер Мухӏамадов Тӏалхӏат). Проектазул гӏемерисезда мухӏканго бихьизабун батичӏо гӏарац сунде харж гьабизе бугебали. Рукӏана гьезул магъало кьеялъул рахъалъ къарзалги».

Тимур Гӏалиев («Российская газета»): «Гьекъезе бегьулеб ва ракьал лъалъазе лъим бачиналъул масъалаби хӏисабалде росун ругищ программаялда?»

Хӏ. Султанов: «Лъел ва цогидал инженериял объектал гъорлъе рачун руго Республикаялъул инвестициязулаб программаялде. Араб соналъул ахиралда гьезул хӏакъалъулъ гӏемер бицана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитетазул данделъабаздаги. 2017 соналде дандеккун, гьел ишазде республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон биччан буго ункъо миллиардгӏанасеб гъурущ (2017 соналда букӏана 100-150 млн гъурущ).

Гъоркьиса хӏукму гьабуна лъел объектазул проектазул хӏакъалъулъ. СКФОялъул цебетӏеялъул хӏакъалъулъ программаялда рекъон, Дербенталда байбихьун буго гьеб масъала тӏубазабизе. Цогидал шагьаразеги хӏадурулеб буго проекталъулгун сметаялъул документал».

Къадир Гӏабдулгӏазизов (РГВК «Дагестан»): «Республикаялда гӏумруялде рахъинарулел руго «Дир Дагъистан» абураб программаялъул проектал. Кинаб проект жакъа рикӏкӏунеб аслияблъун?»

Хӏ. Султанов: «Гьел киналго руго кӏвар бугел. Цӏикӏкӏинабуна гьезде харж гьабулеб гӏарцул къадарги. Масала, «Дир Дагъистан – Дир нухал» проекталъе бакӏазул муниципалитетаздаго тана транспорталъул магъало. Гьеб кинабго хӏалтӏизабизе буго муниципалитетазул нухал къачӏазе».

Диляра Хӏасанова («Мирмол»): «Мугӏрузул росабалъа гӏадамал гочунел руго гӏатӏиракьалде. Гьеб рахъалъ щиб гьабулеб бугеб?»

Хӏ. Султанов: «Нухги, газги, токги, социалияб инфраструктураги гьечӏони, гӏумру гьабизе захӏмалъула. Аслияб масъала буго хӏалтӏудалъун гӏадамал хьезариги. Гьел масъалаби хӏисабалде росун руго республикаялъул инвестициязулаб программаялда. Ахирал соназда гӏадамал гочин дагьлъун буго. Гьелъие квербакъана «Росдал тохтур», «Росдал учитель», «Бакӏалъул пикраби» абурал пачалихъиял проектазги росдал магӏишаталъул нигӏматал хӏадуриялъе субсидиял кьеялъги».

Махӏач Вердиев («Дагестан РИА»): «Кида букӏине бугеб конкурс ва кида лъазе ругел гьелъул хӏасилал?»

Хӏ. Султанов: «Пачалихъияб программа гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда ДРялъул республикаялъулаб бюджеталда исана бихьизабун буго 70 млн гъурущ. Гьеб гӏарцухъ тӏобитӏизе буго анкьго тадбир: ункъоялъухъ кьезе буго 50 проценталъул субсидия (лъабго млн гъурщидаса тӏаде унареб) – гьел рукӏине ккола инвестициязул проектал (кванил нигӏматал хӏадурулел алатал роси, гӏисинал теплицаби рай, кванил нигӏматал цӏунулел бакӏал рай, промышленияб къайи хӏадурулеб предприятие гӏуцӏи яги цӏигьаби).

Лизингалъухъ (хадубккун гӏарац бецӏизеги тун) росдал магӏишаталъул предприятиялъе хӏажатаб техника босизе ккани, предприятиялъ гӏарац тӏаде жубазе ккола техника кьолеб идараялъул капиталалде («Дагагроснаб» ОАОялъе) (10 млн гъурущ).

Программаялда гӏахьаллъиялъул хӏакъалъулъ хитӏабал къабул гьаризе руго августалда. ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, хӏасилал гьарун рахъине ккола 30 октябралде».