Шамил районалъул Хучада росулъа Рашид Хӏажиясулов, дунялалда бищун борхатаб Эверест мегӏералъул тӏогьиве вахун вугилан рагӏидал, гьеле унго-унгояв бахӏарчиян ккана ракӏалде.
Кин ва кида гьеб хасият инсанасулъ загьирлъулеб ва кигӏан гъваридго рукӏунел гьелъул кьалбал? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун дица лъай-хъвай гьабуна батӏи-батӏиял заманалъул гӏакъилал гӏадамазул цо- цо абиязулгун. Ва гьезул гӏемерисез бихьизабулеб буго «Бахӏарчилъи» абураб рагӏиялъе гӏагарал рукӏин: бихьинчилъи, хӏинкъи гьечӏолъи, рекӏел къвакӏи, сункьаго бер къаларев, къварилъаби хӏехьон бажарулев, къварилъабазе бетӏер къулуларев, гьезие къуркьуларев ва гӏемерал цогидалги сипатал.
Дагьав цевегӏан телевизоралдасан кӏалъалаго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран Малышкиница абуна: «Жакъа къоялдаги рагьизе кӏвечӏеб балъголъилъун хутӏун буго доб гӏажалаб рагъулъ бергьенлъи босарал бахӏарзазул бахӏарчилъиги къохӏехьейги», — ян. Дидайин абуни, кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиги лъалаго хвалил бадире ралагьун цӏорол мугӏрул квегъизе хиял лъурал бахӏарзазул рекӏел къвакӏи. Сунца гьел гьеб борхалъиялде хиял гьабизе тӏамурал? Гьеб суалалъе бичӏчӏулеб жаваб кьун бажаруларо жалго альпинистаздацин. Гьеб борхалъиялде бугеб хӏасрат, берцинлъиялде бугеб гъира бугин абураб жоялда божизеги кӏоларо.
Альпинист Геннадий Копейкаца абуна: «Гьеб суалалъе жаваб кьезе, цо рахъалъ цӏакъ бигьаго буго, цогидаб рахъалъ – захӏматгоги буго. Мугӏрул тӏогьиве щварав чияс гьединаб суал кьелароан. Дуда мугӏрузул берцинлъиги, гьезул тӏадегӏанлъиги бичӏчӏараб ва бихьараб мехалъ лъала гьелде дандеккун дур бугеб гьитӏинлъиги загӏиплъиги. Гьебго заманалда дуда лъала дурго кӏодолъиги тӏадегӏанлъиги, гӏицӏго мунлъидал вугев мугӏрул тӏогьиве ххарун, гьелъул каранда».
Рашид Хӏажиясуловасулги бу- кӏун батила нилъеца бицен гьабураб гӏадаб ахӏвал-хӏалги рекӏел хӏалуцинги. Щив ва киса гьев дунялалъул бищунго борхатаб тӏохде вахарав бахӏарчи? Гьев ккола Шамил районалъул Хучада росулъа. Рашид, Хӏебда росдал школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана ДГТИялъул технологияб факультеталде. Гьеб лъугӏидал хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда. Хӏалтӏулев вуго Гъизилюрт шагьаралъул соцстрахалъулаб фондалда. Школалда цӏалулелдаса нахъего кӏудияб рокьи букӏана спорталде.
Гьал мукъсаналго рагӏабаздалъун биография рехсарав Рашид вуго гӏадатияздаса бищунго гӏадатияв ва жинцаго гьабураб кӏудияб гьунарги цӏакъго гьитӏинаблъун бихьулев инсан. Дагъистаналъул мугӏрузда гӏумру гьабулел гӏемерисел гӏадамал дандчӏвала тӏабигӏаталъул бигьаял гурел шартӏазда ва квекӏеназда, гьел хӏажаталлъун ккола гьел къезаризе. Амма цо-цоязин абуни, гьел жеги тӏадеги балагьула, гьез анищ гьабула мугӏрузул тӏогьире ххаризе, гьезие бокьула жалго рорхалъабазде рахине ва мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабизе. Гьеле гьединавлъун ватана Рашидги.
— Лъимерлъудаго дун ракӏалъ рорхатал мугӏрузде цӏалев вукӏана, — ян бицунеб буго гьес Шамил районалъул культуриябгун тарихалъул жамгӏияталъул председатель Мухӏамад Гъазалиевасулгун букӏараб гара-чӏвариялда.
– Цогидаздаса балъгого дун мугӏрузде ххарулев вукӏана, амма мугӏрузде хӏакъикъияб гӏищкъу бижана гьалмагъзабигун цадахъ Эльбрус магӏарде, хӏухьбахъизе араб бакӏалда. Гьедин араб бакӏалда дун ххарана Эльбрусалъул гӏазулал тӏогьазде ва дица пикру гьабуна цогидалги мугӏрул бигьаго кверде росизе ругилан. Абизе ккола, цӏакъ мекъи батана дир гьеб пикру.
Эльбрусалдаса Дагъистаналде тӏад вуссун хадув Шалбуздагалда дир лъай-хъвай ккана кабардиназул альпинист Ольмезовасулгун. Гьев цевеккун Эвересталдеги вахун вукӏун вуго ва гьес дида абуна дагъистаниясе бигьаяб жо бугин дунялалъул тӏогьиве вахинеян.
