Лъаратӏа районалъул Гъерел росулъа Мухӏамадов (Малаев) Гӏабдул вуго 85 сонил ригьалде вахарав чи. Гьесул хӏалтӏулаб гӏумру байбихьана Шуланиб росдал школалъул байбихьул классалъул учительлъун хӏалтӏиялдаса. Гьенисан ана армиялде ва тӏад вуссиндал Гӏабдулада бихьана Лъаратӏа районалъул тӏабигӏаталъе браконьераз гьабулеб бугеб зарал. Гьеб мехалда гьесда ракӏалде ккана гӏагараб ракьалъул тӏабигӏат цӏуниялъе гӏоло гӏумру кьезе.

Иркутскиялъул росдал магӏишаталъул институтги лъугӏизабун, Гӏабдула вачӏана районалде охотоведлъун хӏалтӏизе. Гьесул хӏаракаталдалъун, 1984 соналда Лъаратӏа районалъул ракьалда рагьана «Гутонский» заказник ва гьелъие кьуна цо охотоведасул ва анлъго егерасул штатал. Егераллъун росана лъай бугел гӏолохъаби, заказникалъул ракь бикьана анлъго бутӏаялде. Гьениб лъикӏ хӏалтӏи гӏуцӏиялъул мурадалда егеразухъе кьуна чуял, табелалъулаб ярагъ, патронал, дурнаби, дневникал ва каранда ралел гӏаламатал. Щивав егерас жаваб кьезе кколаан жиндирго жавабчилъиялда гъоркь бугеб участкаялда ругел гӏалхул хӏайваназул.

Гӏабдулал бетӏерлъиялда гъоркь егераз унго-унгояб рагъ лъазабуна браконьеразде данде. Масала, мех-мехалда вертолетазда, гьединго чуязда рекӏун, заказникалде балъго чан гьабизе рачӏунаан Азербайжаналдаса ва Гуржиялдаса браконьерал. Гьезулгун тунка- гӏусиялги камулароан. Гьединаб лъугьа-бахъиналъул цо мисалги бачинин.

— Нижеца заказникалда тӏобитӏулеб букӏана иргадулаб хал гьаби. Маркӏачӏул гӏужалда вихьана Гуржиялдаса вачӏарав ункъояв. Хӏукму гьабуна гьел кквезе. Щивав егерасе кьуна хасаб тӏадкъай ва, дандечӏей гьабуни, кьвагьеянги лъазабуна. Охотнадзоралъул удостоворение бихьидал, браконьераз дандечӏей гьабичӏо. Гьел ратана Тбилисиялдаса стендовияб речӏчӏиялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Тамази Тидиашвили ва гьезул гьудулзаби. Нижеца гьезухъа ярагъ бахъана», — ян бицана Гӏабдулаца.

Гӏабдулал бахӏарчилъиялъул бицунеб цоги лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Доб букӏана 1987 соналъул хасел. Махӏачхъалаялдаса вачӏунев Гӏабдула тӏаде ккана, гӏазуца нух къан, Лъаратӏаса тӏадехун бугеб Тӏохьотӏа росдада аскӏой хутӏарай Къамилухъа кӏиго гӏаданалде. Къаси гьенир хутӏаралани, руччаби цӏорон холаан. Тӏилицаги кверазги гӏазуги нахъе хъван, балагьун нухгун, Гӏабдулаца ракӏ-макӏги гьабун, руччаби церехун рачана. Салда росдада аскӏоре щолеб бакӏалда, тӏун бачӏараб гӏансиялъ рачун, гьел лъабалго Журмут гӏурулъе ккана. Лъеца росун унел руччаби гьес хвасар гьаруна ва кьо бугеб рахъалде нух балагьана. Ахӏи балел руччабазул гьаркьал рагӏун, кумекалъе рачӏана Салда росдал гӏадамалги. Гӏабдулал гьунаралъ хвалдаса йорчӏизаюна кӏиго гӏолохъанай гӏадан.

«Дагъистан» заповедникалда гьоркьобе унеб «Гъизляралъул залив» участкаялъул хӏалтӏи нахъеккун бугинги абун, гьениб хӏалтӏи чӏаголъизабизе кумекалъе витӏана Гӏабдула. Гьеб участкаялда батичӏо я хӏалтӏухъабазе мина-рукъ, я транспорт. Инспекторал хӏалтӏуде рачӏине кколаан Гъизляралдаса яги, чадирги чӏван, гьенирго чӏезе кколаан. Гьеб квалквалги хӏисабалде босун, Гӏабдулаца участкаялда бана лъабго рукъ бугеб мина, гьелда сверун цӏана сетка, бачана ток, лъим, чӏана гъутӏби. Минаялда аскӏоб эхетана 20 метр борхалъиялъул маххул вышка. Къокъабго заманалда хӏалтӏул хӏасилал лъикӏлъана ва дагь-дагьккун браконьеразе нухал къана. Амма заповедникалъул нухмалъи рекъечӏо гьесул жигарчилъиялда. Рухӏги хӏалги кьун тӏабигӏат цӏунулев Гӏабдуладаса гьезие рокьана жидеего багӏараб ччугӏаги чӏегӏераб икраги чӏезабулел егерал. Кӏудияв хӏакимас гьесда рагьун абуна: «Лъикӏаб букӏина мун Сары- кумалъул салул гохӏал цӏунизе ани», — ян.

«Сали цӏунизе гуро дун цӏалун вукӏарав», — ан Гӏабдулаца дагӏба байдал, гӏилла гьечӏого хӏалтӏуде вачӏинчӏогоян багьанаги батун, гьев хӏалтӏудаса вахъана. Верховный судалде гӏунтӏун гӏарз гьабиялъул хӏасилги ккечӏо. Гӏабдула кидаго вукӏана жигарав жамагӏатчилъун. Гъерел росулъ гьес гьабуна жамгӏаталъе пайдаяб гӏемераб хӏалтӏи. Масала, вертолеталда цементги маххги рехун, гьес бана росдае кьо. Рохьобго хъаршиги хӏадурун, росдал мажгиталъул чӏабар къачӏана…

Гӏумру гьабизе Журмут росулъе вахъиндалги Гӏабдулаца гӏемераб хӏалтӏи гьабуна: росдал цо авалалде лъим бачиналъе ва каналал жаниса рацӏцӏад гьариялъе. Квербакъана цӏияб мажгит баялъеги.