Эльбрус квегъун хадуб Рашид лъугьана Эверест квегъиялде хӏадурлъизе. 2015 соналда гьес хӏалбихьана Казахстаналъул, Гъиргъизиялъул ва Китаялъул гӏорхъода бугеб Хан-Тенгри борхалъиялде вахине. Гьелъул борхалъи буго 7010 метр. 6800 метралъул борхалъиялде щвараб мехалда Рашид тӏад вуссине ккана. 2016 соналдайин абуни гьев вахана Памир мегӏералъул Ленинил цӏаралда бугеб тӏогьиве. Гьениб гьесул лъай-хъвай ккана Украиналдаса альпинист Виктор Бобковасулгун. Гьес бицана Эвересталде сапар бухьине хӏадурлъулев вугилан.
— Дица хӏукму гьабуна гьесул, 5 чиясдаса гӏуцӏараб, экспедициялда гӏахьаллъизе, — ян бицана Рашидица. – Эвересталде унеб нух гьоркьоса къотӏи гьечӏеб эхедерай гуро бугеб. Гьенире унаго хисизе ккола 6 лагерь. Гьелъ кумек гьабула тӏабигӏаталъул ругьунал гурел кьварарал шартӏазда черх ругьун гьабиялъе. Гъоркьияб лагералда черх ругьун гьабичӏого тӏасияб лагералде ани, гьениб цо мехелалъ гурони гӏумру гьабун бажаруларо инсанасухъа. Нижеца кӏиго моцӏ бана 6400 метралъул борхалъуда бугеб лагералда. Ниж тӏасияб лагералде унаан ва тӏад руссун гъоркьияб лагералде рачӏунаан. Гьединаб хӏалбихьиялда альпинистаз жидерго черхалъул цӏайи тӏаса рехула, дунги 15 килограммалъ хӏалакълъана. Цӏикӏкӏуна бидул тӏадецуй. Гьедин букӏуна цо-кӏиго моцӏалъ гуреб, дагьабги гӏемер заманалъ. Ахирисеб гьужумалда цебе нижеца тӏубараб анкьалъ хӏухьбахъи гьабуна 7200 метралъул борхалъуда. Гьениб гӏемерисеб бараб букӏуна битӏккеялда. Гӏазул гьури бахъани, ниж тӏад руссине кколаан. Талихӏалъ кинабго лъикӏ ккана. Мегӏералъ дун къабул гьавуна, къабул гьавун хадув виччанги тана.
Дида рихьана гьенир даималъго хутӏаралги. Цо-цо мехалъ жаназабазда тӏасан гали тӏамунги ине кколаан. Хварал альпинистазул жаназаби хваралъурго тола, цо-цо мехалъ гьез кумек гьабула нух бихьизабиялъеги.
Лъабго болъо буго ахирисеб эхедераялъул. Нижеца гьел нахъа тана сардил бецӏлъиялда. 6 маялъул радал сагӏат 5 тӏубараб мехалъ ниж мугӏрул тӏогьире рахана. Гьениб 20 минутги бан, ниж тӏад руссана.
Гара-чӏвариялъул ахиралда Рашидица бицана, жидеда хадуб бачӏунеб цогидаб къокъаялда гъорлъ вукӏарав ингушав Мухӏамад Дзейтиевасулгун жидер къотӏи букӏанила: нагагь цояв хвани, чӏаго хутӏарас кӏиябго республикаялъул байрахъал мегӏералъул тӏогьире щвезаризе.
Хал гьабун бихье, кинаб бахӏарчилъи бижулеб бугеб инсанасул рекӏелъ! Гьединал лъугьа- бахъинал дандчӏвалаан гӏицӏго маргьабалъ! Гьанибго абун тезин, Рашид Хӏажиясулов гуро профессионалияв альпинист, гьев вуго унго- унгояб куцалъ мугӏрузухъги гьезул тӏогьазухъги гӏищкъу бергьарав инсан. Гьелде тӏадеги, гӏумруялъул 49 сон бараб мехалда вахана гьев дунялалъул бищунго борхатаб магӏарде.
Гьаб цебехун бицен гьабураб лъугьа-бахъин ккана гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе ва цӏалдолезда ракӏалде ккезе бегьула щайдай гьас гьаб цӏидасан ракӏалде щвезабулеб бугебилан. Гьелъие руго гьадинал гӏиллаби: тӏоцебесеб иргаялда, нилъеда кӏочене бегьуларо бахӏарзал ва гьез гьарурал бахӏарчиял ишал. Кӏиабилеб иргаялда, исана 6 маялда гьеб кӏудияб кӏваралъул лъугьа-бахъин ккаралдаса лъабго сон тӏубана. Лъабабизе, нилъер халкъалъ кӏудияб захӏмалъиялда нухда тӏамуна коронавирусалдаса цӏуна-къай гьабулаго кӏиго моцӏ. Жидерго рахӏатал рукъзабахъ, кодор телефоналги ккун, тамахаб бусадаги регун, телевизоралъухъги балагьун тӏамураб заманги бахӏарчилъилъун рикӏкӏунеб батани, 28 моцӏалъ инсанасулал гурел шартӏазда гӏумруги тӏамулаго бахӏарчияб гьунар гьабурал гӏолохъабазда щибха абизе кколеб!?
Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Абу Гӏубайда Жарахӏил рагӏабаздалъун: «Ва, гӏадамал! Нужеца таваккал бихьизабе Тӏадегӏанав Аллагьасе гӏоло ва Гьес нужее кумек гьабила нужее къохӏехьезе къуватги кьун. Ва, гӏадамал! Къохӏехьеялъ кумек гьабизе буго нужее Аллагь гурхӏиялъе ва суриялдаса нуж хвасар гьариялъе. Нуж бахӏарчияллъун ва Аллагь ракӏалде щвезарулеллъун рукӏа».